Перейти к содержанию

БакьайичӀиса ЧӀанкӀа

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
БакьайичӀиса ЧӀанкӀа
ТӀубараб цӀар БакьайчӀиса МухӀаммадгӀалил ЧӀанкӀа (Тажудин)
Гьави БакьайичӀи, Дагъистаналъул вилаят, Россиялъул империя
Хвей Вади-ФатӀима, ХӀиджаз, ГӀусманияб империя
ВатӀанчилъи Халип:Флаг / Россиялъул империя
Халип:Флаг / ГӀусманилазул империя
Миллат Аварав
Эмен МухӀаммадгӀали
Эбел Хъатун
Лъади ГьатӀастан
Лъимал цо яс, гьитӀинго хварай
ГӀагарлъи яцал: Хажа ва Патуч
Адабияб гьунар
Пишаялъул тайпа ШагӀир
Адабияб мазгьаб Лирика
Жанр Поэма, шигӀру
Асаразул мацӀ Авар
Машгьурал асарал Гулишатиде, ГьаракӀунисей, Сайгидул БатӀалиде

БакьайичӀиса МухӀаммадгӀалил ЧӀанкӀа, гьединго ЧӀанкӀа абунги жив лъалев (1866[1], БакьайичӀи, Дагъистаналъул вилаят, Россиялъул империя1909, Вади-ФатӀима, ХӀижаз, ГӀусманияб империя) — аваразул кӀудияв шагӀир-классик, авар адабияталъе кьучӀ лъуразул цояв. АнцӀгоялдаса цӀикӀкӀун соналъ гӀараб гӀелмуялъе, хӀисабалъе ва гьединго адабияталъе цӀаларав, ЧӀанкӀаца хасаб кӀвар кьуна адабияталде; ва жинцаго хъварал гурелги, гьес мажмугӀазде росана гӀеме-гӀемерал халкъиял кучӀдулги.

ШагӀирасул гӀумруялъул ва хъвадурухъанлъиялъул бицунаго кӀвар бугеб суалалъул цояблъун ккола гьесул цӀар. Гьев шагӀир, лирикчи лъала Тажудин гӀадинги, ЧӀанкӀа гӀадинги. ГӀалимчи С. ХӀайбуллаевас жиндир "МагӀарул адабияталъул Тарих"[2] абураб тӀехьалда хъвадарухъан Гъ. ГъалбацӀовасул рагӀабиги кьучӀалъе росун хъвалеб буго гӀалимчи ИсхӀакъил МухӀамихъе рачун рукӀанин кӀиго вас гӀелму лъазабизе, гьезул цояв ЧӀанкӀа, цоявги ТӀинчӀав рукӀун руго. МухӀамие рекӀее гӀун гьечӀо гьезул цӀарал, гьелъ жинцаго ургъун, кьун руго цӀиял цӀарал гьезие: ЧӀанкӀае — Тажудин, ТӀинчӀасе – Жамал абун. Гьедин хутӀун буго ЧӀанкӀае Тажудин абураб цӀар, амма жив гьавураб росулӀ гьесда гӀадамаца эбел-инсуца кьурабго цӀар абулаан ва абулеб буго.

Тажудин гьавуна 1866 соналъ БакьайчӀи росулӀ, МухӀаммадгӀалил ва Хъатунил хъизаналда. 8–9 сон бараб мехалъ (1874) эменги хун бесдал хӀутӀана Тажудинги гьесул яцалги — Хажаги, Аваристаналда магӀихъан хӀисабалда машгьурай, Патучги; гӀезаруна гьел эбел Хъатуница захӀматаб къо бихьун.

ЧӀанкӀа вукӀун вуго берцинав, ворхатав цо гӀажаибаб синпат гьурмада бугев чи. ТӀарцӀаб мегеж, борхатаб нодо, чӀахӀиял, рекӀелъе лӀугьунел берал. Щибаб рагъа-рашари букӀун буго гӀодобе биччараб, валимахӀаб. Гьаракь букӀун буго кигӀан хъачӀаб рагӀиги тамах гьабулеб, амма цо хасаб ракӀчӀей жиндилӀ бугеб, мухӀканаб, жиндиего хасаб къвакӀи гъорлӀ бугеб. Бицуна гьесул рилълъин тӀадагьаб, ракӀчӀараб, къартӀаб букӀанилан.

