ЗакагӀат
|
ТІахьал ва къанунал
|
ЗакагӀат (гӀараб: زكاة) — щибав бусурманчиясда тӀадаблъун исламалъ гьабураб магъало, лъагӀалида жаниб бугеб боцӀудаса жиб бахъулеб ва мискинал, пакъирал ва хӀажатал гӀадамазе жиб кьолеб. ЗакагӀат — исламалъул рукнабазул цояб.
Исламалъул лъабабилеб рукнулъун кколеб закагӀат бахъиялъ мискин-пакъирзаби роххизарула, бусурбабазда гьоркьоб вацлъи цӀикӀкӀинабула, гӀадамазда гьоркьоса мискинлъи тӀагӀинабула, закагӀат бахъарав чи гьелъ къарумлъиялдаса вацӀцӀад гьавула, гьесул боцӀцӀуда баракат лъола, гьесул боцӀцӀи цӀубазабула, гьесул боцӀцӀи гьалаклъиялдаса цӀунула.
Закат бахъичӀев чиясул месед-гӀарац къиямасеб къоялъ цӀадабеги рехун махх цӀадаб багӀаризабулеб гӀадин багӀаризеги гьабун гьев чиясул нодоялда, гьумералда, хьибилазда, мугъалда цузабун гьесул тӀом бухӀизабула. ЗакагӀат бахъичӀев чи, гьесул гӀи-боцӀи къиямасеб къоялъ бищун чӀахӀиял хӀайваназдеги сверун халкъалъул хӀисаб-суал гьабун бахъинегӀан гьез хӀатӀикь мерхьун лъурдул тункун гӀазабгӀакъубаялда вукӀуна. Гьесул закат бахъичӀеб гӀарацмесед чӀахӀиял загьруял борхьаздеги сверун гьесда габунир жемула. Гьедин абулеб буго Къуран-хӀадисалъ.
Гьединлъидал даранбазар гьабулел, ролӀ, пурчӀина, цӀоросоролъ ва гь. ц. мугьал рекьулел, цӀибил бакӀарулел, гӀарцул хиса-баси гьарулел, рокъоб месед-гӀарац (серебро) бугел гӀадамаз, лъазабизе ккола бахъулеб закагӀаталъул къадар, закагӀат бахъизе кколел боцӀул тайпаби, закат кьезе кколел мискинпакъирзаби. Суннатаб садакъаялдаса меседил мугӀрул садакъаде рикьиялдасаги цо диргьам (гъурущ) закагӀаталъул бахъи кири цӀикӀкӀараб буго. Суннатаб садакъаялъулги бицун хӀалго кӀолареб хиралъи буго, закат бахъун хадуса суннатаб садакъа гӀемер гьабизе гӀамал гьабизе ккола. [1]
Закатул фитӀри
[хисизабизе | код хисизабизе]КӀал биччаялъул закат тӀалъиялъе буго ункъо шартӀ:
- 1) закат бахъулев чи бусурманав вукӀин. Капурчиясда закат тӀалъуларо дунялалъул рокъоб досдаса тӀалаб гьабиялъул рахъалъ, амма ахираталда гӀакъуба гьабиялъул рахъалъ тӀалъула;
- 2) Рамазан моцӀалъул ахирисеб къоялъул бакъ тӀерхьиналдалъун, гьединлъидал бакъ тӀерхьун хадуб хварав чиясдаса бахъизе тӀалъула, бакъ тӀерхьун хадуб гьавурасдаса тӀалъуларо;
- 3) закаталъе кьолеб жо гӀидалъул сордо-къоялъ жиндиеги ва жинца нафакъа кьезе кколел чагӀазеги къваригӀунеб жоялдаса тӀокӀаб букӀин. Гьединго гьеб тӀокӀаб букӀине ккола гьев хӀажалъулеб минаялдасаги.
- 4) узденав вукӀин, лагъасда закат тӀалъуларо, я жиндасаго я цогидаздаса. Лагъзадеридаса закат кьезе ккола гьезул сайидас.
Жинца закат бахъила жиндасаги жинца нафакъа кьезе кколел чагӀаздасаги. Закаталъе бахъила цо сахӀ жив вугеб шагьаралда я росулӀ лъагӀалица гӀемерисеб мехалъ кваналеб жоялдасан. Гьеб сахӀги гӀиракъалъул роценалдалъун щуго ратӀалги, ратӀалъул лъабил бутӀаги ккола, ай гьеб ккола гьоркьохъел кверал ругев чиясул ункъго дангъура, гӀага-шагарго 2 кг 400 гр.
Закаталъе бахъулеб жоялъул шартӀги буго ролӀ батаниги, цогидаб батаниги, бацӀцӀадаб, гӀайиб гьечӀеб, хӀапара бачӀеб, кьер-махӀ хисичӀеб букӀин. Гьединго закаталъе бахъулеб жо мугь букӀин, закаталъе ханжу, чед бахъун гӀоларо.
КӀал биччаялъул закат тӀалъула Рамазан моцӀалъул ахирисеб къоялъ бакъ тӀерхьиналдалъун. Гьеб бахъизе суннатаб буго гӀидалъул как балелде цебе. ГӀидалъул къоялдаса закат бахъи нахъе бахъизе хӀарамаб буго.
Нагагь закат хъизаналъул киназдасаго бахъизе гӀолеб гьечӀони, гӀураздаса бахъила. ТӀоцебе жиндасаго бахъила, хадуб чӀужуялдаса, хадуб гьитӀинав васасдаса, хадуб инсудасан, хадуб эбелалдасан, хадуб кӀудияв васасдасан. СахӀалъул цо бутӀа гурони тӀубараб гӀураб сахӀ батичӀони, гьеб бугеб бутӀа бахъила. [2]
ХӀужаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ КъурамухӀаммад-хӀажи Рамазанов, ФАРЗ / ХӀакъаб диналъул лъазе кколеб чара гьечӀеб къадар, МахӀачхъала 2006 (хвараб регӀел)
- ↑ "Archive copy" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса, 2011-02-26. Щвей 2011-02-26.
{{cite web}}: CS1 maint: archived copy as title (link)
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- Что такое закят? — Фонд «Солидарность»
- Важность закята в Исламе Архивация 2008-12-16 Wayback Machine — Al-Iman.ru
- Форма расчета величины закята для денежных средств в рублях — Zakaat.Narod.ru