МухӀамад-СагӀид Шамил

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Бергьарав сиясатчи
1901
Мадина, ГІусманиязул Империя
p27
1981
Истамбул, Турция
МухІамад-Камил
Нажибат


МухIамад–СагIид Шамил яги СагІид-Бей (тур. Said Bey) (1901-1981) - Бергьарав сиясатчи, имам Шамилил ахирисев ирсилав.

Гьави[хисизабизе | код хисизабизе]

МухIамад–СагIид гьавуна 1901 соналъ Мадина шагьаралда, Шамил имамасул бищун гьитIинав вас МухIамад–Камилилги черкесай Нажибатилги хъизамалда. МухIамад–СагIид гуревги гьезул рукIана ясал–Нажабатги (I899–I983) Нажияги (I9I6–I983) ва гьитIинго хварав вас Жамалудинги. ГІусманиязул Империя бихун хадуб, МухIамад–Камил хъизангун цадахъ гочана Истамбулалде. Гьениб МухIамад-СагIидица лъугIизабуна Галатасарай лицей.

Хъулухъ гьабуна Турциялъул армиялда, маршал абураб цІаралде вахинегІан.

Гьесде гьереси ва бугьтан гІунтІизаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Совет хIукуматалъул заманалда политиказул къиматазулъги, гIалимзабазул хIалтIабазулъги, хъвадарухъабазул асаразулъги гьесда чIвачIеб бугьтанги, гIунтIизабичIеб гIайибги, гьесие кьечIеб нагIанаги хутIичIо. «Хиянатчи», «къутуш», «базарган», «ингилисазулгун турказул жасус» ва гь.ц. «Антантаялъ Дагъистаналъул мугIрузде рехараб ханида жаниса къватIиве вачIана Шамил имамасул васасул василан чIарав, СагIид-бекилан цIар бугев, цо щивалиго лъаларев гIолохъанчи. Гьев…къутIуш лъун вукIана Дагъистаналъул контрреволюционерас (ХIоцоса Нажмудиница) жиндирго хIаракаталъул бетIерлъуда». Гьел бугьтанал жакъагицин дандчIвала газетазда ва журналазда рахъарал цо–цо макъалабазда.

Амма хIакъикъаталдаги гьединав чи вукIинчо МухIамад–СагIид. Гьес киданиги рагIад рехизе течIо жиндир ссилияб тухумалдеги кIудиял умумазул ишаздеги цIараздеги. МухIамад–СагIидида цIакъ лъикI лъалаан жив лъил наслуялъул чи кколевали. Гьединлъидал гьес гIумру тIамуна цIакъ ургъун, гьелъул щибаб рахъалъул хIисаб гьабун, гIемер къадруяб къагIидаялда. «Черхалъулги гIамал-хасияталъулги рахъалъ гьев цIакъ релълъарав вукIана жиндирго инсудаги кIудадаги. Къадруяв, аваданав, чIухIи гьечIев гьев киназего вокьулаан ва киназго гьесул хIурматги гьабулаан. Камилаб пикруги пасихIаб каламги букIарав СагIид Шамил гьебго заманалда вукIана гIакъилчиги тарихчиги». Гьесие цIакъ бокьулаан Дагъистан. Гьелъул тархъанлъиги эркенлъиги гьесда бихьулаан ва бичIчIулаан жиндирго умумазда бичIчIулебги бихьулебги букIараб къагIидаялда ва гьеб мурадалъе гIоло къеркьана гьев тIолабго гIумруялъ.


Кавказалъул рагъулъ[хисизабизе | код хисизабизе]

МухIамад–СагIидил лъимерлъиги балугълъиги бачIана Турциялъулги Шималияб Кавказалъулги тарихалда жаниб кIудиял хиса–басиял ккараб заманалде. I9I4 соналъ байбихьараб ТІоцебесеб дунялалъул рагъалъги, гьелъул асаралда гъоркь Россиялда лъугьараб инкъилабалъги ва байбихьараб жанисеб рагъалъги Кавказалда кIудиял лъугьа–бахъинал дунялалде ахIана. Гьезда гьоркьоб букIана I9I8 соналъул II маялда Шималияб Кавказалъул халкъаз, Россиялдаса тархъанлъараб, жибго жиндаго чIараб пачалихъ МугIрузулаб Республика лъазабиги. Амма Дагъистаналдаги Кавказалъул цогидал бакIаздаги байбихьараб жанисеб рагъалъ цIияб пачалихъалъул бутIрул: ХӀоцоса Нажмудин, Узун–хІажи, Хъайтмаз ГIалиханов ва гь.ц. тIамуна тушбабазде, аслияб куцалда генерал Деникинил бетIерлъиялда гъоркь букIараб ХъахIаб Аскаралдаги большевиказдаги данде къеркьей байбихьизе. Гьеб къеркьеялъул идеологияб кьучIлъун букIана ислам, мурадлъун-ватIаналъул тархъанлъиги эркенлъиги цIуни ва щула гьаби..

