Перейти к содержанию

Курдистан (остан)

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Курдистан
blank300.png|300px]]
ЙаздКерманПарсБушерСемнанТегьранКъумИламИсфагьанАрдебильКъазвинХамаданКерманшагьКурдистанЗенджан
[[file:blank300.png
Пачалихъ
Адм. марказ Санандаж
Тарих ва география
ГӀатӀилъи 29 137 км²
СагӀтазул зона UTC+3:30
КӀудиял шагьарал Секкез
Халкъ
Къадар 1 440 156 чи  (2006 сон)
Гъунки 49,43 чи/км²
Расмиял мацӀал курд
парс
азарбижан[1]
Цифрабазул идентификаторал
Телефоналъул код 0871
Ошибка Lua в Модуль:Wikidata на строке 334: Функция для отображения значения не найдена..
 Медиафайлал Викигъамасалда

Курдиста́н (курд. Kurdistan, парс کردستان Kordestânпадар. Kürdüstan) — Ираналъул 31 провинциялдаса (останазул) цояб (цогидаб гьелдаса кӀудияб курд регионгун — Жунубияб Курдистангун къосуге).

ГӀемерисеб халкъ ккола курдал (97,8%), гьелги регионалда аслияб жедер кьибил гьениб бугеб халкъ буго. Останалъул ракь — 29 137 км²[2].

Останалъул административияб марказ ккола Санандаж (Сенендедж) шагьар, жиб цебе курдазул Ардалан абураб пачалихъалъул (11691867 сс.) тахшагьарлъун букӀараб.

Цогидал чӀахӀиял шагьараздасан ккола — Секкез (135 аз.), Мериван (95 аз.), Бане (71 аз.), Корве (67 аз.), Камьяран (48 аз.), Биджар (47 аз.), Дивандарре (23 аз.), Дегьголан (21 аз.).

Зивие хобалдаса аскариясул статуя

Останалъул халкъалъул къадар бахула 1 440 156 чиясда[2] (2006 с.). Этникияб рахъалъ халкъалъул цӀцӀикӀкӀарасел ккола курдал (97,8%) ва падарал (0,3%).

Административияб бикьи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Остан бикьула 10 шагьрестаналда:

Останалъул
шагьристанал
Халкъалъул къадар
2006 с.
Халкъалъул къадар
2011 с.
Халкъалъул къадар
2016 с.
Санандаж417,177450,167 501,400
Дегьголан*62,844 64,015
Саккез208,425210,820 226,451
Мериван153,271168,774 195,262
Камьяран105,895105,996 102,856
Бане118,667132,565 158,690
Дивандарре82,74181,963 98,040
Корве199,622136,961 140,192
Биджар97,91393,714 89,162
Сарвабад54,83249,841 44,940
ТӀолго халкъалъул къадар1,440,1561,492,645 1,603,011

Аслиял экономикаялъул отраслял — росдалаб магӀишат (ролъ, пурчӀина, рис, пихъ, пампа, тамахьо, клубника), кванил, текстилияб, химикияб, хьвацӀил промышленностал, Мериван шагьаралда буго Хассаб экономикияб зона.

Рихьизе бакӀал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Санандаж (Сенендедж) шагьаралда буго ХӀажар Хатун мажгит, КӀудияб мажгит (Дар-ал ИхӀсан), ГӀаббасиязул заманалъул кӀалгӀа, Сафавиязул заманалъул базар, Абидар мегӀер, хӀор ва ВахӀдат дамба.