Туркия
Туркия Türkiye Cumhuriyeti | |||||
| |||||
ШигӀар: «Yurtta Barış, Dünyada Barış (Авар: «ВатІаналда рекъел, тІолабго дунялалда рекъел»)» | |||||
Гимн: İstiklâl Marşı | |||||
ГӀуцӀцӀана | 29 октябр 1923 соналъ | ||||
Расмияб мацӀ | Турк мацI | ||||
Миллатал | {{{Миллатал}}} | ||||
Тахшагьар | Анкара | ||||
ЧӀахӀиял шагьарал | Стамбул, Анкара, Измир, Бурса, Адана, Анталия | ||||
ХӀукмуялъул низам | президентлъиялъул республика | ||||
Президент | Ражаб ТІайип Эрдогъан | ||||
Пачалихъ. дин | Ислам | ||||
Ракь • Кинниги • % лъел бутІа |
36-билеб дунялалда 783,562[1] км² 1,3 | ||||
Халкъалъул къадар • Къимат (2018) • Гъунки |
↗ 82 003 882чи (19-билеб) 105 чи/км² | ||||
ИПГӀИ (2011) | ↗ 0,699 [2] (цІикІкІараб) (92-билеб) | ||||
Этнохороним | туркав, туркай, туркал | ||||
ГӀарац | Турциялъул лира (TRY, код 949) | ||||
Интернет-домен | .tr | ||||
Телефоналъул код | +90 | ||||
СагӀтил рачел | +2, риидал UTC+3 | ||||
Хисизабизе |
Ту́ркия яги Турк (тур. Türkiye), официалияб куцалда Туркиялъул Жумгьурият (тур. Türkiye Cumhuriyeti) — аслияб куцалда БакътІерхьул Азиялда, ва цо-цо бутІа (гІага-шагарго 3 % ракьалъул, 20 % халкъалъул) — Бакъдасебгун-Бакъбаккул Европаялда бугеб пачалихъ. ГІуцІана 1923 соналъ ТІоцебесеб дунялалъул рагъда ГІусманиязул империя къун хадуб ва гьеб бикьиялъул хІасилалда, ва турк миллаталъул гІадамаз гІумру гьабун ругел ракьал хасаб турказул миллияб пачалихъалде сверизабун хадуб. 2015 соналда жаниб халкъалъул къадар бахунеб буго 77 695 904 чиясде, ракь — 783 562 км². Дунялалда гьелъ ккола 18-еб бакІ халкъалъул къадаралъул рахъалъ ва лъебералда налъабилеб бакІ ракьалъул рахъалъ. Пачалихъалъулаб майІ — турк.
Турция ккола динамикияб куцалда цебетІолеб экономикаялъул къайи-матахІ гьабулеб индустриалияб пачалихъ. Бича-хисиялъул бажари буголъиялъул баршалъиялде (БББ) данде ккун халкъалъул цо чиясе ГІЖП-лъул къадар бахуна 19 6100 долларалде лъагІалида жаниб (2014). 2014 соналда БББ-ялъул рахъалъ Турциялъул ГІЖП бахана 1508 млрд долларалде.
Улкаялъул ракьазул цІикІкІунисеб бутІа ккола Анатолиялъул бащадаб чІинкІиллъиялде ва Эрменистаналъул мугІрузул тІалъиялде[прим 1], дагьаб — Балканалъул бащадаб чІинкІиллъиялде ЧІегІер ва Ракьдагьоркьосеб ралъадазда гьоркьоб. Турциялъ гІурхъи цо гьарула бакъбаккудасан Гуржиялъулгун, Эрменистаналъулгун, Азарбижаналъулугн[прим 2] ва Ираналъулгун; къиблаялдехун — ГІиракъалъулугн ва Сириялъулугун; бакътІерхьудахун — Герекалъулгун ва Булгъаралъулгун. Улкаялъул рагІалда буго ункъго ралъад: ЧІегІер, Ракьдагьоркьосеб, Эгей ва Мармар ралъадал.
2000 соналъ Турциялъул Жумгьурияталъе щвана Евроцолъиялъул гІахьалчи-пачалихълъун лъугьине кандидат-пачалихъалъул официалияб статус. Турция ккола НАТО-ялъул гІахьалчи-пачалихъ 1952 соналдаса бахъун.
