КӀал кквей

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
КІал кквей» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

КIал кквезе (гIараб мацIалда صوم)

Исламалъул ункъабилеб аслу ккола Рамазан моцIалъ кIал кквей. ШаргIалда кIал кквей абула рогьаралдаса бакъ тIерхьинегIан тIубараб къад къоялъ кIал биххулел жал гьаричIого чIеялда.

КIал биххулел жал ккола кванай, гьекъей, чIужуялъулгун жинсияб гьоркьоблъи гьаби, бокьун лагIдей бачIинаби, лагIдей, къватIиса ургьибехун бугеб кинабгIаги нухдаса жанибе щиб бугониги бихьулеб жо биччай ва гьел гурел цогидалги. КIал кквеялъ мунагьаздаса цIунула, гIибадаталде ругьун гьавула, гьаванафсалде данде чIезе гьунар кьола, черх сахлъизабула, мискинзабазда гурхIизе тIамула. КIал ккуразе букIунеб кири Аллагьасда гурого лъаларо, гьезие хассаб алжанги буго, гьенив гьезда Аллагьги вихьизе вуго. ШаргIияб гIузруги гьечIого фаризаяб цо кIал кквечIого тани, гьелдалъун гьесие ккараб зарал тIолабго гIумруялъ кIал ккуниги бецIун рагIалде бахъунаро. Рамазан моцIалъ кколеб фаризаяб кIал малъичIого, кIал кквезе суннатал моцIалкъоялги руго, кIал ккурав чияс цIунизе кколел суннаталадабалги руго, гьездаги тIад чIей гьабуни бицун хIал кIолареб кири щола. [1]

Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. КъурамухIаммад-хIажи Рамазанов, ФАРЗ / ХIакъаб диналъул лъазе кколеб чара гьечIеб къадар, МахIачхъала 2006 (хвараб регӀел)