Перейти к содержанию

Ал-Жалилу

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Ал-Жалилу (гӀараб мацӀалда الجليل). Жив кӀудияв.

Гьелъул мурад ккола киналниги гьайбатал сипатал Жиндие ругев абураб. Гьайбатал сипаталлъун рикӀкӀуна тӀадегӀанлъи, ханлъи, вацӀцӀалъи, гӀелму, бечелъи, хӀалкӀолъи ва цогидал нилӀеца рехсарал сипатал. Гьел киналго жиндилъ данделъарав чи ккола мутӀлакъав «ал-Жалил». Гьезул цо-цо сипатал ругев чи ккола, гьелда рекъараб «жалалат» жиндилъ бугев чи. МутӀлакъго Жалил ккола ТӀадегӀанав Аллагь. Лагъзадерида гьоркьоса жалилаллъун ккола жидер киналниги батӀиниял сипатал берцинлъарал ва басират бугел ракӀазе жал рокьулел гӀадамал. [1]

  1. ↑ Аллагьасул берцинал цӀарал, МухӀаммадгӀариф РАМАЗАНОВ (хвараб регӀел)