Шималияб Кавказ ва Дагъистан жибго–жиндаго чIараллъун рукIине гIоло гьабулеб букIараб рагъ гьелъул идеологазги церехъабазги рикIкIунаан Шамил имамас гьабураб рагъул, ай гъазаваталъул цIияб гьумерлъун. Гьединлъидалин гьезул цоясул–Узун–хIажи шайихасул пикру ккараб Шамил имамасул хутIарав варис, гьесул бищун гьитIинав вас МухIамад-Камил Дагъистаналде ахIизе ва гьев гъазаваталъул бетIерлъуда тезе. I920 соналъул II маялда Веденоялда аскIоб бугеб Кайшиюрт росулъ тIобитIун букIана Узун–хIажица ахIараб кIудияб мажлис. Гьелъул мурад букIана ватIаналда лъугьараб ахIвал-хIалалда тIасан халкъалъул пикру лъазабизе ва, гьебги хIисабалде босун, большевиказде данде къеркьей билълъинабизе. Гьеб букIана Узун–хIажида хвалил унти чIвараб, гьев рагIалде вакIарараб заман. Гьеб сабаблъун гьесда мажлисалда гIахьаллъизе кIвечIо. Жиндирго пикрабиги мурадалги шайихас загьир гьаруна мажлисалде хъвараб кагътида. Гьениб гьес хъвалеб букIана гъазават чIезе тезе бегьиларилан, миллияб хIаракат щула гьабизе ккелилан ва, жив хун хадуб, гьелъул цевехъанлъун Турциялда вугев Шамил имамасул ахирисев вас МухIамад–Камил вищизие бокьилаанилан ва гьесда сверухъ киналго цолъизеги ккелилан. Мажлисалда гIахьаллъараз шайихасул пикраби къабул гьаруна. МухIамад–Камил ахIизейилан, Турциялде битIизе цо къокъаги гIуцIана. Гьев вачIинегIан гьесул вакиллъун Инхоса Дарбиш МухIамад–хIажиги вихьизавуна. Гьеб заманалда МухIамад–Камил вукIана Сириялда. Жиндихъе хабар щвараб мехалъ, гьев Истамбулалде тIад вуссана ва гьениб гьесда лъана Шималияб Кавказги Азарбижанги БагIар Аскаралъул кверщаликье ккараллъи. Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалги лъазабун, ва, жив кIодолъунги унгтунги вугин гьединаб кIудияб ва къадруяб вазипа тIаде босизеян, гIиллаги бачун, жиндирго бакIалда гьес Дагъистаналде витIана жиндир цохIо вугев вас, анIила ичIго сон барав МухIамад-СагIид.

I920 соналъул июнь моцIалда МухIамад–СагIид Шамил Тифлисалде вачIана ва МугIрузулаб Республикаялъул бутIрузухъе рогьил битIана жив Кавказалде щванилан. Гьел къояз Дагъистаналдаса Турциялде тIад вуссунев вукIарав турк офицер Мустафа Бутбайица гьадин хъвалеб буго жинда Гуржистаналда дандчIварав МухIамад–СагIидил хIакъалъулъ: "Гьеб мехалъ Тифлисалде вачIана Кавказалъул бахIарчи Шамилил васасул вас СагIид–бейги гьесда цадахъ Сириялдаса кIиго чачанавги. Дун СагIид-бейгун дандчIвана ва баянлъана гьев Дагъистаналде инев вукIин. Гьеб мехалъ гьениб ахIвал-хIал цIакъ захIмалъун букIана. Дун божулароан гьесда мугIруздаги магIарулаздаги гьоркьоб эркенго хIалтIи гьабизе кIвеялда, щай гурелъул Дагъистанаги Чачанистанги большевиказул кодор рукIиндал...

Шайих Шамилил хIакъалъулъ жакъаги кIочон течIел бахIарчиял биценаз, гьай-гьай, халкъалъулъ кIудияб рокьиги хIурматги бижизабуна гьесул лъималаздехунги гьезул лъималаздехунги. Шамилил васасул вас магIарулазда жидерго цевехъанлъун вихьаравани, щаклъи гьечIого, магIарулазулъ цIилъизе букIана гьезул бахьарчияб таваккал...".