География
[хисизабизе | код хисизабизе]Туркия буго бакъбаккул башдаб шаралда. Гьелъул гІатІилъи (жанир ругел хІавузал, лъим бакІарарал бакІалгун цадахъ) бахуна 779 452 км². Туркиялъул — 97 % — бутІа буго Азиялда ва 3 % — Европаялда. Туркиялъул географияб хаслъилъун ккола — церегосел заманаздасан бахъун Европагун Азия хурхинарулел ва чІегІералъдал рагІаллъабазда ругел халкъал ракьдагьоркьосеб ралъдал рагІаллъабигун хурхинарулел, аслиял нухазда букІин. Гьанэейин абуни Туркиялъул ракьаздасан лъун руго Азиялъул гІемерал пачалихъал Европагун хурхинарулел маххул ва хъилил нухал.
Улкаялъул ракьазул цІикІкІунисеб бутІа ккола Анатолиялъул бащадаб чІинкІиллъиялде ва Эрменистаналъул мугІрузул тІалъиялде[прим 3], дагьаб — Балканалъул бащадаб чІинкІиллъиялде ЧІегІер ва Ракьдагьоркьосеб ралъадазда гьоркьоб.
Туркиялъул бищун цІикІкІараб халалъул манзил буго бакъбаккудаса бакътІерхьуде — 1600 км, севералдаса къиблаялде — 600 км. Лъабго рахъалъан гьеб батІи-батІиял ралъадаз жанибе бачуна: севералдасан — ЧІегІералъдаца, бакътІерхьудасан — Эгей ралъдаца, къиблаялдасан — Ракьдагьоркьосеб ралъдаца. Туркиялъул европияб ва азиялъул рахъал цоцадаса ратІа гьарун руго, ЧІегІералъадгун Эгей ралъад хурхинабулеб мармар ралъдацаги, Босфор ва Дарданел ралъдал къварилъабаз. Босфоралъул ва Меседил лълъарал (Мармар ралъад) къиблаялдехун буго дунялалъул бищун берцинал шагьаразул цояб ва Туркиялъул бищун халкъ ризаб шагьар — Истамбул.
- ГІорхъаби
Туркиялъ гІорхъаби цо гьарула (сагІтил хъаравулалда рекъон):
- Севералдасан: Болгариялъулгун, ралъад гІорхъи Романиялъулгун, Украиналъулгун, Россиялъугун, ралъдал ва ракълил гІорхъаби Гуржиялъулун.
- Бакъбаккудасан: Эрменистаналъулгун, Азарбижаналъулгун (Нахичеван), Ираналъулугн.
- Къиблаялдасан: ГІиракъалъулгун, Сириялъулгун, ралъдал гІорхъи Кипралъулгун.
- БакътІерхьудасан: ралъдал ва ракълил гІорхъаби Грециялъулгун ва Болгариялъулгун.
Пайдаял магІданал
[хисизабизе | код хисизабизе]Туркиялъул ракьалда 100 гІанасеб тайпа пайдаял магІданазул буго. Улкаялда буго гІемерал тайпаби рудаялъул, химиялъул, цІатІаригун-энергетикаялъул гІатІгоял материалазул. ТІолгодунялалъул лъамамеседалъул нахърателалдаса Туркиялъул бутІа ккола 25 %.
Гьава-бакъ
[хисизабизе | код хисизабизе]Туркия — цІикІкІунисеб бутІаби мугІруздасан гІуцІараб пачалихъ буго, гьединлъидал гьава-бакъги батІи-батІияб куцалда хисардула гІодоблъабаздаги мугІруздаги. Централиял бутІабазда гьава-бакъ гьоркьохъеб даражаялъул континенталъулаб букІуна, багІарараб ва бакъвараб рииги гІураб куцалда цІорораб хаселги букІуна. Эгей ва Ракьгьоркьохъеб ралъадазул гьава-бакъ хасало цІакъ тамахаб букІуна. ЧІегІералъдал рагІаллъиялдайин абуни гьава-бакъ танкараб, цІадал гІемераб ва хасало цІорораб букІуна. Къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун гьава-бакъ тропикияб салул авлахъалъулаб букІуна, цІакъ багІарараб риигун.
