Ал-Барру

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Ал-Барру (гIараб мацIалда البَرّ). Жинца лъикIлъи гьабулев.

ТIадегIанав Аллагь ккола кинабниги махлукъаталъе жинца лъикIлъи ва пайда гьабулевлъун. Лагъги вукIуна жинца лъикIлъи гьабулевлъун, гьес халкъалъе гьабулеб лъикIлъиялъул къадаралда, хасго жиндирго эбел-инсуе, мугIалимасе, шайихасе. ХIадисалда бицунеб буго: Муса авараг (гI.с.) БетIергьан Аллагьгун кIалъарав мехалъ, гьесда цо чи вихьанила гIаршалъул хIобода аскIов вахъунги чIун. Гьес Аллагьасда цIеханила: «Я Дир БетIергьан ! Сундалъун гьав чи гьаб даражалде вахарав?» – абун. Аллагьас абунила: «Гьев вукIана Дица Дирго лагъзадире кьурал нигIматал сабаблъун цонигиясдехун жинца хIасад гьабуларевлъун. Гьединго гьев вукIана жиндирго эбелинсуе лъикIавлъун»? – абун. Гьаб ккола лагъас лъикIлъи гьаби. Амма Аллагьас Жиндирго халкъалъе гьабулеб лъикIлъийин абуни, гьелъул бицун рагIалде бахъунаро. [1]

→ →[хисизабизе | код хисизабизе]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. "Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса (2011-02-26). Халагьи 2011-02-26.