Къум (остан)

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Къум
blank300.png|300px]]
БахӀрейнКъатӀарГӀуманКувейтТурцияЭрминистанАзарбижанТуркменистанАфганистанПакистанГӀиракъСагІудиязул ГІарабияЦолъарал ГIараб ИмараталКаспий ралъадПарс заливОрмуз проливГӀуман заливЮжный ХорасанЙаздСистан ва БалучистанКерманХурмузганПарсБушерХурасан-РезавиШималияб ХурасанГулестанМазандаранСемнанТегьранАлбурзКъумЧехармехаль и БахтиарияКохгилуйе и БойерахмедХузестанИламЛурестанЦентральный останИсфагьанГиланАрдебильКъазвинХамаданКерманшагьКурдистанВосточный АзербайджанЗенджанЗападный Азербайджан
[[file:blank300.png
Пачалихъ
Адм. марказ Къум
Тарих ва география
ГӀатӀилъи 11 526 км²
СагӀтазул зона UTC+3:30
Халкъ
Къадар 1 046 737 чи  (2006 сон)
Гъунки 90,82 чи/км²
Расмиял мацӀал парс
Халип:Нет АИ 2
халадж
Цифрабазул идентификаторал
Телефоналъул код 025

Расмияб сайт
Къум картаялда
 Медиафайлал Викигъамасалда

Къум (парс قم‎ — Qom; падар. Qum) — Ираналъул 31 провинциялдаса (останалдаса) цояб. Административнияб марказ — Къум шагьар. Провинция гӀуцӀана 1995 соналъ Тегьран останалъул бутӀаялдаса. Ракь — 11 526 км²[1]. 2006 cоналъ халкъалъул къадар бахулеб букӀана 1 046 737 чиясда[1], гьездаса шагьаразда гӀумру гьабулел — 91,2 %. Аслиял миллатал — парсал, азарбижанал ва лурал.

География[хисизабизе | код хисизабизе]

Климат буго бакъвараб, пустынияб. ЦӀадал дагьал гурони раларо. Останалда буго кӀиго цӀамул хӀор — Дерьяйе-Немек ва Намак.

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Къум жеги ислам бачӀилалдего букӀана кӀудияб шагьар. Гьанир ратарал археологиял рателал руго нелъер эраялда цебе 5-абилеб азарсоналъул.

КӀиабилев халип ГӀумарица бахъана Къумалъул марказ. 644645 сс. Къум жиндирго контролалде босана Абу Муса АшгӀарица, гьеб заманаялъ гьенир гӀемер дагӀбаби лъугӀулел рукӀана гӀарабаздаги бакӀалъул гӀадамаздаги гьоркьоб.

Гьединго Къумалда халипасдаса рахчун рукӀана гӀалавидал. Ал-Мамуница 825 соналъ шагьар сверухъ ккуна, ва шагьар бихизабуна гӀемер чиги чӀван.

831 соналъ Къумалъул гӀадамал халипасда данде рахъана, амма гьеб багъа-бачари халипасул аскараз хехгого тӀагӀинабуна. ГӀицӀго Буидазул заманаялъ гурони Къум гӀалавидазул хӀукмуялда гъоркь ккечӀо, гьеб заман рикӀкӀула Къум цебетӀураб заман.

Кахакалдаса сосуд, н. э. цебе тӀоцебесеб азарсон

Административияб бикьи[хисизабизе | код хисизабизе]

Къумалъул провинциялда (остан) жаниб цо гурони шагьрестан унаро, гьебги бикьула 5 мухъалда (бахш).

Къум жакъа[хисизабизе | код хисизабизе]

Ираналда Исламияб революция бергьун хадуб Къум лъугӀана дунялалъулго шигӀизмалъул марказлъун.

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. 1,0 1,1 Statoids.com (инг.)

РегӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]