Тарих
[хисизабизе | код хисизабизе]- 25—26 август 1071[3] — Малазгирталда къеркьей (Маназкерт, Манзикерт, тарихияб Эрменистаналъул шагьар, гьанже Туркиялъул бакъбаккул рахъалда бугеб Муш икълималда бугеб). Алп-Арсланил бетІерлъиялда гъоркь туркал-селжуказ къвинаруна византиялъулал ва асирлъуде восана византиялъул император Роман IV Диоген.
Халкъ
[хисизабизе | код хисизабизе]Пачалихъалъул аслияб халкълъун ккола — туркал. ГІусманиязул заманалда турказ жододего абулаан "гІусманиял" абун (тур. Osmanlı).
1927 соналъ тІобитІараб тІоцебесеб халкъалъул хъвай-хъвагІаялда рекъон, Туркия жумгьурияталда гІумру гьабулеб букІун буго 13 464 564 чияс[4], гьездаса 2 323 359 курдал[4], 376 000 эрмениял, черкесал, босниял ва и цогидалги.
Кинго улкаялда тІобитІана 12 халкъалъул хъва1-хъвагІай. 1927 соналдаса бахъун Туркиялъул халкъалъул къадар цІикІкІана 4,4 нухалъ, гІицІго 1950 - 1985 соназда жаниб — 2,5 нухалъ. 2009 соналъ Туркиялъул халкъалъул къадар бахана 72,6 млн чиясде, халкъалъул гъунки 88 чи щибаб км², шагьаразда гІумру гьабулезул бутІа 75,5 %, 15 соналдаса рорчІарал хъвазе-цІализе лъалезул бутІа 88,1 %[5].
Туркиялъул ракьазда цокІалаб гуреб куцалда рикь-рикьун руго халкъал. Бищунго гъункун халкъал руго Мармар ва ЧІегІер ралъадазул рагІаллъабазда, ва гьединго Эгей ралъдал рагІалдехун кколел мухъаздаги. Бищунго халкъ ризаб шагьарлъун ккола — Истамбул, бищун гІадамал дагьаб мухълъун ккола — Хаккяри.
Эрменал
[хисизабизе | код хисизабизе]Эрменал — ккола Туркиялъул аслияб халкълъун, гьез гьабула насранияб дин ва эрменал хъвехъилалда цебе гьел гІумру гьабун рукІана тарихияб БакътІерхьул Эрменистаналъул ракьазда ва Киликиялда. XX гІасруялдаса цебе Туркиялъул ракьазда гІумру гьабун рукІарал эрменазул къадар бахунеб букІана 3 000 000 цІикІкІун эрменав[6].
Сирянал
[хисизабизе | код хисизабизе]Сирянал — ккола насранияб дин гьабулеб Туркиялъул аслияб халкълъун. Жакъасеб Туркиялъул къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун, Сириялъулгун ГІиракъалъул гІорхъабазда, XX гІасруялъул авалалда гІумру гьабун рукІана нус аза-азар сиряназ, гьесздаса 500 000 цІикІкІун чи чІвана тІоцебесеб дунялалъул рагъул заманаялъ[7][8]. ЧІаго хутІарал сирянал дунялалда рикь-рикьун ана. Хаккяри икълималъул тІолго халкъалдаса сиряназул къадар букІана 43,7 %. Гьел дунялалда рикь-рикьун аралдаса хадуб гьезул минабахъе рахъана курдал.
Грекал
[хисизабизе | код хисизабизе]Грекалги ккола насранияб дин гьабулеб Туркиялъул аслияб халкълъун. БатІи-батІиял баяназда рекъон, ТІоцебесеб дунялалъул рагъда цебе, жакъасеб Туркиялъул ракьалда гІумру гьабун букІана 2,7 млн. гІунтІарав грекас[9][10]. Жакъасеб Турциялда гІумру гьабун руго гІураб къадаралъул бусурманал греказ.
Курдал
[хисизабизе | код хисизабизе]Курдал — жинца аслияб куцалда ислам гьабулеб, иранмацІазул халкъ. 1927 соналъул халкъазул хъвай-хъвагІаялда рекъон Туркиялда рукІана 2 323 359 курдав [4].
