МухӀаммадилазул Идрисил АхӀмаднаби
МухӀамадилазул Идрисил АхӀмаднаби | |
---|---|
Гьави |
21 октобер, 1897 Гъодобери, ГӀанди сверухълъи (гьанже Болъихъ мухъ) |
Хвей |
26 март, 1961 (63 сон) Мюнхен, Германия |
Вукъараб бакӀ | Валдфридгьоф хабзала |
Миллат | Аварав |
Эмен | Муниса Идрис |
Эбел | КӀкӀаратӀаса ХӀажиясул Каримат |
Лъайщвей | Прагьаялъул техникияб университет |
ХӀалтӀи-пиша |
|
МухӀаммадилазул Идрисил АхӀмаднаби (21 октобер, 1897, Гъодобери, ГӀанди сверухълъи[1][2] — 26 март, 1961, Мюнхен, Германия[2]) — жамгӀияв жигарчи, гӀалимчи, КӀиабилеб дунялалъулаб рагъул заманалда Лъабабилеб Рейхгун цадахъ хӀалтӀулев вукӀарав. Шималияб Кавказалъул миллияб комитеталъул президент; рагъул соназ ватӀанцоязе, гьездаго цадахъ рагъда асирлъаразе кумек гьабулев вукӀарав.[3] Вермахталъул Шималияб Кавказалъул Легионалъул организаторазул ва нухмалъулезул цояв, Лъабабилеб рейхалъе информация бакӀарулев вукӀарав агент.
Биография
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьавуна 1897 соналъул 21 октобералда ГӀанди сверухълъиялъул Гъодобери росулӀ[2] Имам Шамилил хазначи КӀкӀаратӀаса ХӀажиясул яс Кариматил ва гьелъул рос Муниса Идрис наибасул хъизаналда.[2] Гьоркьохъеб лъай щвана Шурагьиб реалияб колледжалда.[2] Суверенияб МугӀрузул Республика лъазабун хадуса, 1918 соналъул 11 маялда гӀолохъанав, жигарав, лъайги бугев гьев цӀияб хӀукуматалъул амруялдалъун тӀамуна ГӀанди сверухълъиялъул комиссарлъун. Гьеб заманалда Кавказалда унел рукӀана рагъал деникинилаздеги коммунистаздеги данде, гьениб гӀахьаллъи гьабуна Идрисил АхӀмаднабицаги.
Болшевикал бергьана ва 1921 соналъ гьез оккупатинабуна МугӀрузул Республика. Гьезде данде яргъидгӀуцӀараб къеркьей гьабизе Идрисил АхӀмаднаби хӀукуматалъул цогидал гъорлӀчагӀигун ва гӀемерал рагъдаса лӀутулелгун ана Гуржиялъул Демократияб Республикаялде.[2] КӀиго моцӀидасан Гуржия оккупатинабун, Туплисалда лъазабуна совет хӀакимлъи. Гьелдаса хадув Идрисил АхӀмаднабица эмиграция гьабуна Туркиялде.[2] КӀиго соналъ бигьаяб гуреб гӀумру букӀана гьесул Истанбулалда, гьениб лъазабуна гьес ингилис ва турк мацӀал.[2] 1923 соналъ гьев ана Чехословакиялъул Республикаялде, гьениб лъазабуна чех мацӀ, лӀугьана цӀализе Прагьаялъул техникияб университеталде. АхӀмаднабие, гьенив цӀалун вахъиндал, щвана лъикӀаб къимат бугеб диплом. Гьев хӀалтӀизе чӀана университеталдаго: физикаялъул ва механикаялъул кафедраялда доцентлъун; лъабго соналдаса гьев вахъана кафедраялъул профессорлъун ва нухмалъулевлъун. Идрисил АхӀмаднабица ячана Ислам босарай чехай.[2]
Шималияб Кавказалъулаб комитет гӀуцӀи
[хисизабизе | код хисизабизе]КӀиабилеб дунялалъулаб рагъ байбихьидал, Кавказалдаса гӀемерал эмигрантазда бихьана ватӀан эркен гьабиялъе рес, гьеб ситуация гӀадахъ босана германияз. 1942 соналъ Лъабабилеб Рейхалъул аскарал Кавказалде щведал, СССР-алда вукӀарав германиязул вакил ва МугӀрузул Республикаялъул чиядабачӀолъи букӀахъинабиялъул проект бахъарав фон Шуленбергица ахӀана Берлиналде Кавказалъул диаспораялъул бищун ссий бугел ва машгьурал вакилзаби: МугӀрузул Республикаялъул вукӀарав къватӀисел ишазул министер ХӀайдар Баммат, Имам Шамилил васасул вас СагӀид-Шамил, политолог ва тарихчи Автурханилав ГӀабдурахӀман, коммерсант Тапа Чермоев ва цогидал. Гьездаго гъорлӀ вукӀана Идрисил АхӀмаднабиги. Берлиналда гьел рещтӀун рукӀана шагьаралъул бищун лъикӀал гьоболханаязул цояблъун букӀараб «Адлон» гьотелалда, Бранденбургалъул рагьуязда аскӀоб бугеб, гьелъ гьезул дандчӀвай лӀугьана тарихалде «Адлониада» гӀадин бачӀараб вакъигӀатлъун. Гьениве ахӀун вукӀана АхӀмаднабил гӀагарав гьудул Мусаясул Халилбег, амма гьес инкар гьабуна дандчӀваялдаса, жив "сиясатчи гурин, суратчи вугин" абун.
