Истанбул
Куц-мухъ
Координатал: 41°0′36″N 28°57′37″E / 41.01000°N 28.96028°E Координатал: Parameter: "scale=" should be "scale:"
| Шагьар
Истанбул Ошибка Lua в Модуль:Wikidata на строке 334: Функция для отображения значения не найдена..
İstanbul
Картаби рихьизаризе/рахчизе
|



Истанбул - Туркиялъул шагьар.
ХӀамзатил Расул ва Истанбул
[хисизабизе | код хисизабизе]Туркиялъул темаялда шагӀирас хъвараб тӀоцебесеб асарлъун ккола «Къо-мех лъикӀ, Истанбул» (1959) абураб элегия. Гьениб гьес загьир гьабуна Истанбулгун, гьеб некӀсияб, тамашаяб, кидалиго Бакъбаккул кӀудиял пачалихъазул цоялъул тахшагьарлъун букӀараб шагьаргун ккараб дандчӀваялъ, гьесулӀ, тӀоцеве Туркиялде щварав батӀияб пачалихъалдаса инсанасулӀ бижизабураб жуба-гъубараб асар.
- Бакъ тӀерхьунеб, буго, къо унеб буго,
- Босфоралъул лъеда цӀияб кьер буго.
- Бакъараб Туркия бакъаникакде
- ГӀорцӀарал минараз ахӀулеб буго.
- Щайзе чияр улка!.. амма ургъалилъ
- Унеб буго гама, дида бихьула.
- Гьезул байрахъалъул бахъараб гӀадаб
- Буго хъвархьараб моцӀ зодихъ лъедолеб.
- Къо-мех лъикӀ, Истамбул, Султанил гьундул,
- Сулейманил мажгит, мискинаб улка.
- ГӀарцул ригьзабазда аскӀор гӀодор чӀун,
- Унел-рачӀунезул гьардолел кверал.
- Къо-мех лъикӀ, къватӀазда кофеги гьекъон,
- Кагътал тӀами гьарун мех тӀамулеб гӀел;
- Лъаларо кагътазул лъий талихӀ бугеб –
- Ва амма Турция къваридго буго.
- Къо-мех лъикӀ, гьал гӀицӀал, чамгӀалал хӀатӀал,
- Нуж, чияр чакмаби рацӀцӀунел лъимал.
- Нуж гӀадал гьабсагӀат Гъуниб магӀарда
- ГъутӀбукь кечӀ ахӀулел ратизе руго.
- Къо-мех лъикӀ, ракьалда чӀварал накаби,
- Зобазде рорхарал ракъварал кверал;
- Аза-азар соназ какалги ранин, –
- Кинан нуж Аллагьас гьединан тарал?
- Дун нахъе вуссуна Дагъистаналде –
- Дида лъалагури тӀадмагӀаруллъи, –
- ГӀазул тӀохал ругел дир рорхалъаби,
- Лъарал гъулгъудулел дир гъварилъаби.
- Дол нижер мугӀрузда хьухьал рештӀингун,
- Дур угьараб хӀухьел бихьана дида.
- Дол нижер кьураби рецӀцӀулеб мехалъ,
- РецӀцӀулел дур берал щвела ракӀалде.
- Турциялъул лъим чӀван бакӀаб ургъалилъ
- Унеб буго гама Грециялде…
- Дица пашманаб кечӀ ахӀулеб буго,
- Гьеб «ватӀан, ватӀанин» угьдулеб буго.
Цинги гьеб шигӀруялдаса хадур рукӀана гьединго жиделъ турказул мотивал загьирлъарал: «Истанбулалда султӀанил хӀарималде щвараб мехалъ хъварал рагӀаби» абураб микьмухъги, кӀиго шигӀруялдаса гӀуцӀараб «Туркиялда ругел дагъистаниязе цӀаларал кучӀдул» абураб гьитӀинабго циклги, «Дир Дагъистанги», «Камил ватӀалъи» абураб марсиятги. [1]
Суратал
[хисизабизе | код хисизабизе]Примечания
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ "ХIамзатил Расул ва Турция: Адабиял Бухьенал, АхIмад МуртазагIалиев". Архивация оригинал, 2011-07-22. Щвей 2010-12-14.