Перейти к содержанию

Ар-Ракъибу

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Ар-Ракъибу (гӀараб мацӀалда الرقيب). Ай, Жинца хъаравуллъи гьабулев.

Гьелдаса мурад ккола Жинда кинабго жо лъалев ва гьеб цӀунулев абураб. Щив чи вугониги жинца цониги жо цо лахӀзаталъцин гьелдаса гъафуллъичӀого, гьелъул даимго халги ккун ва гьелда хадув лӀугьарав чиясухъе гьеб щолареб куцалда цӀунун, гьесда абула «ракъиб» абун.

ЛагъасулӀ «ракъибилан» абураб сипат беццараблъун букӀуна, гьесул хъаравуллъи жиндирго бетӀергьанасдехунги ва жиндирго ракӀалдехунги бугеб мехалъ.

Гьеб кинин абуни, ТӀадегӀанав Аллагь жиндихъ кидаго балагьун ва хъаравуллъи ккун вукӀин лъаялдалъун ва жиндирго нафсги шайтӀанги – тушбаби рукӀин лъаялдалъун букӀуна. [1]

  1. ↑ Аллагьасул берцинал цӀарал, МухӀаммадгӀариф РАМАЗАНОВ (хвараб регӀел)