Шуленбергица цебе лъуна данде ракӀараразда Германиялъул къватӀисел ишазул министерлъиялъул контролалда гъоркь Кавказалъул политикиял комитетал гьариялъул пикру. Гьедин гӀуцӀана микьго комитет, гьенире гъорлӀе рачана Осетиялъул Кантемир ва Байтуган, Чергесиялъул СултӀан Хъилич Гирей, Адигъиялъул Улугай, Буртиялъул Тукалав ва Автурханилав, Гъалгъаялъул Албагачилав, Дагъистаналъул Муратханилав, Байтуган ва Идрисил АхӀмаднаби, кинало разилъун Шималияб Кавказалъул комитеталъул президентлъун вищарав. Комитетазул рагъулаб кваркьи бихьизабун букӀана легионаздалъун, жал, СССР щущахъ биххизабун хадур, рукӀине рукӀарал чиядарачӀел пачалихъазул армиязул аслулъун.
Комитеталъул масъалалъун букӀана бакъбаккул легионазе нухмалъи гьаби гуребги, рагъда асирлъарал жиндирго ватӀанцоял эркен гьаби, кавказиял остарбайтерал эркен гьари, хӀукъукъияб ва материялияб кумек Кавказалдаса гочине ккаразе. Шималияб Кавказалъул легионалде гъорлӀе жидеего бокьун рачунел рукӀана рагъда асирлъарал Шималияб Кавказалдаса гӀадамал. Пропагандаялъ гьезда Кавказалда болшевиказ гьабурабщинаб зулму-хӀал, вахӀшиял репрессиял, дин гьукъи, гочинари ракӀалде щвезарулел рукӀана.
Цо-цо иццазда Идрисил АхӀмаднаби рехсон вуго герман гуреб, турк рагъулаб цӀех-рехеялъул агентлъунги.[4]
Рагъдаса хадусел сонал
[хисизабизе | код хисизабизе]1945 соналъ Лъабабилеб Рейх рагъулӀ къедал, Идрисил АхӀмаднабил ва Шималияб Кавказалъул комитетатлъул гъорлӀчагӀазул хӀаракаталдалъун анцӀ-анцӀ азар кавказиязда бажарана гӀумру гьабиялъе жидеего хӀинкъи гьечӀел пачалихъазде ине. Идрисил АхӀмаднабица эркен гьавуразда гьоркьов вукӀана гьесул КӀкӀаратӀа гӀумру гьабун йикӀарай яцалъул, Батулил, цо вукӀарав вас — Идрис. Амма хадув гьев тӀадвуссана ватӀаналде, ва 1947 соналъ "ватӀаналъул хиянатчи" хӀисабалда гьев 25 сонги кьун туснахъ гьавуна. 1955 соналъ Сталин хведал, гьев рабилитинавуна ва гьев росулӀе тӀадвуссана. 1974 соналъ в 58 сонил гӀужалда захӀматаб унтудаса хадув Идрис хвана.
КӀиабилеб дунялалъул рагъ лӀугӀун хадуб эмигрантазул Кавказалъул эркенаб букӀинесселъе рукӀарал анищал рихханиги, хьулал гьез реххичӀо, къеркьеялъул акцент тӀубанго бачана идеалогияб ритӀелалде. Идрисил АхӀмаднабица жиндирго гӀарцухъ басма гьарулел рукӀана «Кавказ» ва «Цолъараб Кавказ» журналал, жал Мюнхеналда ингилис, турк ва гӀурус мацӀалда къватӀире риччалел рукӀарал.
Рагъдаса хадуб Идрисил АхӀмаднабица жинцаго абулаан:[5]
БитӀахъе бицани, дие бокьун букӀана германияз Совет Союзалда тӀад бергьенлъи босизе. Щаклъи гьечӀого, нацистазул сиясат букӀана цӀакъ квешаб, амма Кавказалда хурхун гьеб Советаз гьабуарб жоялдаса квешаб букӀинчӀо.
1952 соналъ Шималияб Кавказалъул эмиграциялъул кӀиабилеб конгресалда АхӀмаднаби, киналго разилъун, цӀидасанги вищана Шималияб Кавказалъул миллияб комитеталъул президентлъун.[6] Гьединго гьес гьабулеб букӀана профессорасулги мугӀалимасулги хӀалтӀи Мюнхеналъул цо университеталда математикаялъулгм, электроникаялъулги, механикаялъулги кафедраялда
Хвана Идрисил АхӀмаднабил 1961 соналъул 26 марталъ Мюнхеналда. Вукъун вуго Мюнхеналъул Валдфридгьоф хабалазул цӀияб бусурбабазулаб рахъалда, Кавказалъул эркенлъиялъе гӀоло гӀумруялъго къеркьолел рукӀарал эмигрантазда аскӀов.[2]
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Ahmed Nabi Magoma kimdir?
- ^ a b c d e f g h i j АхӀмаднабилазул АхӀмаднаби. Нахъбуссинабураб цӀар (ru) // Черновик. — МахӀачхъала, 2005. — 17 июня (№ 23).
- ^ Северокавказцы в эмиграции в ХХ веке. Материалы к биографическому словарю / И. Л. Бабич, Т. Л. Гладкова, Л. А. Мнухин; отв. ред. А. Н. Кожановский. — Москва; Берлин: Директ-Медиа, 2020. — С. 140.
- ^ Дешифровка телеграммы начальника бюро европейско-американских дел японского МИД Сигэнори Того японскому послу в Берлине 27 июня 1942 г.
- ^ Как кавказцы от немцев независимости ждали (интервью 81) // Гарвардский проект: рассекреченные свидетельства о Великой Отечественной войне / сост., общ. ред. и вступ. статья О. В. Будницкого и Л. Г. Новиковой. — М.: Политическая энциклопедия, 2018. — С. 142—160.
- ^ Памяти Ахмет-Наби Магомета // Новое русское слово. 23.04.1961.