Нажмудингун дандчІвай[хисизабизе | код хисизабизе]

КIудияв Шамилил васасул вас Гуржистаналде щун вугилан рагIараб хабаралъ, магIарулазда гьоркьоб кIудияб чIаголъиги рохелги бижизабуна. МухIамад–СагIидгун дандчIвазейилан август моцIалъул ахиралда ГуржистаналъулЛагодехи шагьаралде уна ХIоцоса Нажмудинил бетIерлъиялда гъоркь I5 чиясдаса гIуцIараб магIарулазул къокъа. МухIамад–СагIидги вачIуна гьениве гьелгун дандчIвазе. Гьеб данделъиялда гIахьаллъи гьабуна полковник Хъайтмаз ГIалихановасги ва цоги чанго офицерасги.

КъватІисел улкабазул вакилзабигун дандчΙвай[хисизабизе | код хисизабизе]

Дагъистаналде иналде цеве МухIамад-СагIид Шамил дандчIвана Гуржистаналъул хIукуматулъул бетIергунги ва гьеб заманалда Тифлисалда букIараб Франсиялъул рагъулаб делегациялъул бетIер полковник Кокгунги. Гьесие бокьун букIана лъазе щиб даражаялъул ва къадаралъул кумек гьездаса щвезе бугебали МугIрузулаб Республикаялъе. Хьуллъураб жаваб щола МухIамад–СагIидие полковник Кокихъа. Гьезухъа щвараб рагъулаб сурсат мугIрузул нухаздасан Дагъистаналде рехизе гIоло, гьес гьеб иш тIадкъала чачанав, полковник МуртазагIали Куриевасдаги, магIарулал, полковник МухIамад Хандиевасдаги ва майор МикагIил Пираловасдаги.

Дагъистаналде щвей[хисизабизе | код хисизабизе]

I920 соналъул октябрь моцIалъ анцIила ичIго сон барав МухIамад–СагIид Шамил вачIана Дагъистаналде. «Гьев вугоан гьанжего–гьанже михъил хIур чIвалев, чIегIераб кьенсер–бералъул, чIурканаб лага–гIучIалъул, турказул офицеразул формаги ретIарав, рази–ракияб гьумералъул гьитIинав гIолохъанчи». БатIи–батIиял авторазул батIи-батIиял пикраби руго, МухIамад–СагIид Дагъистаналде вачIараб мехалъ, гьес миллияб къеркьеялъулъ хIараб ролалда тIасан. Масала, Шерефеддин Эрелица хъвалеб буго, магIарухъе щваравго, гьес жиндаго тIаде босанила рагъулаб хIаракаталъул нухмалъи ва аскаралъул штабалъул бетIерлъун полковник ГIумар Пираловги тIамунила. Ингилисазул тарихчи Александр Бенигсенил пикруялда рекъон, МухIамад–СагIид вукIана гъазаваталъул формалияв лидерлъун. Гьелъул хIакъикъиял церехъабилъунилан абуни рукIана Хунзахъа Хъайтмаз ГIалихановги, ХIоцоса Нажмудин имамги, СалтIаса Узун–хIажи шайихги. Узухъда, гьеб суал, МухIамад–СагIидил гIумруялда хурхарал гIемерал цогидал суалалго гIадин, рагIа-ракьанде щун мухIкан гьабизе ккараб буго. Амма мухIканго лъала МухIамад–СагIидица Дагъистаналда кинабниги 62 къо бараблъи ва гьев чанго кIвар бугел рагъазулъ гIахьаллъаравлъи. Гьезул цоялъулъ лъукъунгицин вукIун вуго гьев.

Умумузул ватIаналда МухIамад–СагIид щварал щинал бакIазда, Шамил имамасул заманалъ рукIарал байрахъалги кодор ккун, халкъалъ гьесда кIудияб дандчIвай гьабулеб букIана. "Большевиказда дандерахъаразул символ хIисабалда вукIана къватIиса вачIарав Шамил имамасул васасул вас СагIид–бек. ГIемер азарго чияс гIахьаллъи гьабураб дандечIей сверана унго–унгояб рагъуде".

Гьеб заманалда, ай I920 соналъул ахиралда Дагъистаналъул миллиял къуватазда церечIарал аслиял масъалабазул цояблъун букIана магIарухъ, кIвар бугел бакIазда гIуцIун рукIарал большевиказул горнизонал щущахъ риххизари. Амма кодоб букIараб тIадагьаб ярагъгун гьеб масъала гьезие тIубазе бигьа букIинчIо. Гьедин, I920 соналъул 23 сентябралда цолъарал къуватаз гьабураб гьужумалъул хIасилалда щущахъ биххизабуна Болъихъ букIараб большевиказул горнизон. БагIаразул цогидаб къокъа, КIаратIа росда аскIоб сверун ккун, тIагIинабуна. Амма I920 соналда Азербайжаналдаса Дагъистаналде бачIараб БагIар Аскаралъул кумекалдалъун бакIалъул большевиказул къуватаз жанисеб рагъулъ бергьенлъи босана ва I92I соналъ Дагъистаналда Совет хIукумат щулалъана.

