Ал-Мунтакъиму

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Ал-Мунтакъиму (гӀараб мацӀалда المنتقم). Жинца рецӀел босулев.

Ай, квешал, къосарал, гӀасиял чагӀазе жинца кутакаб гӀазаб-гӀакъуба кьолев, гьезул мугъал рекулев. Гьеб кинабго жо букӀуна гьезие хӀинкъи кьун, гьезул гӀузраби къабул гьарун, квешлъиялдаса руссине гьезие заманги кьун хадуб. Лагъасе беццараб рецӀел боси ккола, гьес ТӀадегӀанав Аллагьасул тушбабаздаса рецӀел боси. Бишунго кӀудияб тушманги ккола гьесул жиндирго нафс. Гьелъ гӀасилъи гьабунщинахъе, гӀибадаталъе тохлъунщинахъе гьелдаса рецӀел босизе ккола. Жинда Аллагь гурхӀаяв Абу Язид Ал-БастӀамияс абунилан бицунеб буго: «Цо сордоялъ кӀвахӀаллъун дир нафсалъухъа вирд гьоркьоб хутӀана. Гьеб сабаблъун дица гьелъие гӀакъубаги гьабун лъагӀалица гьекъезе лъин кьечӀого тана», – абун. Гьадинаб къагӀидаялда букӀине ккола лагъзадерил рецӀел боси. [1]

→ →[хисизабизе | код хисизабизе]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. "Аллагьасул берцинал цIарал, МухIаммадгIариф РАМАЗАНОВ" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса (2011-02-26). Халагьи 2011-02-26.