Лъабабилеб Рейх

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Тарихияб пачалихъ
Герман Рейх (1943)
КӀудияб Герман Рейх
гер. Deutsches Reich (1933–1943)
гер. Großdeutsches Reich (1943–1945)
Байрахъ Герб
Байрахъ Герб
ШигӀар: «Ein Volk, ein Reich, ein Führer»
Авар: «Цо халкъ, цо рейх, цо фюрер»
Гимн:
Германиялъул территория 1942 соналде:      Германия[1], Генерал-губернаторлъиялги гъорлӀе рачун      Рейхскомиссариатал ва де юре чиядабачӀеб Дания      Рагъулал администрациял

Германиялъул территория 1942 соналде:      Германия[1], Генерал-губернаторлъиялги гъорлӀе рачун      Рейхскомиссариатал ва де юре чиядабачӀеб Дания

     Рагъулал администрациял

Тахшагьар Берлин
ЧӀахӀиял шагьарал Берлин, Вена, Гамбург, Мюнхен
МацӀ(ал) герман
Дин
букӀинчӀо[2]
Валюта рейхсмарка
ГӀатӀилъи 633 786 км² (1938)
696 265 км² (1941)
Халкъ 79 375 281[3] (1939)
109 518 183[Прим. 1] (1940)
Пачалихъалъул бутӀрул
Фюрер
 • 1934–1945 Адольф Гьитлер
Рейхспрезидент
 • 1934 соналде щвезегӀан Пауль фон Гьинденбург
 • 1945 Карл Дёниц
 • 1933—1945 Адольф Гитлер
 • 1945 Йозеф Гёббельс
 • 1945 Иоганн фон Крозиг
Тарих
 • 19331934 Нацистал хӀакимлъиялде рачӀин
 • 30 април 1945 Адольф Гьитлерица живго чӀвай
 • 8 май 1945 Капитуляция
 • 23 май 1945 Арест Фленсбургалъулаб хӀукумат
Цересел ва хадусел
Цере рукӀарал ва оккупатинарурал пачалихъал[4] Хадусел
 Медиафайлал Викигъамасалда

Нацистияб Германия,[a] официалго Герман Рейх (гер. Deutsches Reich) гӀадин лъалеб 1933-лдаса 1943 соналде щвезегӀан, ва КӀудияб Герман Рейх (гер. Großdeutsches Reich) 1943-лдаса 1945 соналде щвезегӀан, Лъабабилеб Рейхгерман пачалихъ 1933 ва 1945 соназда гьоркьоб, Адольф Гьитлерица ва Нацистияб партиялъ, гьеб диктаторлъиялде буссинабун, тӀад кверщел ккун букӀараб. Гьитлерил нухмалъиялда гъоркь, Германия хехго лӀугьана тоталитарияб пачалихълъун, гӀумруялъул киналниги гӀадин аспектазда тӀад хӀукуматалъул контрол гьабулеб. Лъабабилеб Рейх[b], жиндир магӀна "лъабабилеб пачалихъ" яги "лъабабилеб империя" бугеб цӀаралъ бакка-бахъи гьабулаан нацистазул пикруялде, жинда рекъон Нацистияб Германия цебе букӀара Мукъаддасаб Румаб Империялъул (800–1806) ва Германиялъул Империялъул (1871–1918) ирсилаб букӀараб. Лъабабилеб Рейх, жиб Гьитлерица ва Нацистаз Азарсонил Рейхлъун[5][c] лъазабураб, ахирлъана 1945 соналъул маялда, анцӀила кӀиго гурони сонги бачӀого, цададъчагӀаз Германия къезабидал, Европаялда КӀиабилеб Дунялалъулаб рагъалъе ахирги лъун.