Турциялде тІад вуссин[хисизабизе | код хисизабизе]

МагIарухъ большевиказул хIукумат бергьун хадуб, МухIамад–СагIид Шамилица I92I соналъул март моцIалда Дагъистан тезе ккана. Большевиказе бокьун букIана гьев кквезе. Гьелъул мурадалда Муслим Атаевасул къокъацин битIун букIун буго гьесда хадуб. Амма божарал гIадамазул кумекалдалъун, мугIрузул сухъмахъаздасан, захIматаб, кIиго моцIалъ халат бахъараб сапаралъул ахиралда МухIамад–СагIид Шамил Нахичеваналде щола ва гьенисан Турциялде уна.

ТIад вуссун хадуб МухIамад–СагIидица жигараб хIалтIи гьабуна Турциялдаги, Сириялдаги, Иорданиялдаги ва цоги ГIагараб Бакъбаккул пачалихъаздаги рукIарал мугьажирзабазда Кавказалда бугеб ахIвал–хIал, хасго гьеб эркен гьабиялъул масъала бичIчIизабие ва гьелъие гIоло хIаракат гьабизе. Гьес хасаб кIвар кьолаан гъурбаталда гIураб гIолохъанаб гIелалда умумазул ватIан–Кавказ кIочон течIого букIине, гьезда гьеб бокьизабизе, гьелъул эркенлъи гьезул гIумруялъул аслияб мурадлъун букIин бичIчIизабизе гIоло. «Миллияб асар чорхолъ бессараб нилъер гIолохъанлъиялда лъазе ккола батIиял миллатазул мацIал, къватIисел улкабазда цебе Кавказалъул суал чIалгIинчIого, свакачIого бичIчIизабизелъун».

Турциялдаса къватΙиве ин[хисизабизе | код хисизабизе]

20–абилел соназда Турциялъул президент Кемал Ататюркица, Совет пачалихъалъулгун лъикIаб гьоркьоблъи цIунизе гIололъун, улкаялда жанир рукIарал Кавказалъул диаспораялъул киналго бутIрул Турциялъул ватIанчилъиялдаса (гражданлъиялдаса) махIрум гьаруна ва улка тун къватIире ритIана. Гьеб квеш букIарав МухIамад–СагIидги I926 соналъул хаслихъ, цадахъ босун кIудияб библиотекагун, Варшаваялде гочана. Гьелъул хIакъалъулъ гьес жинцаго цо кагътида хъвалеб буго гьадин: «Дица Варшаваялде щвезабуна миллияб библиотека. Кавказалъул хIакъалъулъ немец, венгр, франг, испан, итали, латин мацIазда хъварал гьел къиматал тIахьал данде гьарун рукIана хIурматияв ХIусен Тосун–бейица. Гьенире дицаги цодагьал жал кьуна. Гьезул къадар ункъо, щуго азаргоялдасаги цIикIкIунаан. Гьалмагъзабаз гьениб жеги аза-азар тIехь гIурус ва поляк мацIаздаги жубана. Гьеб къагIидаялда гIуцIун букIана къимат тIокIаб, тарихияб тIахьазул кIалгIа. ТIокIаб данде гьабизе рес гьечIеб гьеб хазина, Варшаваялде тIаде бомбаби рехулаго, бухIун тIагIана.

Европаялде щвей[хисизабизе | код хисизабизе]

20–30–абилел соназда Европаялъул пачалихъазда, хасго Польшаялдаги Чехословакиялдаги букIана Кавказалъул халкъазаул кIудияб диаспора. Гьел пачалихъазул бутIрузеги хIукуматазеги цIакъ рихараб букIана Совет пачалихъги гьелъие идара гьабулеб букIараб коммунистазул режимги. Гьединлъидал гьез бажарараб материалиябгун моралияб кумек гьабулаан Совет пачалихъалдаса лъутун рачIарал гIадамазе, гьезда гьоркьор Кавказалдаса мугьажирзабазеги.

