Ат-Таввабу
Куц-мухъ

Ат-Таввабу (гӀараб мацӀалда التواب). Жинца тавбу къабул гьабулев. Гьелъул магӀна ккола, Жинца лагъзадерие жиндирго гӀаламатал загьир гьариялдалъунги, гьел кантӀизариялдалъунги, гьезие хӀинкъаби кьеялдалъунги, мунагьазул зарал гьезда лъазеги гьабун, гьезул рекӀелъе хӀинкъиги лӀугьине гьабун, киналго сабабалги рекъезарун гьел тавбуялде руссинарулев. Цинги гьеб тавбу жиндирго цӀобалдалъун къабулги гьабулев. Жиндаго гъоркь ругел чагӀаз, гьудулзабаз, лъалел чагӀаз цониги квешлъи жиндие гьабураб мехалъ гьезул гӀузраби къабул гьарулев чи ккола, гьаб Аллагьасул цӀаралъул бутӀа жиндие щварав чи. [1]
→ →
[хисизабизе | код хисизабизе]Примечания
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ "Аллагьасул берцинал цӀарал, МухӀаммадгӀариф РАМАЗАНОВ" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса, 2011-02-26. Щвей 2011-02-26.