Перейти к содержанию

ГӀандалазул бо

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Тарихияб пачалихъ
ГӀандалазул бо
 
Тахшагьар СугъралӀ
ЧӀахӀиял шагьарал CугъралӀ, Ругъжаб, ЧӀохъ
МацӀ(ал) авар мацӀ
Дин
ислам
Халкъ аварал

ГӀандалазул бо — бищун кӀудиял аваразул боязул цояб, жиб бакъбаккул Авариялда букӀараб. Гьелда жаниб унаан 20 росу (шагьар), бищун чӀахӀиял СугъралӀ, ЧӀохъ гин Ругъжаб кколаан.

Парсазул жанилӀугьин

[хисизабизе | код хисизабизе]

1741 соналда Персиялъул хӀаким Надир-шагь Афшарица 100 азарго чи вугеб аскаргун Дагъистаналде жанилӀугьана. Гьебго соналъул сентябиралъ тӀолабго Дагъистан букӀана парсазул кверщаликь, цохӀо Дагъистаналъул бахъичеб хъала Авария хутӀана.[1]

Гъуниб мухъалда бугеб «ГӀандалал» абураб си. Бана 2005 соналъ

ТӀадегӀунтӀараб хӀинкъуда хурхун, ГӀандаллъул чӀухӀбуз данделъи бакӀарана, гьениб хӀукму гьабуна тушманасе дандечӀей гьабизе. ГӀандаллъул къадий Пир-МухӀамадасе боги гӀуцӀизе гьелъул бетӀерги вукӏине тӀадкъай кьуна.

Сентябир моцӀалъул ахиралда парсал лӀугьана ГӀандалалде. Пир-МухӀамадица киналго аваразул бояздехун кверчIвай гьабеян кагъат битӀана, дораса кватичӀого квекиги бачӀана. Гьес, къваригӀичӀеб рагъ гьабичӀого букӀине, гьединго шахасе парламентариял ритӀун рукӀана. Дора гьезул бутӀрул къотӀана. Гьеб ккаралдаса хадуб Пир-МухӀамадица абуна: «Гьанже нижер рекъел букӀине бегьуларин. Нижер гӀакълу хӀарбургъинегӀан ниж рагъилин, жанилӀугьарал тушбабиги щущахъ риххизаризе ругин»[2]. Надир-шах ГӀандаллъул ЧӀохъ росдада бугел мугӀрузде щведал, аварал гьесда данде рагъизе байбихьана гин хараблъизавун виххизавуна. АваралӀ кӀудияб аскарадул бутӀа камурав рес гьечӀеб хӀалалда ккарав Шахасе лӀутӀизе къваригӀун букӀана.[3]

Кавказалъул рагъда

[хисизабизе | код хисизабизе]

Кавказалъул рагъул мехалъ гӀандаллъул росаби Шамилил рахъалда рукӀана. Хъвадарухъан гин кавказалъул рагъазул гӀахьалчи Я. Н. Костенецкица, 1837 соналъ Аваралъул жазачагIазул экспедициялда гьединаб сипат-сурат кьолаан:

Дица цебего дагъистаназул атлетикияб формабазул лъикӀго балагьун букӀаниги, гьанир ругел чагӀаз жиндир борхалъиялъ гин кӀодолъиялъ дун хасго гIажаиблъизавуна: гьезда дандеккун ниж пигмейлъун рихьулаан. Цо гъажалда гъал-гъалараб чIегIербурияб царал цIокогун, борхатаб тӀагъурги лъун, халатаб туманкӀги кверда ккун, рачелида бугеб ханжарги таманчаги, гьелда тӀадеги гургинаб чегӀараб мегежги, далараб кьунсрулги, цӀудул мегӀер гин аваразул берал: гьел руго унго-унгоял бандитал, гьезда цере испаназул яги италяназул хъачагъал васал гӀадин рихьулаан, дун божулевги вуго мелодрама цебетӀолеб мехалъ сценалда щвезабураб гьединаб къокъаца бищун кутакаб эффект гьабулаан.[4]

1877 сонил багъа-бачари

[хисизабизе | код хисизабизе]
БухӀизабураб СугъралӀ

Кинабго Дагъистаналда гӀадин 1877 соналъ ГӀандаллъуда байбихьана багъа-бачари. Ункъабилеб имамлъун рикIкIунев гӀандалав МухӀамад-ХӀажица гьеб бетӀерлъана. 1877 соналъул ахиралъ багъа-бачари гӏодоцине байбихьана. Ноябиралъ тӀарамагъадисеб рахчулеб бакӀ СугъралӀ росу ккуна. СугъралӀ букӀана тӀубанго бухӀун, гьединго болмажгитги кьвагьана. СугъралӀ аскӀоб бугеб ГӀанада абулеб бакӀалда МухӀамад-ХӀажи гин гьесул хӏаракатал нахъбилълъарал чагӏазда цере жанире тӀамуна гин кварида бан гъанкъизаруна. Гъанкъиялда балагьизе тӏолго гьоркьохъеб гин бакътӀерхьул Дагъистаналъул росабаздаса вачана 2000 азарго чи (киналго росабаздаса вачӀине кколев вукӀана 2-ялдаса дагьлъичӏого чи).[5]

  1. ^ Эхо Кавказа. — Махачкала: Ассоциация, 1993. — Вып. 3—9.
  2. ^ "Архивированная копия". Архивация оригинал, 2012-07-11. Щвей 2017-09-16. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help)
  3. ^ Г. Алкадари. Асари-Дагестан: исторические сведения о Дагестане / Пер. и прим. А. Гасанова. — Мх.: Юпитер, 1994. — Гь. 69. — 158 с. Архивация 24 септембер 2015 соналъул.К:Википедия:Халипал мекъи хӀалтӀизарурал гьумерал:ТӀехь (бихьизабун буго archiveurl)
  4. ^ Я. И. Костенецкий. Записки об Аварской экспедиции на Кавказе 1837 года. — Книга по Требованию. — СПб.: Халип:Тип. Э. Праца, 1851. — 122 с. — ISBN 978-5-518-08193-2. Архивация 21 фебруар 2020 соналъул.К:Википедия:Халипал мекъи хӀалтӀизарурал гьумерал:ТӀехь (бихьизабун буго archiveurl)
  5. ^ Sergej Nikolajevič Šubinskij. Древняя и новая Россия: ежемѣсячный исторический журнал. 1880, Том восемнадцатый. — Tipografija V. Gracianskago, 1880. — 876 с.