Гьеб заманалда Польшаялда Кавказалъул мугьажирзабазул гIумруялъулъ кIудияб роль хIалеб букIана "Прометей" абураб Азарбижаналъул, Гуржистаналъул, Шималияб Кавказалъул, Туркистаналъул ва Украиналъул мугьажирзабазул организациябаз гIуцIараб политикиябгун жамгIияб хIаракаталъ. Гьелъул хIалтIулъ гIахьаллъи гьабулаан МухIамад–СагIид Шамилицаги. Амма гьесдаги гьевго гIадал Шималияб Каказалъул мугьажирлъиялъул машгьурал гIадамаздаги бичIчIулеб букIана жидеда церечIарал масъалаби гIумруялде рахъинаризе ккани, жидерго цо хасаб политикияб гIуцIи букIине кколеблъи. Гьедин, I926 соналъул I8 ноябралда Варшаваялда гIуцIана Кавказалъул магIарулазул халкъияб партия (КМХП) (I926-I940). Гьеб букIана Шималияб Кавказалъул мугьажирлъиялъул тарихалда жаниб гIуцIараб тIоцебесеб ва ахирисеб политикияб партия. Гьелъул Генералияв секретарлъун вищун вукIана, гьеб гIуцIулаго кIудияб жигар бахъарав, МухIамад–СагIид Шамилги. Гьес гьеб хъулухъ билълъинабуна I932 соналде щвезегIан. Партиялъул программаялда рихьизарурал мурадазул аслияблъун букIана, I9I7 соналъул I8 сентябралда ГIандиб тIобитIараб мажлисалъ къабул гьабураб хIукму гIумруялде бахъинаби, ай тархъанаб Шималияб Кавказалъул Федеративияб Республика гIуцIи. Гьелдаго цадахъ партиялъ цебелъун букIана масъала ВатIаналдаса рикIкIад, мугьажирлъиялда ругел Кавказалъул магIарулазул маданиятги, культураги, тарихги, мацIги ва гь.ц. цIунизе гIололъун хIажатал тадбирал гьаризеян; гIолохъанаб гIелалъе миллияб кьучIалда лъай ва тарбия кьезеян; гIолилал васалги ясалги жигараб политикияб гIумруялде гъорлъе рачине ва букIинисеб къеркьеялъе гьел хIадур гьаризеян.

ТIадехун абухъего, Шималияб Кавказалъул мугьажирзабазда гьоркьоб бищун рахIат хвезабулеб суаллъун букIана гIаммаб мацIалъул суал. Гьез рикIкIунаан букIинисеб пачалихъалъул пачалихъияб мацIги букIине кколилан..

Гьеб кIвар бугеб масъала гIумруялде бахъинабизе гIололъун I933 соналъул I6 апрелалда Варшаваялда гIуцIун букIана Шималияб Кавказалъул мацIазул комиссия. Гьеб комиссиялда рукIана Кавказалъул батIи–батIиял халкъазулги поляказулги вакилзабиги, гьезда гьоркьор магIарулал МухIамад–СагIид Шамилги Багьавудин Хуршги. Комиссиялда тIадкъан букIана гIаммаб пачалихъияб мацI тIаса бищизеян абураб масъала. Байбихьудасанго нахъчIвана гIурус, турк ва гIараб мацIал, щай гурелъул, комиссиялъул пикруялда рекъон, гьел рукIана чияр мацIал. Гьезул бакIалда комиссиялъул вакилзабаз халгьабуна лъарагI, абхаз, адиг, магIарул, чачан, осетин мацIазул. Ахирги хIукму гьабуна букIинисеб Шималияб Кавказалъул Федеративияб Республикаялъул пачалихъияб мацIлъун лъарагI мацI тасдикъ гьабизе. Церелъурал мурадалги масъалабиги гIумруялде рахъинаризе, гьел мугьажирзабазда ричIчIизаризе гIололъун 30–абилел соназда Варшаваялда Кавказалъул магIарулазул халкъияб партиялъ, жиндирго органал хIисабалда, риччалаан батIи-батIиял журналалги газеталги, масала, "Путь свободы" ("ХIурияталъул нух"), "Борьба" ("Къеркьей"), "Знамя народа" ("Халкъалъул байрахъ"), "Наша цель" ("Нижер мурад"), "Горцы Кавказа" ("Кавказалъул магIарулал"), "Вольные горцы" ("Эркенал магIарулал") ва гь.ц. Гьезда гьоркьоб бищун машгьураблъун букIана "Горцы Кавказа" ("Кавказалъул магIарулал") абураб журнал. Гьелъул гьурмазда хасаб бакI кколаан политикияб публицистикаялъ. Гьенир цогидал авторазул камилал макъалабазда гьоркьор рукIунаан МухIамад–СагIид Шамилил макъалабиги.