1933 соналъул 30 январалда Веймар Республикаялъул президент Паул фон Гьинденбургица, ай пачалихъалъул бетӀерас, Гьитлер тӀамуна Германиялъул Канцлерлъун, ай хӀукуматалъул бетӀерлъун. Гьелдаса хадуб Нацистияб партиялъ байбихьана сиясияб оппозиция тӀубан тӀагӀинабизе ва жиндирго къуват консолидатинабизе. Гьинденбург хвана 1934 соналъул 2 августалда ва Гьитлер лӀугьана Германиялъул диктаторлъун, канцлерасул ва президентасул хъулухъал ва ихтиярал жиндирго кодор цолъизарун. 1934 соналъул 19 августалда гьабураб миллияб референдумалъ Гьитлер тасдикъ гьавуна Германиялъул цо вугев Фюрерлъун (цевехъанлъун). ТӀолго хӀакимлъи буссана Гьитлерил кодобе ва гьесул рагӀи лӀугьана бищун тӀадегӀанаб къанунлъун. ХӀукумат букӀана координатинабураб, цадахъ хӀалтӀулеб гуреб, амма фракциязул данделъилъун, жиб хӀакимлъиялъеги Гьитлерил лъикӀаб бербалагьиялъеги къеркьолеб. КӀудияб депрессиялъул бащалъуда, нацистаз букӀахъинабуна экономикаяб стабиллъи ва ахир лъуна массаяб хӀалтӀукълъиялъе, цӀикӀкӀарал рагъулал харж гьабиялги жубараб экономикаги хӀалтӀизабун. Дефициятияб харж гьабиги хӀалтӀизабун, режим жубана массивияб балъгояб армия цӀидасанги яргъидгӀуцӀиялъул программа билӀинабизе, гӀуцӀана Вермахт (яргъидгӀуцӀарал къуватал) ва гьаруна гӀатӀидал жамгӀиял хӀалтӀабазул проектал, гьенибго гъорлӀ Автобаненги (автомагистраль). Экономикаялъул стабиллъи букӀахъинабиялъ режималъул популярлъи борхизабуна .

Расизм, нацистияб евгеника ва хасго антисемитизм рукӀана режималъул централиял гӀаламатал. Германиял халкъал рикӀкӀунаан нацистаз тӀадегӀанаб расалъул, ариязул расаялъул бищун бацӀцӀадаб гӀаркьеллъун. ЖугьутӀазул ва гъарачагӀазул дискриминация ва гьезда хадучӀей байбихьана нацистаз хӀакимлъи бахъидал. ТӀоцересел концентрациониял урдуял гӀуцӀана 1933 соналъул марталда. ЖугьутӀал ва цогидал чагӀи, жал хъулухъ гьечӀеллъун рикӀкӀунел рукӀарал, туснахъ гьаруна, либералал, социалистал ва коммунистал чӀвана, туснахъ гьаруна яги къватӀире ритӀана. Насраниял килисаби ва Гьитлерил нухмалъиялде данде чӀарал ватӀанчагӀи ва зулмуялъукье ккезаруна, гӀемерисел церехъаби туснахъ гьаруна. Лъайкьей буссинабуна расаязулаб биологиялде, демографияб сиясаталде ва рагъулаб хъулухъалъе ярагьиналде. Карьераялъул ва лъайщвеялъул рахъалда руччабазул ресал дагьлъизаруна. ХӀалхьи ва туризм гӀуцӀун рукӀана "Роххиялдасан къуват" програмаялда жанир, 1936 соналъул роол Олимпиялъулал хӀаяз демонстратинабуна Германия халкъаздагьоркьосеб аренаялда. Пропагандаялъул министр Йозеф Гёббельсица эфективго хӀалтӀизабулеб букӀана кино, массаял митингал ва Гьитлерил гьипнотикияб пасихӀлъи жамгӀияб пикруялде асар гьабизе. ХӀукуматалъ контроль гьабулаан гьунарлъиялъулаб жалго загьир гьариялда тӀад, гьунарлъиялъул хасал навгӀал лъикӀаллъун рикӀкӀун, цогидал гьукъун яги гьезие авара гьабун.

