Сурхайханил ПатагӀали

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Сурхайханил ПатагӀали
Байрахъ
Аваристаналъул наиб
июл, 1851 — 1859
Имам Шамил
Цевесев Хунзахъа ХӀажимурад
Хадусев хъулухъ хвезабуна

Гьави ?
Хунзахъ, Авар нуцаллъи
Хвей октобер, 1877
Кутиша, Россиялъул империя (гьанжесеб Лаваша мухъ, Дагъистан)
Династия Нуцабазул наслу
Эмен Сурхайхан
Лъади Ханзадай
Лъимал вас: ГӀамирсултӀан (чӀв.1894 с.)

Сурхайханил ПатагӀали яги ПатагӀали Аварияв (?, Хунзахъ, Авар нуцаллъи — октобер, 1877, Кутиша, Дагъистаналъул вилаят, Россиялъул империя) — аваразул рагъул цевехъан, Имам Шамилил наиб. Хунзахъа авар нуцалзабазул наслуялъул чи. ПатагӀалил эмен вукӀана Сурхайхан Аварияв, ГьоцӀалӀа ХӀамзатица жив чӀварав, гьесул кӀудияв эмен вукӀана Гебек-хан, КӀудияв ГӀумаханил вац.

Биография[хисизабизе | код хисизабизе]

1834 соналъ нуцалзабазул наслу тӀагӀинабуна, ПатагӀали вукӀана кӀодоэбелгун Хунзахъ. ГӀурус оккупационияб нухмалъиялда ракӀалда букӀана жеги балугълъичӀев ПатагӀали аваразул ханлъун тезе. Гьев Туплисалде вачана, амма муридзабаз эркен гьавуна.

ПатагӀали рехсон вуго 1844 соналъул лӀугьа-бахъиназда "ХӀажимурад 30 муридгун Хунзахъе вачӀиндал, гьесда цадахъ вукӀун вуго ПатагӀали, Сурхайханил вас, ва Хунзахъе щведал, гьел рещтӀун руго ханзабазул рокъор". 1851 соналъ Шамилица наиблъудаса вахъана ХӀажимурад ва Сиухъ, ХӀариколо, ТӀануси ва Гозолоколо росаби кьуна ПатагӀали наибасухъе.

Дагъистаналда гӀурус кверщел билӀинабун хадув ПатагӀали вукӀана гӀурус администрациялда хӀалтӀулев, гьесие чӀезабун букӀана 500 гъурущ мухьалъулги.

1877 соналъ ПатагӀалица бетӀерлъи гьабуна Дагъистаналъул ункъабилев имам СугъралӀа МухӀамадхӀажил нухмалъиялда гъоркь аваразул гӀурус оккупациялде данде рахъиналъе. 1877 соналъул октобералда ПатагӀали чӀвана гӀурус пачаясул аскаралггун данде Кутиша росдада аскӀоб ккараб рагъуӀл.

Хъизан[хисизабизе | код хисизабизе]

ПатагӀил лъадилъун йикӀана Хириясул ГӀалибегил яс Ханзадай. Гьезул букӀана 7 лъимер, ва киналго рукӀана Хунзахъ. КӀиабилей лъади йикӀана Сиухъ, гьелъие гьарурал рукӀана ичӀгоял, цояв васасда цӀар букӀана ГӀамирсултӀан. Гьез гӀахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул щуабилев имам ХӀоцоса Нажмудинил нухмалъиялда гъоркь букӀараб данде рахъиналда.

РегӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]