Аллагьасул берцинал цӀарал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
الله
Аллагь
«Аллагь, ар-РахІман, ар-РахІим, ал-Малик, ал-Къуддус, ас-Салам, ал-Муъмин, ал-Мугьаймин, ал-ГӀазиз, ал-Жаббар, ал-Мутаккабир, ал-Халикъ, ал-Бариъ, ас-Мусаввир, ал-Гъаффар, ал-Къагьгьар, ал-Вагьгьаб, ар-Раззакъ, ал-ФаттахІ, ал-ГӀалим, ал-Къабид, ал-БаситӀ, ал-АгӀла, ал-Акрам, ал-Илагь, ал-ХІафиз, ас-СамигӀ, ал-Басир, ал-ХІаким, ал-ЛатӀиф, ал-Хабир, ал-ХІалим, ал-ГӀазим, ал-Гъафур, аш-Шакур, ал-ГӀалий, ал-Кабир, ал-МукъситІ, ал-ХІасиб, ал-Карим, ар-Ракъиб, ал-Мажид, ал-ВасигӀ, ал-ХІаким, ал-Вадуд, ал-Мажид, ал-Халакъ, аш-Шагьид, ал-ХІакъкъ, ал-Вакил, ал-Къавий, ал-Матин, ал-Вали, ал-ХІамид, аш-Шакур, ал-ГӀалим, ал-Къагьгьар, ал-Къадир, ал-Къариб, ал-ХІайй, ал-Къайум, ал-Мали́к, ал-Мавла, ал-ВахІид, ал-АхІад, а-Самад, ал-Къа́дир, ал-Мукътадир, ал-Мукъаддим, ал-Муаххир, ал-Аввал, ал-Ахир, аз-Загьир, ал-БатӀин, ан-Насир, ал-МутагӀали, ал-Барру, ат-Тавваб, ал-Жамил, ал-ГӀафувв, ар-Рауф, ал-Жавад, ар-Рафикъ, ал-Гъаний, ас-Сабур, Зул-Жалали вал Икрам, аш-ШафигІ, атІ-ТӀаййиб, ал-МухІсин, ал-МугӀтӀи, ал-Маннан, ал-Варис, ар-Рашид, ан-НафигӀ, ал-Маликулмулк, ал-Мужиб, ан-Нур, ал-Гьади, ал-БадигӀ, ал-Ба́къи»
                              

Аллагьасул берцинал цІарал (гІараб мацІалда أسماء الله الحسنى ) - ккола ТІадегІанав Аллагьас Къуръаналда рещтІун яги МухІаммад аварагас хІадисалдалъун нилъеда рицарал Аллагьасул рецц-бакъалъул, хІамд-санаалъул, Аллагь ТІадегІан гьавиялъул цІарал. Аллагьасда ва Гьесул цІаразда релъараб щибго ва кинабниги цІар гьечІо, гьезул камилаб, рагІа-ракьанде щвараб мурадгун-магІна цохІо Вати ТІадав Аллагьасда гурони лъаларо. Гьелда иман лъун, божизе тІадаб буго ва дугІа гьабулелъул гьел цІараздалъун Аллагьасде ахІи байги беццараб буго.


Гьал гурелги Аллагьасул 99 берцинал цІаралги руго, Гьесда гурого хІакъикъат лъаларел рикІкІун хІал кІоларел гІемерал камилал сифаталги руго Гьесул, тІадегІанал цІаралги руго.