Туркяилад гІемерал соназ, цогидал халкъал турказде сверизабиялъул политика билълъинабулеб букІана. Гьединлъидал, гІага-шагарго миллатазул къадар рикІкІинцин цІакъ захІматаб букІуна. БатІи-батІиял баяназда рекъон Туркиялда ругел курдазул къадар бахуна 10-ялдаса 23 % улкаялъул кинабниги халкъалъул къадаралдаса[11]. 8,13 миллион чи вуго курдазул Туркиялда (2014 соналъул баяназда рекъон[12]), ва аслияб куцалда гьез гІумру гьабулеб буго улкаялъул бакъбаккудахун.
Крималъул татарал
[хисизабизе | код хисизабизе]Туркиялда гІумру гьабун буго гІураб къадар крималъул татараз (гІага-шагарго 500 000 - 5 миллионалде щвезегІан)[13], гьезул аслияб бутІаялъ Туркиялде гьижра гьабуна Россиялъул империялда гъорлъе Крим цІцІаралдаса хадуб, ва гьижра гьаби гьоркьоса къотІичІого цебе инеб букІана XVIII, XIX ва XX гІасрабазда.
Кавказалъул халкъал
[хисизабизе | код хисизабизе]ЦІкІкІараб къадар Шималияб Кавказалъул халкъазулги буго Туркиялда (аслияб куцалда гьел ккола, Кавказалъул рагъдаса хадуб гІурусаз жодорго ватІаназдаса гочинарурал гІадамазул наслаби) — гьезде киназдего турказ гІаммаб куцалда черкесалин абула. Гьездаса руго адигал, абазинал, абхазал, нугъаял, карачаял ва балкарал, дагъистаналъул халкъал ва хасго магIарулал, гъалгъаял, гьириял ва чачанал. Гьезул гІаммаб къадар бахуна 3 миллион чиясде[14].
Туркал
[хисизабизе | код хисизабизе]Туркал — ккола Туркиялъул аслияб ва бищун рикІкІен цІикІкІараб миллатлъун. Гьел кІалъала алтаялъул мацІазул хъизаналдаса тюрказул гІаркьелалда гъорлъе унеб огъуз къокъаялъул мацІалда ва гьез гьабула ислам дин. Турказул умумул ккола — огъузал, гьелги рачІана жакъасеб Туркиялъул централияб бутІаялде XI гІасруялъул бакьулъ, жакъасеб Хъазахъистаналъул ракьазда букІараб тарихияб Огъузазул пачалихъалдасан. 1453 соналъул 29 маялъ турказ греказухъа бахъана Константинопол (гьанжесеб Истамбул).
1927 соналъ Туркиялда гІумру гьабун букІана 13 464 564 чияс, гьезул цІикІкІунисел рукІана туркал. Жакъасеб Туркиялда халкъалъул къажар бахуна 80 000 000 чиясде, гьесдаса 50 000 000 - 59 000 000 чияс жалго туркаллъун рикІкІунел руго (62 % - 74 %)[15][16][17][18]
Динияб рахъалъ туркал — ккола бусурбабилъун (чІикІкІунисеб бутІа — хІанапил мазгьабалъул суниял, дагьаб — гІалевиял).
Цоги халкъал
[хисизабизе | код хисизабизе]ТІадехун рехсарал халкъаздаса батІаго, аслияб куцалда Туркиялъул къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун гІумру гьабун руго миллионалде гІезе рекІарал гІарабаца. Лазазги хемшиназги гІумру гьабун буго аслияб куцалда ЧІегІер ралъдал бакъбаккул рагІаллъабазда. Гьединго улкаялда гІумру гьабун руго албанал, гуржиял, падарал, узбекал, татарал ва цогиги гІемерал миллатазул вакилзаби
Туркиялда гьоркьоса къотІичІого гІумру гьабун буго чанго азарго гІурусас.
Шагьарал
[хисизабизе | код хисизабизе]2014 соналъ Туркиялда букІана 1 млн чиясдаса цІикІкІун чияс гІумру гьабулеб ичІго шагьар.
Шагьар | Халкъалъул къадар |
---|---|
Истамбул | 13 710 512 |
Анкара | 4 630 735 |
Измир | 3 401 994 |
Бурса | 2 100 000 |
Адана | 1 636 229 |
Газиантеп | 1 438 373 |
Шагьар | Халкъалъул къадар |
---|---|
Кония | 1 107 886 |
Анталия | 1 073 794 |
Кайсери | 1 004 276 |
Диярбакир | 920 366 |
Мерсин | 915 703 |
Эскишехир | 659 924 |
Халкъалъул къадаралгун шагьарал:
- — 10 000 000 цІикІкІун чи вугел.
