Хурмузган

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Хурмузган
blank300.png|300px]]
БахӀрейнКъатӀарГӀуманКувейтТурцияЭрминистанАзарбижанТуркменистанАфганистанПакистанГӀиракъСагІудиязул ГІарабияЦолъарал ГIараб ИмараталКаспий ралъадПарс заливОрмуз проливГӀуман заливЮжный ХорасанЙаздСистан ва БалучистанКерманХурмузганПарсБушерХурасан-РезавиШималияб ХурасанГулестанМазандаранСемнанТегьранАлбурзКъумЧехармехаль и БахтиарияКохгилуйе и БойерахмедХузестанИламЛурестанЦентральный останИсфагьанГиланАрдебильКъазвинХамаданКерманшагьКурдистанВосточный АзербайджанЗенджанЗападный Азербайджан
[[file:blank300.png
Пачалихъ
Адм. марказ Бандар-ГӀабас
Тарих ва география
ГӀатӀилъи 70 669 км²
Халкъ
Къадар 1 403 674 чи  (2006 сон)
Гъунки 19,86 чи/км²
Расмиял мацӀал фарси
Джаск ва Минаб районазда балучги
Цифрабазул идентификаторал
Хурмузган картаялда
 Медиафайлал Викигъамасалда

Хурмузга́н (парс هرمزگان‎ — Hormozgân) — ккола Ираналъул 31 провинциялъул (останазул) цояб. Гьеб буго пачалихъалъул жунубалда, Парс заливалъул шималияб рагӀалалда. Административияб марказ — Бандар-ГӀабас шагьар. Ралъдал рагӀалалъул халалъи — гӀ.-ш. 1000 км. Провинциялда гьоркьоб уна 14 Парс заливалъул чӀинкӀилъи (Къешм, Лаван, Ормуз, Киш, Форур, Бани-Форур, Сирри, Томбе-Бозорг, Гьендураби, Ларак, Абу-Мусса ва цог.).

Ракьалъул гӀатӀилъи — 70 669 км²[1], население 1 403 674 человек[1] (2006), арабы, персы, и белуджи. Останалъул бищун чӀахӀиял шагьарал ккола — Бандар-ГӀабас (360 аз.), Минаб (55 аз.), Дегьбарез (31 аз.), Къешм (28 аз.), Бандар-Ленге (26 аз.), Киш (23 аз.), ХӀажиабад (21 аз.), Джаск (12 аз.), Бандар-Хамир (12 аз.), Парсиан (11 аз.), Бастак (10 аз.). Останалда гъорлъе уна 11 шагьрестан, 69 муниципалитет ва 2046 росу.

География[хисизабизе | код хисизабизе]

Провинциялда цӀакъ бакъвараб ва багӀарараб климат буго, риидал цо-цо мехалъ температураялъул даража 49 °С бахула.

Чанго гӀорги буго останалъул ракьалдаса чвахулеб: Мегьран, Расул, Кол, Руде-Ширин, Минаб, Мазави, Газ, Джегин, Габрик, Седидж ва цогидал.

Парс Заливалда чӀинкӀилъаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Провинциялда гьоркьоб уна 14 Парс заливалъул чӀинкӀилъи (Къешм, Лаван, Ормуз, Киш, Форур, Бани-Форур, Сирри, Томбе-Бозорг, Гьендураби, Ларак, Абу-Мусса ва цог.).

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

XIV—XVII гӀгӀ. гьаб регионалда букӀана бича-хисиялъул рахъалдаса цӀакъ кӀвар бугеб Ормуз абураб пачалихъ.

Административияб бикьи[хисизабизе | код хисизабизе]

Провинция бикьула 11 шагьрестаналда:

  1. Абумуса
  2. Бастак
  3. Бандар-ГӀаббас
  4. Бандар-Ленге
  5. Джаск
  6. Къешм
  7. Минаб
  8. Парсиан
  9. Рудан
  10. ХӀажиабад
  11. Хамир

Экономика[хисизабизе | код хисизабизе]

Аслиял экономикиял бутӀабаздаса ккола — нартбахъулеб, химикияб, металлургияб, кванилаб, гумулралеб, автомобилияб, керамикияб, текстилияб, хъарщидул промышленностал, нарт, газ, цӀам, гипс, охра, хромалъул ва маххул руда бахъи, транспорт, бича-хиси, росдалаб магӀишат (чамастак, писташкаби, куракулъул гага, пастӀан, цитрусал, манго, бананал, пер, тамахьо, алоэ), ччугӀа кквей, туризм, финансал.

Бандар-ГӀабасалда руго Эркенаб экономикияб зона «Персиан Галф Майнинг энд Метал Индастриз» («Имидро» / «Нэшнл Ираниан Стил Компани») ва кӀудияб нарталъул терминал;

Лъайкьей[хисизабизе | код хисизабизе]

Рихьизе бакӀал[хисизабизе | код хисизабизе]

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. 1,0 1,1 Statoids.com (инг.)

РегІелал[хисизабизе | код хисизабизе]