Кавказалъул халкъазул тІалабалда[хисизабизе | код хисизабизе]

30–абилел соназда МухIамад-СагIид Шамил щвана Европаялъулги (Англия, Алмания, Франсия, Швейцария ва гь.ц.) ГIагараб Бакъбаккулги (Сирия, Иордания, Миср, СагIудиязул ГIарабия ва гь.ц.) пачалихъазде. Гьес кIудияб хIалтIи гьабуна гьенир ругел Кавказалъул жамагIатал данде гьаризе, мугьажирлъиялда церечIарал гIаммал масъалаби гьезда ричIчIизаризе ва гь.ц. Гьедин, МухIамад–СагIидил жигараб гIахьаллъигун, гIуцIун рукIана мугьажирзабазул жамагIатал: «Англия-Кавказ» (Лондон, I93I), «Кавказ» (Сирия, I934), «Черкесазул вацлъи» (Египет, I934) ва гь.ц.


Исламияб комитеталъул вакиллъун[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьелдаго цадахъ гьев дандчIвана батIи–батIиял пачалихъазул бутIрулгунги гIахьаллъана халкъаздагьоркьосел конференциябаздаги данделъабаздаги. Масала, I93I соналъул 7 декабралда МухIамад–СагIид Шамил ун вукIана Иерусалималде (Къудусалде), гьелъул муфти Амин ал–ХIусеница Исламияб Конференциялъул мажлисалда гIахьаллъизеян ахIун. Гьенив гьев вищана гьеб организациялъул идараялъул бищун гIолохъанав вакиллъунги. Гьеб киналъулго мурад букIана гьениб Кавказ эркен гьабиялъул суал бичIчIизаби ва бусурман улкабазда гьоркьоб гьелъие квербакъи бати.

Гьел соназда МухIамад–СагIидица гIемераб заман балаан СагIуди ГIарабистаналдаги. Гьениб гьесул рукIана инсудасаги кIудиял умумаздасги ирсалъе щварал ракьалги цогидаб магIишатги. Гьеб гуребги СагIуди ГIарабистаналда МухIамад–СагIид Шамил хIалтIулев вукIана "РабитІату ал–Ислами" ("Исламияб бухьен") абураб ТIолгодунялалъулаб Исламияб Организациялъул нухмалъияб комитеталъул вакиллъунги. Гьеб организациялъул хIалтIулъ аслиял рахъазул цояблъун букIана дунялалъул щибаб бакIалда зулмуялда гъоркь ругел бусурманал халкъазе кумек ва квербакъи гьаби.

Гитлергун дандчІвай[хисизабизе | код хисизабизе]

I939 соналъ байбихьараб КІиабилеб дунялалъул рагъалъ ахир лъуна Польшаялдаги, Чехословакиялдаги Европаялъул цогидал улкабаздаги рукIарал Кавказалъул мугьажирзабазул жамгIиябгун политикияб ва культуриябгун рухIияб гIумруялъеги гьезул партиялъул ва жамагIатазул хIаракаталъеги.

Алманиялдаги Совет пачалихъалдаги гьоркьоб ккараб рагъалъ Кавказалъул диаспораялда цIилъизабуна ватIан эркен гьабизеян гьениб даим чIаго букIараб хьул, ва мугьажирзабаз байбихьуда гьеб рагъ рохалида къабулги гьабуна. Амма гьезда хехго бичIчIана Кавказалда тIасан жидер рукIарал планалги Гитлерил пикрабиги дандекколареллъи.

Кавказги гьеб гурел цогидал бакъбаккул ракьалги жидерго кверщаликье рачине, гьезие идара гьабизе гIололъун немцаз Розенбергил нухмалъиялда гъоркь гIуцIана хасаб министерлъи. I942 соналъ Алманиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ, Кавказалъул суалал тIадкъазеян, МухIамад–СагIид Шамил ахIана Берлиналде. Гьенив гьев дандчIвана Алманиялъул бутIрулгун гьезда гьоркьов живго Гитлергунги. Амма немцазул планалгун лъай–хъвай гьабураб мехалъ, МухIамад–СагIидида бичIчIана гьезие жидеего бокьун букIин Кавказалда тIад кверщел гьабизе ва гьез киданиги жиндир ватIаналъе тархъанлъиги эркенлъиги кьезе гьечIеблъи. Гьезулги жиндирги планал данде кколареллъи бичIчIараб мехалъ, МухIамад–СагIид Шамил, немцазул планаздаса инкарги гьабун, I942 соналъ Турциялде тIад вуссана.

Кавказ эркенлъиялъул масъала халкъаздагьоркьоб борхизаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагъдаса хадуб, "цIорораб рагъул" соназда МухIамад–СагIид Шамилица хIукму гьабула Кавказалъул эркенлъиялъул масъала халкъаздагьоркьосеб даражаялде борхизабизе. Гьеб мурадгун гьес жигараб гIахьаллъи гьабизе байбихьана батIи–батIиял конференциябазда, симпозиумабазда, мажлисазда ва данделъабазда, масала, Азиялъул ва Африкаялъул Улкабазул Конференция (Каир), Бандунгалъул Конференция (Бирма) ва гь.ц. Гьениб гьес кидаго борхулаан бусурманал халкъал эркенлъизе гIоло исламиял хIукуматазги организациябазги матералиябгун моралияб кумек гьабизе ккеялъул суал.

