Ал-Вадуду

Ал-Вадуду (гӀараб мацӀалда الودود). «Ал-Вадуд» ккола кинабниги халкъалъе лъикӀлъи букӀине Жиндие бокьулев ва гьезие лъикӀлъиги ва рец-бакъги гьабулев.
Гьаб цӀаралъулги «Ар-РахӀим» абураб цӀаралъулги магӀна релълъараб буго. Амма «рахӀим» ккола, жив хӀажатав, чара-рес къотӀарав ва загӀипав чиясда гурхӀун гьесие лъикӀлъи ва кумек гьабулев. «Вадуд» абуни, хӀажалъи гьечӀониги ва гьаричӀониги лъикӀлъи гьабулев чиясда абула. Лагъзадерида гьоркьоса «Ал-Вадуд» ккола, жиндиего бокьулебщинаб жо Аллагьасул махлукъаталъеги бокьулев чи. Гьесдасаги тӀадегӀанав «вадуд» ккола, жиндасагоцин гьеб махлукъат тӀаса бищулев ва цере гьарулев. Цо пуланав чияс абураб гӀадин: «Дие бокьилаан жужахӀалда тӀад бугеб кьолъун вукӀине ва гӀадамал жинда тӀасан жиндие заралги ккечӀого дорехун ине», – абун.
Лагъасул «Ал-Вадуд» абураб цӀаралъул камиллъи букӀуна цоги чагӀаца жиндиего гьабураб заралалъ ва гьезде ццим бахъиялъ гьезие лъикӀлъи гьабиялдасаги гьел жиндасаго тӀаса рищиялдасаги жив нахъчӀвангутӀиялдалъун. Кафурзабаца жиндирго цаги бекун гьумералдаса биги чвахизабун бугеб хӀалалъ свалат-салам лъеяв Аварагас абураб гӀадин: «Я дир БетӀергьан Аллагь! Гьаб дир къавм битӀараб нухдеги тӀобитӀун гьезул мунагьал чуре, гьезда хӀакъикъат лъалеб гьечӀо». (Бухари, Муслим) Тушбабаца жиндийго гьабураб зарал-къварилъиялъ гьев гьезие лъикӀлъи бокьиялдаса нахъчӀвачӀо. Гьединго свалат-салам лъеяв Аварагас жиндаса Аллагь разилъаяв ГӀалиасхӀабасда бицана абуна: «Аллагьасде гӀагарлъараздаса цеве ккезе бокьани, дудехун гьоркьоблъи къотӀизабулев чигун хурхен гьабе, дуе кьечев чиясе дуца кье, дуда зулму гьабурав чиясдаса мун тӀасаги лӀугьа», – ян. (АхӀмад) [1]
→ →
[хисизабизе | код хисизабизе]Примечания
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ "Аллагьасул берцинал цӀарал, МухӀаммадгӀариф РАМАЗАНОВ" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса, 2011-05-01. Щвей 2011-05-01.