АнцӀгоялдаса цӀикӀкӀун соналъ цӀалана Тажудин гӀелмуялъе чӀахӀиял гӀалимзабазда цеве Унсоколов, Рихьунив, ГӀашилтӀа, ЧӀикӀав. Цогидал мутагӀилзабазулго гӀадин захӀмалъиялда бахъана гьесул цӀалиги. ЦӀалул заманалъ гьес лъай босана гӀараб гӀелмуялъул, хӀисабалъул, ва гьединго адабияталъул. Ахирисеб лӀугьана гьесие бищунго рекӀее гӀураблъун ва жиндилӀ рокьи бижараблъун. Тажудиница данде гьаруна гӀемерал халкъиял кучӀдул, жиндиего гьезул гьарун рукӀана кверзулхъваял мажмугӀал.

КучӀдул гьари диналъ гъукъараб бугин пикру букӀиналъ ЧӀанкӀа хӀинкъун вукӀун вуго жинцаго хъварал асарал халкъалъе баянлъиялдаса, амма гьел загьирлъун руго, ва дибирзабаца гьев рокъов витӀун вуго мадрасалдаса.

ЧӀанкӀаца жиндир рокьул бицун гьарурал гурел, руго чияр рокьул бицун кагътил куцалда хъварал кучӀдулги. Гьелъие гӀиллаги ккола гӀолилал, рокьи ккарал, рокьи битӀ ккечӀел ясаца ва васаца гьесда гьарулеб букӀин. Амма ЧӀанкӀа живгоги вукӀана рокьул гӀашикъ. КӀиго нухалъ рокьи кканиги, цонигиялъул гьесие битӀ кколаро. ТӀоцее гьесие йокьула КӀахъа Гулишат абурай яс. Гьелъул эбел-инсуца разилъи кьечӀо ригьин-цӀаялъе, гьесулгун жидер магӀишаталъул рахъ рекъараб гьечӀин абун. ЧӀанкӀада гьей хехго кӀочон тана. РосулӀа йикӀарай ясги жиндирго эбел-инсуца кьуна чидае. Амма гьаб рокьул цӀа гӀумруялъго сунаро гьесул. ЧӀанкӀал кучӀдул ракӀарун мажмугӀ гьабурав ва гьелъие цеберагӀи хъварав хъвадарухъан Гъ. ГъалбацӀовас чӀезабулеб буго ЧӀанкӀаца гӀумруялъго, жаниб цӀар рехсечӀониги, гӀишкъу ккарай ясалде гьарулел рукӀанин кучӀдул абун.

Халкъиял кӀучӀдузул рухӀ гъорлӀ бессарал ЧӀанкӀал шигӀраби хекко машгьурлъана. ЧӀанкӀа мугӀрузда машгьурав шагӀирлъун лӀугьун хадуса, гьесухъе мутагӀиллъун вачӀана аваразул вукӀинисев машгьурав шагӀир ХъахӀабросолӀа МахӀмуд. ЧӀанкӀаги гьевги лӀугьана гьудулзабилъун. Гьезул цоцазде якъинлъи цӀикӀинабулеб жоги букӀана кӀиялго рокьул шагӀирзаби рукӀин. Цо-цо гӀалимзабаца МахӀмудил мугӀалимлъун рикӀкӀунев вуго ЧӀанкӀа.

Ахирисел сонал

[хисизабизе | код хисизабизе]

ЧӀанкӀа, щвезе кӀварал баяназда рекъон, рокъов талихӀав вукӀун  гьечӀо. Гьесул чӀужу ГьатӀастан йикӀана рес бугеб хъизаналъул яс. ЧӀанкӀалги ГьатӀастанилги дандеги кколеб букӀун гьечӀо. Бицанихъе, гьезие ясги гьаюн йикӀун йиго, амма гьей гьитӀинго хун йиго. ТӀокӀал лъимал ЧӀанкӀал рукӀинчӀо.