- — 2 000 000 - 5 999 999 чи вугел.
- — 1 000 000 - 1 999 999 чи вугел.
- — 800 000 - 999 999 чи вугел.
- — 500 000 - 799 999 чи вугел.
- — 300 000 - 499 999 чи вугел.
Административияб бикьи
[хисизабизе | код хисизабизе]Туркия бикьула 81 илалде[19][20] (икълимазде, гьелъул бакІалда цебе хІалтІизабулаан вилайет абураб рагІи). Щибаб илги бикьула мухъазде (илче-язде, тур. ilçe), 2007 соналъ Туркиялда букІана 923 мухъ (илче). Илалъул административияб центр букІуна централияб мухъалда (илчеялда - merkez ilçe).
Илалъул сиясиял ишал тІоразе тІадтарасул хъулухъалда цІар буго губернатор (vali), гьевги вихьизавула хІукуматалъ. Губернаторасул чІолеб бакІалде абула вилайет (vilayet).
Росдал магІишаталъул суалал тІорала муниципалитеталъул бетІерас (büyükşehir belediyesi başkanı), гьевин абуни вищула халкъалъ. Мухъазулги (илчеязулги) руго муниципалитетал (belediye) гьезда тІадтаразул хъулухъалде абула мэр-абун (belediye başkanı).
Сиясияб гІуцІи
[хисизабизе | код хисизабизе]Къанунал рахъулеб къуват буго цопалатаялъул парламенталъул кодоб — ТІадегІанаб миллияб мажлисалъухъ (Büyük Millet Meclisi), жибги гІуцІун бугеб 600 депутатасдасан, жалги рищулел 5 сонил болжалалда (2007 сон щвезегІан рищулаан — 7 сонил болжалалда) халкъиял рищияздалъун. Цеве пачалихъалъул бетІер — Республикаялъул президент (Cumhurbaşkanı), вищулаан ТІадегІанаб миллияб мажлисалъ 7 сонил болжалги цІан, гьес тІубазабулаан гІицІго вакиллъиялъул хІалтІаби.
ХІукму билълъинабиялъул къуват букІана Министерлъиялъул Советалъухъ (Bakanlar Kurulu) бетІерав министрасул (Başbakan) нухмалъиялда гъоркь. Гьединлъидал пачалихъалда цІикІкІунисел ихтиярал рукІана бетІерав-министерасухъ. ХІукму билълъинабиялъул ва къанунал рахъиялъул къуватазда тІад халкквей гьабула Конституциялъул Диваналъ (Anayasa Mahkemesi), жибги гІуцІун бугеб, президентас рихьизарурал, 11 даимав ва 4 хисулел членаздасан. Председателем Конституциялъул Диваналъул председателлъун (2007 соналъул октябралдасан бахъун) вуго Хашим Килич[21][22].
2007 соналъул 21 октябралда Туркиялда тІобитІана билъанхъизабулеб бугеб конституциялда рекъезариял гьариялъул референдум. Гьел рекъезариязул хІасилалда хисизабуна президент вищулеб къагІида, гьесул ихтиярал ва гьесие лъураб болжал, гьединго парламенталъул ихтияразул болжалги. 1982 соналъ лъураб конституциялда рекъон пачалихъалъул бетІер — президент — вищулаан парламенталъ. Президент вищулаан 7 сонил болжалги цІан ва кІиабизе вищизе ихтиярги букІинчІо. ЦІиял тІаде рачІарал рекъезариязда рекъон, улкаялъул бетІер вищула тІолго халкъалъул рищияздалъун 5 сонил болжалалда ва гьесие рес буго цоги цо болжалалъ вачІине ришиял гьаризе. Парламенталъул рищиял гьарула 4 сонида жаниб цо нухалъ.
Жакъа Туркиялъул бетІерлъиялда буго консервативияб (цІиябщиналда данде чІараб) РитІухълъиялъул ва цебетІеялъул партия.
