ЗакагӀат

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ЗакагІат» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
                              

ЗакагІат (гӀар. زكاة‎‎) — щибав бусурманчиясда тIадаблъун исламалъ гьабураб магъало, лъагIалида жаниб бугеб боцIудаса жиб бахъулеб ва мискинал, пакъирал ва хIажатал гIадамазе жиб кьолеб. ЗакагІат — исламалъул рукнабазул цояб.

Исламалъул лъабабилеб рукнулъун кколеб закагІат бахъиялъ мискин-пакъирзаби роххизарула, бусурбабазда гьоркьоб вацлъи цIикIкIинабула, гIадамазда гьоркьоса мискинлъи тIагIинабула, закагІат бахъарав чи гьелъ къарумлъиялдаса вацIцIад гьавула, гьесул боцIцIуда баракат лъола, гьесул боцIцIи цIубазабула, гьесул боцIцIи гьалаклъиялдаса цIунула.

Закат бахъичIев чиясул месед-гIарац къиямасеб къоялъ цIадабеги рехун махх цIадаб багIаризабулеб гIадин багIаризеги гьабун гьев чиясул нодоялда, гьумералда, хьибилазда, мугъалда цузабун гьесул тIом бухIизабула. ЗакагІат бахъичIев чи, гьесул гIи-боцIи къиямасеб къоялъ бищун чIахIиял хIайваназдеги сверун халкъалъул хIисаб-суал гьабун бахъинегIан гьез хIатIикь мерхьун лъурдул тункун гIазабгIакъубаялда вукIуна. Гьесул закат бахъичIеб гIарацмесед чIахIиял загьруял борхьаздеги сверун гьесда габунир жемула. Гьедин абулеб буго Къуран-хІадисалъ.

Гьединлъидал даранбазар гьабулел, ролъ, пурчІина, цIоросоролъ ва гь. ц. мугьал рекьулел, цIибил бакIарулел, гІарцул хиса-баси гьарулел, рокъоб месед-гІарац (серебро) бугел гIадамаз, лъазабизе ккола бахъулеб закагІаталъул къадар, закагІат бахъизе кколел боцIул тайпаби, закат кьезе кколел мискинпакъирзаби. Суннатаб садакъаялдаса меседил мугIрул садакъаде рикьиялдасаги цо диргьам (гъурущ) закагІаталъул бахъи кири цIикIкIараб буго. Суннатаб садакъаялъулги бицун хIалго кIолареб хиралъи буго, закат бахъун хадуса суннатаб садакъа гIемер гьабизе гIамал гьабизе ккола. [1]

Закатул фитІри[хисизабизе | код хисизабизе]

КІал биччаялъул закат тIалъиялъе буго ункъо шартI:

1) закат бахъулев чи бусурманав вукIин. Капурчиясда закат тIалъуларо дунялалъул рокъоб досдаса тIалаб гьабиялъул рахъалъ, амма ахираталда гIакъуба гьабиялъул рахъалъ тIалъула;
2) Рамазан моцIалъул ахирисеб къоялъул бакъ тIерхьиналдалъун, гьединлъидал бакъ тIерхьун хадуб хварав чиясдаса бахъизе тIалъула, бакъ тIерхьун хадуб гьавурасдаса тIалъуларо;
3) закаталъе кьолеб жо гIидалъул сордо-къоялъ жиндиеги ва жинца нафакъа кьезе кколел чагIазеги къваригIунеб жоялдаса тIокIаб букIин. Гьединго гьеб тIокIаб букIине ккола гьев хIажалъулеб минаялдасаги.
4) узденав вукIин, лагъасда закат тIалъуларо, я жиндасаго я цогидаздаса. Лагъзадеридаса закат кьезе ккола гьезул сайидас.

Жинца закат бахъила жиндасаги жинца нафакъа кьезе кколел чагIаздасаги. Закаталъе бахъила цо сахI жив вугеб шагьаралда я росулъ лъагIалица гIемерисеб мехалъ кваналеб жоялдасан. Гьеб сахIги гIиракъалъул роценалдалъун щуго ратIалги, ратIалъул лъабил бутIаги ккола, ай гьеб ккола гьоркьохъел кверал ругев чиясул ункъго дангъура, гIага-шагарго 2 кг 400 гр.

Закаталъе бахъулеб жоялъул шартIги буго ролъ батаниги, цогидаб батаниги, бацIцIадаб, гIайиб гьечIеб, хIапара бачIеб, кьер-махI хисичIеб букIин. Гьединго закаталъе бахъулеб жо мугь букIин, закаталъе ханжу, чед бахъун гIоларо.

КIал биччаялъул закат тIалъула Рамазан моцIалъул ахирисеб къоялъ бакъ тIерхьиналдалъун. Гьеб бахъизе суннатаб буго гIидалъул как балелде цебе. ГIидалъул къоялдаса закат бахъи нахъе бахъизе хIарамаб буго.

Нагагь закат хъизаналъул киназдасаго бахъизе гIолеб гьечIони, гIураздаса бахъила. ТIоцебе жиндасаго бахъила, хадуб чIужуялдаса, хадуб гьитIинав васасдаса, хадуб инсудасан, хадуб эбелалдасан, хадуб кIудияв васасдасан. СахIалъул цо бутIа гурони тIубараб гIураб сахI батичIони, гьеб бугеб бутIа бахъила. [2]

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. КъурамухIаммад-хIажи Рамазанов, ФАРЗ / ХIакъаб диналъул лъазе кколеб чара гьечIеб къадар, МахIачхъала 2006 (хвараб регӀел)
  2. "Archive copy" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса (2011-02-26). Халагьи 2011-02-26.{{cite web}}: CS1 maint: archived copy as title (link)


МугъчIваял[хисизабизе | код хисизабизе]