Хузестан
Хузестан | |
---|---|
31°19′38″ ш. гӀ. 48°41′38″ в. д.HGЯO | |
Пачалихъ | |
Гъорлъе уна | 23 шагьрестан |
Адм. марказ | АхӀваз |
Тарих ва география | |
ГӀатӀилъи | 64 055 км² |
СагӀтазул зона | UTC+3:30, летом UTC+4:30 |
КӀудиял шагьарал |
Абадан Бегьбагьан Дизфул Масжеде-Сулейман Сусенгерд Гьуремшагьр Шуштар |
Халкъалъул къадар | |
Халкъ |
4 274 979 чи (2006) |
Гъунки | 66,74 чи/км² |
Расмиял мацӀал |
парс гӀараб кашкай лури |
Цифрабазул идентификаторал | |
ISO 3166-2 код | IR-06 |
Телефоналъул код | 0632422 |
![]() |
|
![]() |
Хузеста́н (парс خوزستان) — Ираналъул 31 провинциялдаса (останазул) цояб. Гьелъул мадугьалал останал ккола шималгун-бакътӀерхьуда Илам, Лурестан — шималалда, Исфагьан — шималгун-бакъбаккуда, ЧагьармахӀал ва Бахтиария ва Когьгилуйе ва БуйерахӀмад — бакъбаккуда, ва бакътӀерхьуда гӀорхъи уна ГӀиракъгун. Гьединго жунубалда буго Парс залив. Ракьалъул гӀеблъи — 64 055 км²[1], халкъалъул къадар — 4 274 979 чи[1]. Административияб марказ — АхӀваз шагьар.
Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]
Хузестан абураб цӀар ккола «Хузазул улка»-йин абураб жо, Ахаманишазул заманаялъ гьеб ракьалда гӀумру гьабун букӀарал хуз абураб къавмалъул цӀаралдаса лъугӀараб.
Хузестаналъул жунубияб рахъ Гьоркьохъел гӀасрабазда «ГӀарабистан» абун лъалеб букӀана, гьенир гӀарабал цӀцӀикӀкӀун рукӀи сабаблъун.
Гьанжесеб цӀар расмияб къагӀидаялъ тасдикъ гьабуна 1923 соналъ Реза-шагьица
Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]
Хузестан остан ккола Ираналъул бищун некӀсиял останаздаса, щайгурелъул гьаниб букӀана Ираналъул ракьалда тӀоцӀебесеб Элам абураб пачалихъ гӀуцӀун н. э. цебе 3 азарсоналъ, гьелъул тахшагьарги букӀана Шуш шагьар (яги Сузал). Хузестаналъул ракь Ираналда гъорлъе ана н. э. цебе 539 соналъ Ахаманишазул империя гӀуцӀарав КӀудияв Курашица.
Сепаратизм[хисизабизе | код хисизабизе]
ГӀарабазул Ас-СагӀада абураб партия буго 1946 соналдаса нахъе Хузестаналъул Ираналдаса эркенлъиялъе гӀоло къеркьолеб.
Административияб бикьи[хисизабизе | код хисизабизе]
Остан бикьула 23 шагьрестаналда:
Шагьарал[хисизабизе | код хисизабизе]
Халип:Гь. балагье Бищун чӀахӀиял шагьарал — АхӀваз, Абадан, Гьуремшагьр, Дизфул, Масжеде-Сулейман, Шуштар, Бандар-Хумейни, Бандар-Могьшагьр, Бегьбагьан
АхӀваз | 969 700 | Масжеде-Сулейман | 108 700 |
Дизфул | 257 000 | Изе | 104 400 |
Абадан | 217 900 | Бехбехан | 101 200 |
Эндимешк | 179 800 | Рамшир | 80 000 |
Гьуремшагьр | 125 900 | Шуштар | 75 200 |
Сусенгерд | 120 000 | Омидийе | 58 600 |
Бандар-Могьшагьр | 111 400 | Шадеган | 52 900 |
Экономика[хисизабизе | код хисизабизе]
Остан буго бечед нарталъул ва газалъул запасул рахъалдаса, ва гьединго лъадал ва жо хьазе бегьулел ракьаздалъунги.
Гьаб бутІа жеги хІадурун гьечІо. Нужеца проекталъе кумек гьабула, гьеб къачІан ва гьелда тІаде жо жубан.
|
Рихьизе бакӀал[хисизабизе | код хисизабизе]
Шуш шагьаралда (Эламалъул, Ахаманишазул, Парфиялъул, Сасанидазул тахшагьар) руго Сузазул риххелал, Даниял аварагазул хоб ва ГӀаббасиязул заманаялъул мажгит.
Гьаб бутІа жеги хІадурун гьечІо. Нужеца проекталъе кумек гьабула, гьеб къачІан ва гьелда тІаде жо жубан.
|
Суртал[хисизабизе | код хисизабизе]
Зиккурат Чога-Занбиль в Хузестане был великолепной структурой Эламитской империи. Эламиты Хузестана были «предшественниками царских персов» и были «основателями первой Иранской империи в географическом смысле»
Бюст из Иранского национального музея Музы Парфянской, жены Фраата IV, раскопанный французской командой в Хузестане в 1939 году
Абадан чӀинкӀилъиялъул карта
ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]
- ↑ 1,0 1,1 Statoids.com (инг.)
Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]
- . — Т. XXXVIIa.
РегӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]
- Халф Тэйп. Археология в Хузестане
- Расмияб сайт
- Хузестан останалъул расмияб сайт
- Айяпир, археологикияб сайт
- Департамент образования провинции Хузестан (парс.)
- The History of Khuzestan according to Bakhtiari tribes of Khuzestan
- Images of Khuzestan Архивалъул насху 27 сентябр 2007лдаса Wayback Machine сайталда
- Khuzestan branch of the Iranian Students' News Agency (ISNA)
![]() | |
---|---|
Альбурз • Ардабил • Бушер • Бакъбаккул Азарбижан • Гилан • Гулестан • БакътӀерхьул Азарбижан • Зинжан • Илам • Исфагьан • Йазд • Къазвин • Керман • Керманшагь • Когьгилуйе ва БуйерахӀмад • Къум • Курдистан • Лурестан • Мазандаран • Шималияб Хурасан • Семнан • Систан ва Балучистан • Тегьран • Парс • ХӀамадан • Хурасан-Резави • Хурмузган • Хузестан • Марказияб • ЧагьармахӀал ва Бахтиария • Жунубияб Хурасан |