# ГІараб
мацІалда
МагІарул
мацІалда
Таржама
1 الله Аллагь Цогояв БетІергьан, Жинца кинабго жо бищун цебе бижарав
2 الرَّحْمَن Ар-РахІману ГурхІулев, РахІмо гІатІидав
3 الرَّحِيم Ар-РахІиму Жиндир гурхІелгун рахІмо къотІуларев
4 المَلِك Аль-Малику Кинабго жоялъул ва кинавниги чиясул Хан
5 القُدُّس Аль-Къуддусу Бищун ВацІцІадав
6 السَّلام Ас-Саламу Рекъелгун-гІодой биччай кьолев, кинабниги мукъсанлъиялдаса Жив вацІцІадав
7 المُؤمِن Аль-Муъмину ХІинкъибукІунгутІи кьолев, Жиндир гІазабалдаса муъминзаби цІунун хутІулев
8 المُهَيْمِن Аль-Мугьаймину Халкъалъул гІамалазда хадув вукІунев, гьел цІунулев
9 العَزيز Аль-ГІазизу ТІадегІанлъиялда гІицІлъарав, Жив гІадав ТІадегІанав, ТіокІав чи гьечІев, Жиндие къвин гьечІев
10 الجبَّار Аль-Жаббару Жиндие бокьараб гурони букІунарев, Киналдаго хІал кІолев, Киналго Жиндие мутІигІав
11 المتكبِّر Аль-Мутакаббиру
12 الخالق Аль-Халикъу
13 البارئ Аль-Бариу
14 المصور Аль-Мусаввиру
15 الغفار Аль-Гъаффару
16 القهار Аль-Къагьгьару
17 الوهاب Аль-Вагьгьабу
18 الرزاق Ар-Раззакъу
19 الفتاح Аль-ФаттахІу
20 العليم Аль-ГІалиму
21 القابض Аль-Къабизу
22 الباسط Аль-БаситІу
23 الخافض Аль-Хафизу
24 الرافع Ар-РафигІу
25 المعز Аль-МугІиззу
26 المذل Аль-Музиллу
27 السميع Ас-СамигІу
28 البصير Аль-Басиру
29 الحكم Аль-ХІакаму
30 العدل Аль-ГІадлу
31 اللطيف Аль-ЛатІифу Жив гурхІулев, хІеренав.
32 الخبير Аль-Хабиру Гьелъул мугІна ккола жиндаса батІиниял жал балъго хутІуларев.
33 الحليم Аль-ХІалиму Гьелъул магІна ккола Жинда гІасилъулел чагІазул гІасилъиги бихьулев, Жиндир амруялъе хилифлъиги бихьулев, амма ццим бахъиялъ жив хехгьабун рецІел босизе гьусизавуларев, рецІел босизе кигІан кІолеб бугониги.
34 العظيم Аль-ГІазиму ГІазим абураб цІар, байбихьуда гьеб лъуна черх бугеб жоялда.
35 الغفور Аль-Гъафуру Гьаб цІар ккола, «аль-Гъаффар» цІарго гІадин, «жинца мунагьал чурулев» абураб магІнаялда бугеб цІар.
36 الشكور Аш-Шакуру Жинца дагьа-макъал тІагІатазухъ гІемерал даражаби кьолев, дунялалда рикІкІарал къояз гьабураб дагьа-макъаб гІамалалъухъ ахираталда гІорхъи гьечІел нигІматал кьолев.
37 العلي Аль-ГІалиййу
38 الكبير Аль-Кабиру
39 الحفيظ Аль-ХІафизу
40 المقيت Аль-Мукъиту
41 الحسيب Ал-ХІасибу Жив гІолев.
42 الجليل Ал-Жалилу Жив кІудияв.
43 الكريم Ал-Кариму Ай, рецІел босизе кІолевги вукІун, тІаса лъугьун толев, жинца къотІи гьабураб мехалъ гьеб тІубазе гьабулев, жинца кьолеб жо цІикІкІине гьабулев, лъие ва кигІан кьураб абун гьелъул ургъелги жиндие гьечІев, хІажатаб жо жиндеги борхичІого цогияздаса тІалаб гьабуни (цогидасдаги тІубазе кІолинги абун), гьелдаги жив разилъуларев.
44 الرقيب Ар-Ракъибу Ай, Жинца хъаравуллъи гьабулев.
45 المجيب Ал-Мужибу Жинца жаваб гьабулев.
46 الواسع Ал-ВасигІу Жив гІатІидав.
47 الحكيم Ал-ХІакиму ХІикматалъул бетІергьан.
48 الودود Ал-Вадуду «Ал-Вадуд» ккола кинабниги халкъалъе лъикІлъи букІине Жиндие бокьулев ва гьезие лъикІлъиги ва рец-бакъги гьабулев.
49 المجيد Ал-Мажиду Гьелъул магІна ккола, Жиндир зат хирияв, пишаби лъикІал ва берцинал, нигІматал ва жинца кьолел жал чІахІияв.
50 الباعث Ал-БагІису Жинца къиямасеб къоялъ халкъ чІаго гьабулев, хабалъ ругел чагІи рахъинарулев, ракІазда жаниб бугеб жоги баян гьабулев.
51 الشهيد Аш-Шагьиду
52 الحق Ал-XІакъкъу Жив хІакъав.
53 الوكيل Ал-Вакилу Жинде ишал тІамулев.
54 القوي Ал-Къавийю
55 المتين Ал-Матину
56 الولي Ал-Валийю
57 الحميد Ал-XІамиду
58 المحصي Ал-МухІси
59 المبدئ Ал-Мубдиу
60 المعيد Ал-МугІиду
61 المحيي Ал-МухІйи
62 المميت Ал-Мумиту
63 الحي Ал-XІайю
64 القيوم Ал-Къайюму Киналниги жалазул рукІин жиндалъун бугев.
65 الواجد Ал-Важиду Жиндие щибго жо камун гьечІев.
66 الماجد Ал-Мажиду «Ал-Важидуги» «ал-Мажидуги» цого магІнаялда руго. Амма ...
67 الواحد Ал-ВахІиду Жив цогояв, ай бутІабазде викьуларев ва жиндие кІиабилев гьечІев.
68 الصمد Ас-Самаду ХІажалъи ккараб мехалъ жиндихъе рачІунев ва къваригІел ккараб мехалъ жинде къасдги гьабулев, кинабго жоялъул кверщел жиндихъ букІиналъе гІоло.
69 القادر Ал-Къадиру
70 المقتدر Ал-Мукътадиру
71 المقدم Ал-Мукъаддиму
72 المؤخر Ал-Муаххиру
73 الأول Ал-Аввалу Жив Авалав.
74 الآخر Ал-Ахиру Жив Ахирав.
75 الظاهر Аз-Загьиру
76 الباطن Ал-БатІину
77 الواليي Аль-Вали
78 المتعالي Аль-МутагІали
79 البر Ал-Барру Жинца лъикІлъи гьабулев.
80 التواب Ат-Таввабу Жинца тавбу къабул гьабулев.
81 المنتقم Ал-Мунтакъиму Жинца рецІел босулев.
82 العفو Ал-ГІафувву Жинца гІадамазул квешлъаби рацІцІунев, гІасилъаби тІаса лъугьун толев.
83 الرؤوف Ар-Раъуфу «Раъфаталъул» бетІергьан.
84 مالك الملك Мали-куль Мульки
85 ذو الجلال و الإكرام Зуль-Жалали валь-Икрами
86 المقسط Аль-МукъситІу
87 الجامع Ал-ЖамигІу
88 الغني Ал-Гъанийю
89 المغنى Ал-Мугъни
90 المانع Ал-МанигІу
91 الضار Аз-Зарру
92 النافع Ан-НафигІу
93 النور Ан-Нуру
94 الهادي Аль-Гьади
95 البديع Аль-БадигІу
96 الباقي Аль-Бакъи
97 الوارث Аль-Варису
98 الرشيد Ар-Рашиду
99 الصبور Ас-Сабуру