50–абилел соназда МухIамад–СагIид Шамил цо–цо цевевахъунаан «Эркенлъи» ва «Эркенаб Европа» радиоялдасан Совет пачалихъалде, коммунистазул режималде данде пропагандаялъулаб гара-чIваригун. Европаялда Кавказалъул мугьажирзабаз риччалел рукIарал бюллетеназдаги, журналаздаги, мажмугIаздаги рахъулаан гьесул гIемерал макъалабиги. Гьелдаго цадахъ гьес жигараб гIахьаллъи гьабулаан мугьажирзабазул батIи-батIиял организациябазги хIаракатазги ахIарал халкъаздагьоркьосел симпозиумабазда, конференциябазда ва данделъабазда, дандчIвалаан дунялалъул машгьурал политикалгун ва жамгIиял хIаракатчагIигун.

Кавказалъул культурияб цолъи гΙуцΙцΙи[хисизабизе | код хисизабизе]

I95I соналъ Истамбулалда МухIамад–СагIид Шамилица Пшимахо Косокгун, Вассан–Гирей Джабагъигун, Айтек Намитокгун, Къадиржан Кафлигун ва цогидалги Кавказалъул диаспораялъул машгьурал гIадамалгун цадахъ гIуцIана «Шималияб Кавказалъул кумекалъулаб ва культурияб цолъи» («Kuzey Kafkasya Yardım ve Kültür Derneğı»). Гьеб гIуцIиялъе аслияб гIилла букIана КIиабилеб дунялалъул рагъдаса хадуб Турциялдаги гьениб бугеб Шималияб Кавказалъул диаспораялдаги кIудиял хиса–басиял ккей. ТIоцебесеб иргаялда гьел рукIана немцазул асирлъудаса хадур, Сталинил режималдасаги хIинкъун, Кавказалде тIад руссинчIел цIиял мугьажирзаби. МацIги хIалги лъаларел, лъалев чиги гьечIел гьел гIадамазе цIакъ захIмат букIана апараглъиялда цIияб гIумру гIуцIизеги чияр жамагIаталда жаниб жидерго бакI батизеги. Гьеб гуребги, хIажат букIана мугьажирлъиялда гIураб цIияб гIелалъе тарбияги лъайги кьезе, гIолохъанал ясаздаги васаздаги Кавказалъул бахIарчияб тарихги, бечедаб культураги, умумазул камилаб гIамал-хасиятги малъизе ва гьезда гьеб бичIчIизабизе. Гьелъул мурадалда жамагIаталъ гIуцIун букIана «Кавказ» абураб журналги. Гьенир рахъулаан диаспораялъул ва Кавказалъул гIумруялъул батIи–батIиял темабаздасан хъварал макъалабиги, репортажалги, мугьажирзабазул ракIалдещвеялги, фольклориялгун адабиял асаралги ва гь.ц.

Заман анагIан Турциялда бугеб Кавказалъул диаспораялда цере гIумруялъ лъолел рукIана цIия–цIиял масъалабиги тIалабалги. Гьел тIалабазе кьолел жавабазул цояб хIисабалда букIана МухIамад–СагIид Шамилил пикруялда рекъон ва гьесул кIудияб хIаракаталдалъун I978 соналъ Истамбулалда рагьараб «Шамилил лъайкьеялъулаб ва культурияб фонд» («Şamil Eğitim ve Kültür Vakfı»). ХвезегIан гьабуна гьес гIахьаллъи гьеб фондалъул хIалтIулъ гьелъул нухмалъиялъул вакил хIисабалда.

МухІамад-СагІидил адабияб ирс[хисизабизе | код хисизабизе]

МухIамад–СагIид Шамилие цIакъ бокьулаан тIахьал цIализе ва гьес кидаго жигар бахъулаан цIалулеб жоялъул гъварилъуде ваккизе, гьелъул пикру бичIчIизе. «Гьебго жо букIунаан гьевгун гара-чIвари гьабулагоги-кинаб букIаниги лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ ялъуни Кавказалъул тарихалда тIасан цо пуланаб жо диего мухIкан гьабизеян гьесие суал кьурабго, гьес байбихьулаан рагIа-ракьанде щун… жаваб кьезе ва цо хабар бицине анцIила щуго минут гIолеб бакIалда, унаан сагIатгин бащдаб заман…».