2017 соналъул 16 апрелалъ Туркиялда тІобитІана конституциялда хиса-басиял гьариялъул референдум, гьелъул хІасилалда президентасул ихтиярал цІикІкІинаруна, парламенталда бакІал цІикІкІинаруна ва бетІерав-министрасул хъулухъ хвезабуна. Гьел рекъезариязул рахъ ккун гьаракь кьуна 51,41 %, данде рахъана 48,59 %. Туркия лъугьана президентлъиялъул республикалъун[23].
КъватІисеб сиясат
[хисизабизе | код хисизабизе]2000 соналъ Туркиялъул Республикаялъе щвана пачалихъ — кандидат абураб официалияб статус Евроцолъиялъе членлъун лъугьине. Туркия ккола НАТОялъул членлъун 1952 соналдасан байбихьун.
Америкаялъул эксперт Фион Хиллица загьир гьабулеб буго, БакътІерхьуда бачІеб, икълималда кІвар бугеб пачалихъ бугин Туркия абун, цо чанго шималиябгун-атлантикиял гІуцІабазда гъорлъ гьеб букІанигицин[24]. Жиндирго гІорхъабазда сверухъ ругел пачалихъазда гІемерал ишкалаби ругониги, Туркиялда бажарана кІудияб экономикиял ресал гІуцІун ва гьелъ жигара бахъулеб буго цебе букІараб гІусманияб пачалихъалъул гІатІилъабазда цебехъан-пачалихълъун букІине[25].
Кавказалъул икълим ккола — Туркиялъул къватІисеб сиясаталъул кІвар бугел пунктаздаса цояблъун. Туркиялъул къватІисел ишазу министр Мевлют Чавушоглуца кьураб баяналда рекъон, Туркиялъ жигара бахъулеб буго цоцадарарал рукІине Кавказалъул пачалихъалгун[26].
Туркия ва Евроцолъи
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьаб заманаяляда Туркиялъ Евроцолъиялъулгун гьарулел руго кІалъа-ралъаял, Туркияги европаялъул сиясиябгун-экономикияб гІуцІиялда гъорлъе лъугьине.
Маданият
[хисизабизе | код хисизабизе]Дин
[хисизабизе | код хисизабизе]Къануналда рекъон Туркиялда динал пачалихъалдаса батІа гьарун руго ва улкаялъул живав чиясе бокьараб дин гьабизе ихтияралги кьун руго. Улкаялъул цІикІкІунисеб халкъалъ гьабула исламияб дин ва гьел ккола хІанапил мазгьабалъул гІадамаллъун. Гьединго гІорхъолъа ун машгьурал руго батІи-батІиял тІарикъатал. Аслияб куцалда машгьурал тІарикъатал руго накъшубандияб ва мевлеви тІарикъатал. Руго Туркиялда шапигІил мазгьабалъул гІадамалги, гІемерисел курдал ккола гьел. ГІемераб къадар мажгитазулги буго улкаялда — 78 000 мажгит.
Экономика
[хисизабизе | код хисизабизе]Улкаялъул экономикаялдаса промышленносталъ ккола 28 %, росдал магІишаталъ — 15 %, минаби раялъ — 6 %, халкъалъе гьарулел хъулухъаз — 51 %.
2018 соналъ Туркиялъ ккуна дуниялалда 18 бакІ экономикаялъул гучалъул рахъалъ.
2020 соналъул 1 январалдасан байбихьун, Туркиялда хІалтІул харжалъе чІезабураб бищун дагьаб къадар ккола 2943 туркиялъул лир (брутто) (€442,17) ва 2324,70 туркиялъул лир (нетто) (€349,17).[27][28][29][30][31]
Транспорт
[хисизабизе | код хисизабизе]Улкаялда руго чанго гьавамухъал, жанисел ва халкъаздагьоркьосел рорженал гьарулел. ЦІикІкІараб къадар туристазул букІиналъ, Туркиялда цІакъ цебе тІураб система буго гІаммаб транспорталъул — автобусазул хьури ва метро (1996 соналдаса бахъун). Гьединго руго чанго порталги, маххул нухазул хьури ва нартгун газ бачиналъул хьураби.
Туризм
[хисизабизе | код хисизабизе]Турциялда цІакъго цебе тІун буго туризмаялъул хъулухъал и инфраструктура. Гьеб бараб буго ралъдал курортал рукІиналда ва машгьурал гьайбатал бакІал гІемер рукІиналда.
