Перейти к содержанию

Сулаймание (мажгит)

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Мажгит
Сулаймание (мажгит)
Ошибка Lua в Модуль:Wikidata на строке 334: Функция для отображения значения не найдена..
ПачалихъХалип:Флаг / Турция
ШагьарИстамбул
АрхитекторСинан
Базе тІад босаравСулайман I
Бай1550—1557
ГІадамазул къадаргІага-шагарго 5000
МихІмаразул рикІкІен4
МатериалМармар, гранит
Бугеб хІалхІалтІулеб
МактабаУY
МактабУY
МадрасаУY

41°0′59″N 28°57′49″E / 41.01639°N 28.96361°E / 41.01639; 28.96361 Координатал: Parameter: "scale=" should be "scale:"

Сулаймание мажгит

Сулаймание́ мажгит (тур. Süleymaniye Camii) — кӀвар букӀиналъул рахъалъ кӀиабилеб ва размеразул рахъалъ тӀоцебесеб бакӀалда бугеб (кӀвар букӀиналъул рахъалъ тӀоцебесеб — СултӀан АхӀмадил мажгит), 5000 муъминчиясе жаниб как базе бакӀ гӀолеб Истамбулалъул некӀсияб рахъалъул Вефа мухъалда бугеб мажгит.

Мажгит бана СултӀан Сулайман Къанунчиясул амруялдалъун, 1550—1557 соназ Синан абулев архитекторас. Къубаялъул борхатлъи 53 метр, диаметр 26,5 метр, гьедин букӀиналъ борхатлъиялъул рахъалъ цебе ккола гьеб амма гӀеблъиялъул рахъалъ Айя София мажгиталдаса нахъе ккола.

Мажгиталда буго ункъго михӀмар. АскӀор руго хӀамамал, мадраса, богорукъал, мактабаял ва моцӀрода хадуб хал кколеб бакӀ, гьединлъида гьеб кинабгогун цадахъ мажгит рикӀкӀуна шагьаралъул цо бутӀаялъул гӀанасеб площад бугеб комплекслъун (мужаммагӀ). Мажгиталда жаниб гвангъи ва нур лъикӀаб буго — 136 гордухъан жанибе канлъи бачӀуна.

1660 соналъ ккараб цӀа сабаблъун мажгиталъе зарал ккун букӀана, ва 1766 соналъ ракь багъариялъул хӀасилалда къубаялъул цо бутӀа биххун букӀана.

Мажгиталъул азбаралда руго хобал, гьенир рукъун руго живго Сулайман СултӀанги ва гьесул хирияй лъади Роксоланаги. Цо-цо баяназда рекъон, мажгит дагь-дагь ккун Меседил лълъар абулеб заливалда жанибе хъущтӀулеб буго.

Суратазул галерея

[хисизабизе | код хисизабизе]