Аш-Шакуру

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Аш-Шакуру (гIараб мацIалда الشكور). Жинца дагьа-макъал тIагIатазухъ гIемерал даражаби кьолев, дунялалда рикIкIарал къояз гьабураб дагьа-макъаб гIамалалъухъ ахираталда гIорхъи гьечIел нигIматал кьолев.

Цо лъикIлъиялда данде гьелдасаги цIикIкIаралдалъун жазаъ гьабурав чиясда абула гьес гьеб лъикIлъиялъе щукру гьабунин абун. Гьединго жинца лъикIлъи гьабурав чиясе жиндие гьабурас рецц-бакъ гьабуни, гьесдеги абула щукру гьабунин абунин. ЛъикIлъиялде данде гьелдасаги цIикIаралдалъун жаза гьаби халгьабуни, мутIлакъав «шакур» Аллагь гурони ватуларо. Щайин абуни, Гьес гьабулеб жазаялъе, ай жиндие ахир гьечIел алжаналъул нигIматазе гIорхъи-рикIкIен гьечIелъул. ЛъикIлъиялъухъ рецц-бакъ гьаби, баркала кьей хал гьабуни, нилъеда лъала, гьеб рецц букIуна цоги чияс гьабураб пишаялъухъ. Амма ТIадегIанав Аллагьас Жиндирго лагъзадерил пишабазухъ рецц-бакъ гьабураб мехалъ, гьеб ккола Жиндирго пишаялъе гьабураб рецц, гьезул пишабиги Гьес рижарал ругелъул. Цонигияс жиндие щиб букIаниги жоги кьун, гьелъухъ рецц-бакъ, баркала загьир гьабурав чи шакурлъун вукIунев ватани, жинцаго кьезеги кьун, жинцаго рецц-бакъ гьабулев чи дагьавги рекъарав вуго шакурлъун вукIине. Къуръаналда гIемерал аятал руго, ТIадегIанав Аллагьас Жиндирго лъикIал лагъзадерие, аварагзабазе рецц-бакъ гьабулел, гьезул лъикIаб гIамал Жинцаго кьураб букIингун цадахъ.

Лагъги вукIине рес буго щукру гьабулевлъун цогидав лагъасе, цо мехалъ гьабураб лъикIлъиялъухъ рецц-бакъ гьесие гьабиялдалъунги, цоги мехалъ гьес гьабуралдасаги цIикIкIун данде гьесие лъикIлъи гьабиялдалъунги. Гьеб ккола лъикIал, реццарал пишабаздасан цо пиша. Свалат-салам лъеяв Аварагас абулеб буго: «ГIадамазе щукру гьабичIев чияс Аллагьасеги щукру гьабуларо», – абун. Лагъас Аллагьасе гьабулеб щукруйин абуни, гьеб мажазалда гурони, хIакъикъаталда букIунаро. Щайин абуни, гьес Аллагьасе кигIан рецц гьабуниги, гьеб гьабун бахъунаро, мукъсанаб букIуна. Жив гьесие мутIиглъиялдалъун щукру гьабулеб бугони, мутIигIлъиги Аллагьас гьесие кьураб цойги нигIмат ккола. НигIматалъухъ жибго щукруги – Аллагьас гьесие тIаде кьураб цойги нигIмат ккола. Лагъасе ТIадегIанав Аллагьас кьурал нигIматазухъ щукру гьабиялъул бищунго лъикIаб нух ккола, гьел нигIматал Аллагьасе гIасилъиялъе хIалтIизаричIого, тIагIаталъе хIалтIизе гьари. Гьебги Аллагьасул тавфикъалдалъун букIуна. [1]

→ →[хисизабизе | код хисизабизе]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