КъватІисеб бича-хиси
[хисизабизе | код хисизабизе]2017 соналъ[32] Туркиялъ ккуна 27-еб бакІ къватІисеб бича-хисияьлъул къадаралъул рахъалъ, къватІисел пачалихъазе гьабураб бича-хисиялъул (экспорт) къимат бахана $166 миллиардалде, къватІисан жанибе бачІараб (импорт) - $214 миллиардалде.
Рагъул къуватал
[хисизабизе | код хисизабизе]Туркиялъул рагъул къуватал (тур. Türk Silahlı Kuvvetleri) ккола — эркенлъи, лъидагобангутІи ва улкаялъул ракьазул кІибикьичІолъи цІунизе цойиде ракІарарал аскарал. 2006 соналъ кьурал баяназда рекъон туркиялъул армиялъул рикІкІен бахуна 514,85 азр. аскариясде[33].
Иццал ва мугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ "CIA - The World Factbook". Архивация оригинал (2017-09-20). Щвей 2013-02-19.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help) - ^ Список стран по ИРЧП 2011
- ^ . — Т. 1. — Гь. 170. — (Corpus Fontium Historiae Byzantinae).
- ^ a b c "Over 22.5 million Kurds live in Turkey, new Turkish statistics reveal" (in английский). ekurd.net. Архивация оригинал (2020-04-11). Щвей 2017-01-02.
- ^ Турция между западом и Востоком В. Л. Мартынов, И. Е. Сазонова, 2011
- ^ The Pre-1895 Censuses in Ottoman Empire | Aniarc
- ^ The Armenian Genocide: Wartime Radicalization Or Premeditated Continuum — Page 272 edited by Richard Hovannisian
- ^ The Plight of Religious Minorities: Can Religious Pluralism Survive? — Page 101 by United States Congress
- ^ "ΜΙΚΡΑΣΙΑΤΙΚΗ ΚΑΤΑΣΤΡΟΦΗ — 80 ΧΡΟΝΙΑ ΑΠΟ ΤΗ ΣΥΝΘΗΚΗ ΤΩΝ ΣΕΒΡΩΝ". Архивация оригинал (2018-04-16). Щвей 2019-11-29.
{{cite web}}
: Unknown parameter|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help); no-break space character in|title=
at position 24 (help) - ^ Stanford J. .
- ^ "Turkey - Kurds". World Directory of Minorities and Indigenous Peoples (in английский). Щвей 2017-10-08.
- ^ "Kurdish, Northern". Архивация оригиналалдаса 2016-05-03. Щвей 2016-05-03.
- ^ Crimean Tatar population in Turkey
- ^ "Turkey - Caucasians". World Directory of Minorities and Indigenous Peoples (in английский). Щвей 2017-10-08.
- ^ Milliyet. "55 milyon kişi 'etnik olarak' Türk". Щвей 2011-07-21.
- ^ KONDA Research and Consultancy, "Social Structure Survey 2006" (PDF). Архивация оригинал (PDF) (2010-10-30).
{{cite web}}
: Unknown parameter|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help) - ^ Library of Congress – Federal Research Division. "Country Profile: Turkey". Архивация оригинал (PDF) (2018-12-25). Щвей 2010-02-06.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help) - ^ CIA. "The World Factbook". Архивация оригинал (2017-09-20). Щвей 2011-07-27.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help) - ^ Турция // Большая российская энциклопедия : [в 35 т.] / гл. ред. Ю. С. Осипов. — М. : Большая российская энциклопедия, 2004—2017.
- ^ / жав. редактор А. М. Комков. — 459 гь. — 70 000 экз.
- ^ Constitutional Court president has 'clear conscience' over DTP ban (инг.)
- ^ "Персональная страничка председателя Конституционного Суда Турции" (in турецкий). Архивация оригинал (2007-12-28).
- ^ [1] (нем.)