Пайда щиб, цIалудехун букIараб хIасраталда цадахъ гьесул букIинчIо жиндирго пикраби хъван загьир гьарулеб гъираги. Энциклопедияб лъайги, лъикIаб гIакълуги ва мантIикъги букIаниги гьесие бокьулароан хъвадаризе, къалам кодобе босизе. Амма кин букIаниги МухIамад–СагIидихъа хъван бахъана цо чанго тIехьги брошюраги: «Кавказалъул магIарулал» (Париж, I930.–франг мацI), «Кавказалъул вакиласул гара–чIвари» (Дамаск, I956.– гIараб мацI), «КъватIисел туркал ва социализм» (Истамбул, I97I.–турк мацI). Гьел гурелги, I998 соналъ Истамбулалда турк мацІалда басмаялда бахъана ЖахIпар Барласица данде гьабураб МухIамад–СагIидил публицистикиял макъалабазул «ЖугьутIазул дагIбаги Палестинаялъул проблемаги» абураб тIехьги.

Гьелдаго цадахъ гьесул гIемерал макъалабиги хъварал жалги рахъана Турциялъулги батIи-батIиял улкабазулги мажмугIаздаги, журналаздаги, газетаздаги. МухIамад–СагIид Шамилил букIана кутакалда бечедаб библиотека. Гьенире данде гьарун рукIана дунялалъул цо-цо мацIазда хъварал цIакъ къиматал тIахьал. Абизе ккола, тIабигIатияб сахлъиялъ гьесие рес кьолаан хIатта ункъого сон бараб мехалъгицин, цIороберал рачIого, тIахьал цIализе.

Гьесда эркенго лъалаан магIарул, гIараб, гIурус, ингилис, турк ва франг мацIал.

Хвей[хисизабизе | код хисизабизе]

1981 соналъ МухIамад–СагIид Шамил ана ХІежалде. Гьениб Зам–зам лъедухъ какие чурулаго, гьев, лъавудаса ун, гIодове речIана ва цIакъ захIматго бетIер бекана. КигIан квеш вугониги, СагIуди ГIарабистаналда хвезе бокьичIев МухIамад–СагIидица тIалаб гьабуна жив хехавун Истамбулалде вачине. Рокъове тIад вуссун гьес бана цо чанго къо ва 1981 соналъул 21 марталда Истамбулалъул больницаялда хвана.

Гьедин лъугIана Шамил имамасул васасул вас МухIамад–СагIидил рахIатхвараб, хIалуцараб, гIемерал лъугьа–бахъиназ бечед гьабураб гIумру. Жинцаго жиндаго цебе лъураб кIудияб мурадалъе, анишалъе гIоло тIамураб гьеб гIумруялъ, гьаб дуниял тезегIан, цогидаб жоялде буссине течIо гьесул пикруги ракIги. Гьелъ батизе ккола МухIамад–СагIидил киданиги букIинчIеб я хъизан, я лъимал. Гьезде гьев регIунги вукIинчIо. Нахъе наслу течIого, дуниялалдаса ратIалъана гьесул кIиялго яцалги–Нажабатги Нажияги.

МухIамад–СагIид Шамил вукIана жиндир заманалъул инсан. Гьесул цIаралда сверухъ жеги руго хIакъикъиялги гьересиялги харбалги биценалги. Амма, кин батаниги, ватIан тун арал аза–азар мугьажирзабазулго гIадин, МухIамад–СагIид Шамилил гIумруги хIаракатги ккола Дагъистаналъул тарихалъул бутIалъун ва, цо рахъалдасан балагьун, цо коцотIа борцун, цо пикруялда хадур рилълъун, гьезие къимат кьезе бегьуларо ва бажароларо.

ХIужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Пайда босараб адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

  • Тахо-Годи А. А. .
  • Kuzey Kafkasya. İstanbul, Sayı: 62,I986. S. 39.
  • Мустафа Бутбай. Воспоминания о Кавказе. Махачкала, I993. С. 64–65.
  • Şerefeddin Erel. Dağıstan ve Dağıstanlılar. İstanbul, I96I. S.I87.
  • История Дагестана. Махачкала, I997. С.298.
  • Заид ХIажиев. БагIараб отряд. МахIачхъала, I987. 73–74 Гь.
  • Şerefeddin Erel. Dağıstan ve Dağıstanlılar. İstanbul, I96I.
  • Dağıstan. Sayı: 8–9–I0, I999.
  • Kuzey Kafkasya. Sayı: 62, I986.
  • Birleşik Kafkasya. Sayı: 3,I995. S.5I–52.
  • Tarih ve Toplum. Sayı: I6I, I997. S. 54.
  • Казбекова З.Г. Дагестан в европейской литературе. Махачкала, I994. С.I08.
  • Наш Дагестан. №№ I78–I80,I995. С.38.