Шималияб Кавказалъул Легион

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Шималияб Кавказалъул Легион (гер. Nordkaukasische Legion) — КӀиабилеб дунялалъул рагъул заманалда букӀараб ва германияз гьабураб рагъул гӀуцӀел, гьелда гъорлӀ рукӀана Шималияб Кавказалдаса эмигрантал, рагъда асирлъарал ва нацистазул рахъалде арал.

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Германияз, жидерго матлабалги гӀадахъ росун, 1942 соналъул "Бакъбаккуда бакӀалъул кумекалъулал аскарал гӀуцӀелазул хӀакъалъулӀ хӀал"–алда киналго кавказиял лъазаруна Гермениялъул ихтиярал ращадал цададахъчагӀилъун. Германияз кавказиязе гьарулел рукӀана киналго санагӀалъиял; Дрезденалда рагьун букӀана Рагъул муллабазул школа, гьенир хӀадур гьарулел рукӀана аскаразда диниял ишал тӀураялъе гӀадамал, цо-цо гьел рукӀунаан рагъул гӀуцӀелазул командирзабилъунги. Кавказиял ругел рагул гӀуцӀелазда Исламалъул тӀалабал цӀунулел рукӀана кколеб хӀалалда: рационалда рукӀунароан болъонил гьан, хъалянал, алкогьо; как базе заман щведал гьарулаан сагӀтилал лъалхъиял.

Рагъулаб ва сиясияб хӀадур гьабиялъул ахирлъун букӀунаан гӀаммаб гьа бай ва МугӀрул Жумгьурияталъул миллияб байрахъ кьей. Шималияб Кавказалъул легионалъул батӀабахъиялъул гӀаламатлъун букӀана кокарда «Nordkaukasen» хъвай-хъвагӀайги, бащдаб моцӀги анкьго цӀваги бугеб.

РегӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]

Иццал[хисизабизе | код хисизабизе]