Гьидерил сверел
Гьидерил сверел — авар мацӀалъул диалектазул цояб, жиб бакъдасеб тӀадгаруде гъорлӀе унеб.[1][2] ЦӀар бачӀараб буго сверел жаниб лӀугьараб ГьидалӀ абураб исторкияб регионалдаса.
ТӀибитӀиги гаргаралги
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьидерил свералил тӀибитӀул ареал ккола гьанжесеб Шамилил мухъ. Гьенире гъорлӀе ккола ГьентӀа, ГӀурада, Лъахъ, МачӀада, НакӀкӀикь, ТӀидиб, ХӀотода росаби, жал це гьидерил бодул рукӀарал, Зивуриб.[3] Гьединго гьидериллъун рикӀкӀуна ЧӀарада мухъалъул ГӀурухъ-cотӀа росдал кӀалъги.[4] Мадугьалихъ руго хьондехун къахӀисезул жубараб гарагар, бакъаккудехун — къаралазул сверел, бакъдехун — къелесезул жубараб гаргар, бакътӀерхьудехун — бакълъухъезул сверел.
Гьидерил свералил гаргарал ккола: гӀурадиссезул, лъахъассезул, гӀурухъсотӀассезул, мачӀадисезул, хучадиссезул, зивурисезул.[3] Гьезул дифференциация буго гӀемер халлъулареб, дагьабго батӀалъи буго гьаркьилаб куц-мухъалъул. Бищунго гьеб ххалъула Лъахъ росдал гаргаралъулӀ, гьенир данчӀвала хутӀаразулӀ гьечӀел /qχː/ (Хъ), /tsː/ (Цц) фонемаби.[5]
Фонетика
[хисизабизе | код хисизабизе]Рагьукъал
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьидерил свералил рагьукъазул системалда гьечӀо стандарталъул гъугъаб алвеоларияб аффриката /t͡s/ (ц) ва элъул хӀалуцараб форма /t͡sː/ (цц), гъугъаб палато-алвеоларияб аффрикаталъул хӀалуцараб форма /t͡ʃː/ (чч), гъугъаб хӀалуцараб алвеоларияб латералияб аффриката /t͡ɬː/ (лӀ), гъугъаб хӀалуцараб увуларияб аффриката /q͡χː/ (хъ), гъугъаб веларияб плозивалъул хӀалуцараб форма /kː/ (кк). Руго стандарталда гьечӀел рагьукъал гьаркьалги: билабиалаб абруптив /pʼ/ (пӀ), зирараб палато-алвеоларияб аффриката /d͡ʒ/ (дж), гъугъаб алвеоларияб латералияб абруптивияб аффриката /t͡ɬʼ/ (кьӀ).[6]
Рагьукъазул хӀалуцен гьидерил диалекталда буго загӀипат, магӀна батӀахъулеб рол гьезул буго цо чанго рагӀулӀ, гьединлъидал цогидазде дандеккун свералил буго хассаб тамахлъи. Гьеб рахъалдалъун гьидерил сверел гӀагараб буго гӀандалазулалде.
Аналог | Гьидерил | Стандарт | Аналог | Гьидерил | Стандарт | |
---|---|---|---|---|---|---|
с = ц | со гӀарас бисле |
цо гӀарац бицине |
лълъ = лӀ | лълъутӀ лълъугьле белълъене |
лӀутӀ лӀугьине билӀине | |
сс = цц | ссебе бессле ссин |
ццебе беццизе ццин |
х = хъ | нахе хамле хвеле |
нахъе хъамизе хъвезе | |
щ = чч | щукӀле бурщле бещщле |
ччукӀизе буччизе беччизе |
хь = кь | гӀенехьле михь бахьле |
гӀенеккизе микк баккизе |
Рагьарал
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьидерил свералида буго стандарталдаго гӀадин щуго рагьараб гьаракь: тӀасияб борхул /i/–/u/, тӀаса-гьоркьохъеб борхул /e/–/o/, гъоркьияб /ä/, гьединго руго назаллъаралги: /ũ/, /õ/, /ã/, фонематикияб кӀвар эзул гьечӀо.[6][7] Сверел буго одулеб, стандарталда /u/ бугелъуб гьидерил гаргаралда хӀалтӀизабулеб /o/:
- КӀижубараб рагӀулӀ, тӀоцебесеб кьабизабулеб гьаракьгун: гӀазо — гӀазу, сино — сину, росо — росу.
- Цо-цо вербазул кьабизабулеб тӀоценбесаб жубда: богьле — бугьине, бохӀле — бухӀизе, букъле — юукъизе.
- ЦӀарсазда: чо — чу, ччӀужо — чӀужу, гӀорщенаб — гӀурччинаб.
Стандарталъул /o/ бугелъул гьидерил свералида цо-цо бакӀалда батула /u/: хӀуб — хоб, къуну — къоно, бурухб — борохь. ВербазулӀ /u/ букӀуна гьединго /e/ хисунги: гьубуле — гьабизе, нучуле — нечезе.
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ МикагӀилилазул 1959.
- ^ Атаев, Б. М (2020). "Некоторые фонетико-морфологические особенности диалектов аварского языка" (PDF). Вестник Института языка, литературы и искусства им. Г. Цадасы (22). ДФИЦ РАН: 8–13. doi:10.31029/vestiyali22/1. Щвей 2024-03-02.
- ^ a b Магомедов, М. А.; Магомедова, М. М. (2018). "Проблемы диалектного членения аварского языка" (PDF). Филологические науки. Вопросы теории и практики. 1 (9#87). Тамбов: Грамота: 123–126. ISSN 1997-2911. Щвей 2024-03-02.
- ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 296.
- ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 297.
- ^ a b МикагӀилилазул 1959, гь. 300.
- ^ Магомедов, М. М. (2011). "Особенности вокализма гидского диалекта аварского языка". Известия Дагестанского государственного педагогического университета. Общественные и гуманитарные науки (3): 116–119. Щвей 2024-03-07.
Библиография
[хисизабизе | код хисизабизе]- МикагӀилилазул, Ш. И. (1959). "Гидский диалект Южного наречия" [Бакъдасеб тӀадгарул гьидерил сверел]. Гъоркь: Бокарев, Е. А. (ред.). Очерки аварской диалектологии [Авар диалектологиялъул хъвай-хъвагӀаял]. Ленинград: СССРалъул гӀелмабазул академиялъул пресса. гь. 510.