Перейти к содержанию

Илам (остан)

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Илам
blank300.png|300px]]
БахӀрейнКъатӀарГӀуманКувейтТурцияЭрминистанАзарбижанТуркменистанАфганистанПакистанГӀиракъСагІудиязул ГІарабияЦолъарал ГIараб ИмараталКаспий ралъадПарс заливОрмуз проливГӀуман заливЮжный ХорасанЙаздСистан ва БалучистанКерманХурмузганПарсБушерХурасан-РезавиШималияб ХурасанГулестанМазандаранСемнанТегьранАлбурзКъумЧехармехаль и БахтиарияКохгилуйе и БойерахмедХузестанИламЛурестанЦентральный останИсфагьанГиланАрдебильКъазвинХамаданКерманшагьКурдистанВосточный АзербайджанЗенджанЗападный Азербайджан
[[file:blank300.png
Пачалихъ
Адм. марказ Илам
Тарих ва география
ГӀуцӀи 1973
ГӀатӀилъи 20 133 км²
Халкъ
Къадар 580 158 чи  (2016 сон)
Гъунки 27,11 чи/км²
Расмиял мацӀал курд
парс
лури
гІараб
Цифрабазул идентификаторал
Телефоналъул код 0841

Ошибка Lua в package.lua на строке 80: module 'Module:Wikidata/url' not found.
Ошибка Lua в Модуль:Wikidata на строке 334: Функция для отображения значения не найдена..
 Медиафайлал Викигъамасалда

Ила́м (парс ایلام  — Ilâm) — ккола Ираналъул 31 провинциялъул (останазул) цояб. Остан буго пачалихъалъул бакътӀерхьул рахъалда, гӀорхъода руго останал: шималалдаса Керманшагь, Лурестан — бакъбаккуда, Хузестан — жунубгун-бакъбаккуда, ва гьединго жунубгун-бакътӀерхьуда буго ГӀиракъгун гӀурхъи. Ракь — 20 133 км²[1], халкъалъул къадар — 545 787[1] чи (2006). Гьезул гӀемерисел ккола курдал, амма гьединго луралги гӀемер руго.

Административияб марказ — Илам шагьар, цогидал чӀахӀиял шагьарал — Эйван (30 аз.), Дегьлоран (28 аз.), Абданан (22 аз.), Даррешагьр (19 аз.), Аркваз (15 аз.), Мегьран (14 аз.), Сарабле (10 аз.).

Илам буго пачалихъалъул бакътӀерхьул рахъалда, Загрос тӀалъиялда. Бищун борхатаб танкӀ — Кабир-Кугь (2790 м). Илам ккола Ираналъул бищун хинаб останама хасало температура 3-5 °C бортизеги бегьула. ЛъагӀалил гьоркьохъеб роччен — 578 мм.

МацӀазул состав
МацӀалъул цӀар Процент КӀалъалезул къадар (2016 с.)
Курд мацӀ 85% 493 134 чи
Парс мацӀ 10% 58 015 чи
Лур мацӀ 3% 17 404 чи
ГӀараб 2% 11 603 чи

Административияб бикьи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Остан бикьула 8 шагьрестаналда:

КартаКартаялда аббревиатураШагьрестан
Илам останалъул административияб бикьи
Илам останалъул административияб бикьи
AAАбданан
DaДаррешагьр
DeДегьлоран
EЭйван
IИлам
MeМегьран
MaМалекшагьи
ShChШирван ва Чердавель

Экономиаялъуд аслиял отраслял — росдалаб магӀишат (ролӀ, зайтун, багӀли, цитрусал, чамастак, гӀеч, гени, курак, микьир, цӀулакьо, хурдул), кванил, нартул, цементалъулаб промышленностал, нарт ва газ бахъи, бича-хиси, транспорт ва ГӀиракъалда зияраталда унел шигӀиязул транзит.

Илам шагьаралда буго цементалъул завод «Симане Илам». Шебаб шагьаралда — завод алкол гьечӀел гьекъелалъул завод «Парсика».

Рихьизе бакӀал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Илам шагьаралда руго Губернаторияб ва Миргъулам хъалаби. Абданан шагьаралда буго Сасаниязул заманялъул хъала.

Гьединго останалда интересал бакӀаздасан ккола Сасаниязул заманялъул зартуштиял как балеб бакӀазул риххелал (гьездасаго ккола Сиягол айван).

  1. 1 2 Statoids.com (инг.)