Перейти к содержанию

Систан ва Балучистан

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Систан ва Балучистан
blank300.png|300px]]
БахӀрейнКъатӀарГӀуманКувейтТурцияЭрминистанАзарбижанТуркменистанАфганистанПакистанГӀиракъСагІудиязул ГІарабияЦолъарал ГIараб ИмараталКаспий ралъадПарс заливОрмуз проливГӀуман заливЮжный ХорасанЙаздСистан ва БалучистанКерманХурмузганПарсБушерХурасан-РезавиШималияб ХурасанГулестанМазандаранСемнанТегьранАлбурзКъумЧехармехаль и БахтиарияКохгилуйе и БойерахмедХузестанИламЛурестанЦентральный останИсфагьанГиланАрдебильКъазвинХамаданКерманшагьКурдистанВосточный АзербайджанЗенджанЗападный Азербайджан
[[file:blank300.png
Пачалихъ
Адм. марказ Загьедан
БетӀер Seyyed Ahmad Nasri
Тарих ва география
ГӀатӀилъи 181 785 км²
СагӀтазул зона Ошибка Lua в Модуль:Wd на строке 2692: The function "p421[p1264:Q1777301]" does not exist., летом Ошибка Lua в Модуль:Wd на строке 2692: The function "p421[p1264:Q36669]" does not exist.
КӀудиял шагьарал Забол
Халкъ
Къадар 2 405 742 чи  (2006 сон)
Гъунки 13,23 чи/км²
Расмиял мацӀал балуч
фарси
брауи
Цифрабазул идентификаторал
Телефоналъул код 0542

Ошибка Lua в package.lua на строке 80: module 'Module:Wikidata/url' not found.
Ошибка Lua в Модуль:Wikidata на строке 334: Функция для отображения значения не найдена..
 Медиафайлал Викигъамасалда

Систа́н ва Балу́чистан (парс سیستان و بلوچستان‎  — Sistân o Balucestân, балуч. بلوچستان‎, Balučistan) — ккола Ираналъул 31 провинциялъул (останазул) цояб. Гьеб буго пачалихъалъул жунубгун-букъбаккуда, Афгъанистаналъул ва Пакистаналъулгун гӀорхъода. Ракь — 181 785 км²[1], халкъалъул къадар — 2 405 742 чи[1] (2006). Халкъалъул цӀцӀикӀкӀарсал балучал ккола. Хурасан бикьаралдаса хадуб Ираналъул бищун кӀудияб остан буго.

Административияб марказ — Загьедан шагьар, цогидал чӀахӀиял шагьарал — Забол (130 аз.), Ираншагьр (100 аз.), Чагьбагьар (72 аз.), Сараван (60 аз.), Хаш (57 аз.), Конарак (30 аз.), Загьакъ (11 аз.), Пишин (11 аз.), Бемпур (10 аз.).

Останалда буго кӀиго вулкан: Безман ва Тефтан. Мегьрестан шагьрестаналда буго машгьураб Анаран нохъо.

Административияб бикьи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Остан бикьула 14 шагьрестаналда:

  1. Забол (Zabol)
  2. Загьакъ (Zehak)
  3. Загьедан (Zahedan)
  4. Ираншагьр (Iranshahr)
  5. Конарак (Konarak)
  6. Никшагьр (Nikshahr)
  7. Сараван (Saravan)
  8. Сарбаз (Sarbaz)
  9. Хаш (Khash)
  10. Чагьбагьар (Chabahar)
  11. Далган (Dalgan)
  12. Хирманд (Hirmand)
  13. Мегьрестан (Mehrestan)
  14. Сиб о Соран (Sib o Soran)

Хадусеб таблицаялда Систан ва Балучистаналъул 10 бищун кӀудияб шагьар бихьизабун буго:[2]

БакӀ ЦӀар Халкъ (2016)
1 Загьедан 587,730
2 Забол 134,950
3 Ираншагьр 113,750
4 Чагьбагьар 106,739
5 Сараван 60,014
6 Хаш 56,584
7 Конарак 43,258
8 Jaleq 18,098
9 Никшагьр 17,732
10 Пишин 16,011

Провинциялъул территориялда хӀалтӀула суннияб исламияб гӀуцӀи Джундаллагь, чанго гӀадамал чӀвараб террористияб актазул жавабчилъи жедеда тӀад босарал.

Жакъа-къоялда Систан ва Балучистан ккола Ираналъул экономикаялъул рахъалъ бищун нахъ ккараб регион.

Рихьизе бакӀал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Загьеданалда руго Рузманкъоялъул мажгит, Макки мажгит, мадраса, сикх гурудвара, Расули базар. Забол шагьаралда аскор руго некӀсияб Шагьре-Сухте абураб гӀадамал чӀараб бакӀалъул хутӀелал, Хамун хӀоразул къокъа ва Хважа абураб Хважа ГӀали Магьди вукъараб мукъадасаблъун рикӀкӀунеб мегӀер, Гага-Шагьр хъалаялъул хутӀелал ва Аршакидазул ва Сасаниязул заманалъул зартуштиязул как балеб бакӀ.

  1. 1 2 Statoids.com  (инг.)
  2. ↑ "Sistan and Baluchestan (Iran): Counties & Cities - Population Statistics, Charts and Map". www.citypopulation.de. Щвей 2021-07-17.