- ^ Brookings Institution: действия Запада не застали Россию врасплох // РИА Новости, 13.12.2014
- ^ Отношение США к политике Турции на Кавказе Archived 2017-07-04 at the Wayback Machine // lragir.am
- ^ Кавказу отводится значительное место в системе международных отношений Archived 2013-06-20 at the Wayback Machine // ARMENIA Today
- ^ [2] (хвараб регӀел)
- ^ [3]
- ^ [4]
- ^ [5]
- ^ [6]
- ^ "Турция на справочнике внешней торговли The Observatory of Economic Complexity". Архивация оригинал (2019-08-19). Щвей 2020-02-20.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help) - ^ "The Asian Conventional Military Balance in 2006: Overview of major Asian Powers" (PDF). Архивация оригинал (PDF) (2010-02-10). Щвей 2010-02-10.
{{cite web}}
: Unknown parameter|deadlink=
ignored (|url-status=
suggested) (help)
Портал «Турция» | |
Турция Викикъамусалда | |
Турция Викицитатаялда | |
Турция Викимактабалда | |
Турция Викигъамасалда | |
Мета-Викиялда | |
Турция Викихарбазда | |
Турция Викидалилалда |
- Что такое Турция? Archived 2016-12-21 at the Wayback Machine
- Новости Турции.ru — Крупнейший информационно-новостной портал о Турции на русском языке
- Лидия Сычева. Путь к Босфору
Азиялъул пачалихъал | ||
---|---|---|
Къажар¹ · Афгъанистан · Бангъладеш · БахІрейн · Буруней · Бутан · Бакъбаккул Тимор · Ветнам · Хъизихъ¹ · Исраил · ГӀиракъ · Имаратал · ГІуман · Индия · Индонезия³ · Урдун · ХIамшар · Яман² · Кампуч · КъатІар · Къибрис¹ · Хъиргъизистан · Китай · Чосон · Кувайт · Лаос · Лубнан · Малай · Малдивал · Египет² · Мангъулия · Миянам · Непал · Пакистан · Россия4 · СагIудиязул ГIарабия · Сингъапур · Сирия · Таджикистан · Тай · Туркия · Узбек · Пилипин · Шири-Ланк · Армения · Хангуг · Нипон · Хъазахъистан¹ · Туркменистан ТІубанго пачалихъаллъун рикІкІинчел яги цояца рикІкІун цогияз рикІкІинчІел пачалихъал: Абхаз · Азад Кашмир · Ва Пачалихъ · Вазир · ГІиракъалъул Курд · Китаялъул Республика · Гъарабагъ · ПилистІин · Тамил-Илам ·Бакъбаккул Къибрисалъул Турк · Шан Пачалихъ · Бакъдасеб Гьири ¹ БутӀа Европалда бугеб яги тубанго Азиялда бугеб. ² Гьебго куцалда Африкаялда бугеб. ³ Гьебго куцалда Океаниялда бугеб. 4 Гьебго куцалда Европаялда бугеб. |
Халип:Балканалъул бащадаб чІинкІтллъиялъул пачалихъал
Халип:Ракьдагьоркьосеб ралъдал рагІалда ругел пачалихъал
Халип:ЧІегІер ралъдал рагІалда ругел пачалихъал
Халип:G20
Халип:НАТО
Цитатинабиялъул гъалатӀ: Для существующих тегов <ref>
группы «прим» не найдено соответствующего тега <references group="прим"/>
- Страницы, использующие расширение JsonConfig
- CS1 errors: invalid parameter value
- CS1 английский-мацӀаб ицц (en)
- CS1 errors: unsupported parameter
- CS1 errors: invisible characters
- CS1 турецкий-мацӀаб ицц (tr)
- Webarchive template wayback links
- Википедия:ХӀалтӀуларел регӀелалгун гьумерал
- Википедия:Статьи с вики-разметкой в изображении карточки
- Макъалаби цитация Авар-мацӀаб текстгун
- Pages using Lang-xx templates
- Алфавиталда рекъон пачалихъал
- Articles with hatnote templates targeting a nonexistent page
- Википедия:Мекъи рихьизарурал БакӀКартаби
- Викикъамусалде ссылкабигун макъалаби
- Викицитатаялде ссылкабигун макъалаби
- Викимактабалде ссылкабигун макъалаби
- Викихарбазде ссылкабигун макъалаби
- Викидалилалде ссылкабигун макъалаби
- Турция
- НАТОялъул пачалихъал
- Тюрказул пачалихъал
- Страницы с ошибками в примечаниях
- Картабигун гьумерал