1930-л соназул кӀиабилеб бащалъиялдаса байбихьун Лъабабилеб Рейхалъ цере лъолел рукӀана цояздаса цоял агрессивиял тӀалабал, рагъалдалъун хӀинкъи кьолаго, гьел тӀурачӀони. Сааралъул вилаяталъ плебисциталдалъун гьаракь кьуна Германиягун цолъиялъе 1935 соналъ, 1936 соналъ Гьилерица аскар битӀана Рейналъул вилаяталде, жиб ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъдаса хадуб демилитаризатинабун букӀараб. Германиялъ бахъана Австриия 1938 соналъ (аншлюс), тӀалаб гьабуна гьебго соналъ Чехословакиялдаса Судет вилаят ва гьеб щвана. 1939 соналъул марталда лъазабуна Словак пачалихъ, гьеб лӀугьана Германиялъул клиент пачалихълъун, гьединго лъазабуна Богьемиялъул ва Моравиялъул протекторат, жиб Чехиялъул ххутӀарал оккупатинарурал территориязда гӀуцӀараб. Гьелдаса гӀемер кватӀичӀого Германиялъ тӀадецуй гьабуна Литваялда, гьелъ Мемелалъул територия кьезе. ерманиялъ хъвана тӀадекӀанцӀунгутӀиялъул пакт хъвана СССР-алъулгун ва Польшаялде тӀадекӀанцӀана 1939 соналъул 1 септембералда, гьелдалъун байбихьана Европаялда КӀиабилеб дунялалъулаб рагъ. 1941 соналъул байбихьуде Германиялъ ва гьелъул ХӀосалъул къуватлъиязда ругел европаялъулал цадахъпачалихъаз контроль гьабулеб букӀана Европаялъул кӀудияб бутӀаялда. Рейхскомиссариаталъул гӀатӀилъизарурал бутӀабаз контролалъукье росана нацистаз рахъарал района, герман администрация лъазабуна Польшаялъул ххутӀараб территориялда. Германиялъ эксплуатинабулеб букӀана жинцаго оккупатинарурал территориязулги, гьединго жиндирго цадахъпачалихъазулги сурсатал ва хӀалтӀулаб къуват.

Геноцид, массаяб чӀвай-хъвей ва массаяб хӀалалъ гьабизабулеб хӀалтӀи лӀугьана нацистияб низамалъул хасал гӀаламаталлъун. 1939 соналдаса байбихьун нус-нус азар германиялъулал ватӀанчагӀи, жидер психикияб яги физикияб гӀунгутӀаби ругеб, чӀвана азарханабазда ва руссенханабазда. Айнзацгруппаялул рагъулаллъизарурал хвалил эскадронал рукӀунел рукӀана герман яргъид гӀуцӀарал къуватазда цадахъ оккупатинарурарл территориязда ва гьез чӀвалел рукӀана миллионал жугьутӀал ва Гьолокосталъул цогидал къурбанал. 1941 соналдаса хадуб цогидал миллионал рукӀана туснахъ гьарун, хвезегӀан хӀалтӀизарулел яги чӀвалел нацистазул концентрациониял урдуязда ва тӀагӀинариялъул урдуязда. Гьеб геноцид лъала Гьолокост гӀадин.

1941–1942 соназда германиязул СССР-алде тӀадекӀанцӀи букӀана битӀа-бишун унеб, гьел Кавказалде гӀунтӀунцин щвана, амма СССР-алъул контркьабиялъги Цолъарал Штатал рагъде лӀугьиналъги ахир лъун вермахталъул инициативаялъе 1943 соналъ, 1944 соналъул ахиралде гьел нахъецуна 1939 соналде щвезегӀан рукӀарал гӀурхъабазде. Германиялъ массаял гьавадулал бомбахинариял цӀикӀкӀана 1944 соналъ, ХӀосалъул къуватлъиял нахъецуна Бакъбаккул ва Жанубияб Европаялде. ЦадахъчагӀи Франсиялде тӀадекӀанцӀигун, Германия бахъана бакъбаккудаса СССР-алъ ва бакътӀерхьудаса цогидал альянсчагӀаз, гьелъ капитуляция лъазабуна 1945 соналъул маялда. Гьитлерица къей рикӀкӀиналъе инкар гьабиялъ рагъалъул ахирисел моцӀазда иш бачана герман инфраструктура массаяб къагӀидаялъ биххизабиялде ва тӀадеги къурбаназде. Бергьенлъи ккурал альянсчагӀаз бабйбихьана денацификациялъул сиясат ва Нюрнбералъул процессалда махӀкамаялде рачана нацистазул нахъе хутӀарал гӀемерисел церехъаби, жидеца гьарурал рагъулал такъсиразе гӀоло.

ЦӀар[хисизабизе | код хисизабизе]

Цебетарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Нацистаз хӀакимлъи бахъи[хисизабизе | код хисизабизе]

Германиялъул нацификация[хисизабизе | код хисизабизе]

ХӀакимлъи консолидатинаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагъулаб кутак цӀикӀкӀинаби[хисизабизе | код хисизабизе]

КӀиабилеб дунялалъулаб рагъ[хисизабизе | код хисизабизе]

КъватӀисеб сиясат[хисизабизе | код хисизабизе]

Рагъ байбихьи[хисизабизе | код хисизабизе]

Европа бахъи[хисизабизе | код хисизабизе]

СССР-алде тӀадекӀанцӀи[хисизабизе | код хисизабизе]

Хисиккараб лахӀзат ва коллапс[хисизабизе | код хисизабизе]

Германиязул камиял[хисизабизе | код хисизабизе]

География[хисизабизе | код хисизабизе]

Территориалиял хиса-басиял[хисизабизе | код хисизабизе]

Оккупатинарурал территориял[хисизабизе | код хисизабизе]

Сиясат[хисизабизе | код хисизабизе]

Идеология[хисизабизе | код хисизабизе]

ХӀукумат[хисизабизе | код хисизабизе]

Къанун[хисизабизе | код хисизабизе]

ЯргъидгӀуцӀарал къуватал[хисизабизе | код хисизабизе]

Вермахт[хисизабизе | код хисизабизе]

СА ва СС[хисизабизе | код хисизабизе]

Экономика[хисизабизе | код хисизабизе]

Расаялъулаб сиясат ва евгеника[хисизабизе | код хисизабизе]

Расизм ва антисемитизм[хисизабизе | код хисизабизе]

ЖугьутӀазда хадучӀей[хисизабизе | код хисизабизе]

ГъарачагӀазда хадучӀей[хисизабизе | код хисизабизе]

Цогидал къокъабазда хадучӀей[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀаммаб план Ост[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьолокост ва суал тӀубанго хӀукум гьаби[хисизабизе | код хисизабизе]

ЖамгӀият[хисизабизе | код хисизабизе]

Лъайкьей[хисизабизе | код хисизабизе]

Руччабазул ва хъизаналъул роль[хисизабизе | код хисизабизе]

Сахлъи цӀуни[хисизабизе | код хисизабизе]

Дин[хисизабизе | код хисизабизе]

Маданият[хисизабизе | код хисизабизе]

Цензура[хисизабизе | код хисизабизе]

Архитектура ва гьунарлъи[хисизабизе | код хисизабизе]

Кино[хисизабизе | код хисизабизе]

Ирс[хисизабизе | код хисизабизе]

Ралагье гьединго[хисизабизе | код хисизабизе]

ХӀужжаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Баянал[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. гер. Nationalsozialistischer Staat (lit. "National Socialist State"), NS-Staat (lit. "Nazi State") for short; also Nationalsozialistisches Deutschland (lit. "National Socialist Germany")
  2. гер. Drittes Reich
  3. гер. Tausendjähriges Reich

Цитататби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. аннексинарурал территориялги, Богьемиялъул ва Моравиялъул протекторатги
  2. макъ. 137 Веймаралъул конституциялъул, 1933–1945 соназде щвезегӀан билӀинабулеб букӀараб
  3. Die Bevölkerung des Deutschen Reichs nach den Ergebnissen der Volkszählung 1939 [Population of the German Realm according to the 1939 census], Berlin, 1941.
  4. Чехословакия (рал. Чехословакиялъуд герман оккупация), Франция (рал. Вишил режим), Югославия (рал. Хорватиялул чиядабачӀеб пачалихъ, ЧӀегӀермегӀералъул къираллъи (1941–1944)), СССР (рал. СССР-алъул герман оккупация) тӀубанго оккупатинарун рукӀинчӀо
  5. Shirer 1960, p. 5.

Библиография[хисизабизе | код хисизабизе]

КъватӀисел регӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]

Халип:Sister project links


Цитатинабиялъул гъалатӀ: Для существующих тегов <ref> группы «Прим.» не найдено соответствующего тега <references group="Прим."/>