Живго хӀежалде унеб мехалъ ЧӀанкӀаца ГьатӀастанида абун букӀун буго жив лъабго соналдасан вуссинчӀони дуего бокьараб гьабеян. Цо пуланаб къоялъ борчӀараб гъеж жанибе ккезабизе БакьагьечӀиве ахӀун вуго Гьолокьа МахӀсудилан абулев чи. Гьес гъеж жанибе ккезабуралъухъ мухь босун гьечӀо, гьарун буго, бегьилеблъун батани, ГьатӀастан жиндие кьеян. Гьедин кканин ГьатӀастан Гьолокьеян бицуна. Гьеб букӀун буго ЧӀанкӀа хӀежалдаса вуссинчӀого лъабабго сон бараб заман.

ЧӀанкӀал гӀумруялъе лъикӀаб гуреб  асар гьабуна яц Патучил ккараб лӀугьа-бахъиналъ. Росги хун хехго къороллъарай Патучил рокьи ккун буго мадугьалихъ вукӀарав жиндасаго гьитӀинав васасухъ, гьесие росасеги ине ккун йиго ахир-къадги. Гьеб букӀана кьолбое кӀудияб рогьолъун. МагӀарул гӀадатазул тӀалабазда рекъон вацас чӀвазе кколаан гьединай яц. Амма Исламалъ рекӀелӀ хӀеренлъи цӀезабурав, иман-инсап лъалев, рахӀму цӀикӀарав ЧӀанкӀахъан бажаричӀо яцалде квер борхун.

РосулӀ тӀоритӀарал ЧӀанкӀал ахирисел санал хӀуржаялъур ана. Гьев гьадинги, кидаго хӀуржаялъув вукӀунев чи, ахираб заманалда гьениса къватӀивего вахъунев вукӀинчӀилан бицуна. Кидаго диналда тӀад чӀун, тӀахьазде тӀаде къулун вукӀун вуго гьес; хасго кӀвар кьолеб букӀун буго астрономиялде.

С. ХӀайбуллаевас хъвавухъе абуни, ЧӀанкӀа вукӀана Ислам гъваридго лъалев, сагӀтал, къоял, сардал кӀухӀаллъичӀого къуръан цӀалулаго тӀоритӀулев, хӀалимав, дурусав, чидай лъикӀлъи гьабизе цӀакъав чи. Ахирги ЧӀанкӀаца тӀаса бищула цогидаб нух: росуги тун къватӀиве ин. Гьелъие цогидаб гӀиллалъун ккола гьесие дунялалъул рукъалдаса рикӀкӀалъун исламалда жеги жанивехун вахъизе бокьун букӀин[3][4].

Ахирисел саназ гӀумруялдехун ЧӀанкӀал букӀараб бербалагьиги, хӀежалде иналде цебе сундул пикрабазда гьев вукӀаравалиги, шагӀирасул рекӀел рахӀатхун букӀинги загьир гьарулел руго хадусел мухъаз:

« Дунялалъул къоял къварид риччазин,

Къиямасеб къоялъ шапагӀат щвезе.

Духъ ккараб дир рокьи рукьбалӀ цӀунизин,

БецӀаб лахӀдуялъуб хӀалхьи букӀине.

ХӀехьезин гьаб гӀазаб гӀадаллъизегӀан,

ГӀарасалде щведал диван гьабизе.

»

ЧӀанкӀаца живго хӀежалде ине къватӀиве вахъунеб мехалъ, БакьагьичӀиб хутӀараб биценалда рекъон, живго нухарегӀизениги, жиндаго нух битӀагиян абизениги, я яцазе, я хъизаналъе рес кьун гьечӀо. БакьагьичӀиб ЧӀанкӀаца тӀамурал ахирисел сагӀтал ХъахӀабросолъа МахӀмудида цадахъ тӀамун руго. ЧӀанкӀал хӀужраялъур цере тӀиритӀун тӀахьалгун кӀиявго шагӀирас гьабуна щуго-анлӀго сагӀаталъ халат бахъараб гара-чӀвари; гӀагарлъиялъул тӀокӀав чиги виччачӀо ЧӀанкӀаца тӀаде, ва МахӀмудилгун букӀараб хабарги абадиялъго балъголъилъун хутӀана. Сапаралъ вахъунев ЧӀанкӀаги нуха регӀана ХъахӀабросулӀа МахӀмудица.

Хвараб ва вукъараб бакӀ

[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀумархӀажи Шахтамановасул «МугӀалимги мутагӀилги» абураб тӀехьалда руго гьадинал мухъал:

«Къуръаналъул тӀогьиллъарал тӀанчазул рагӀалда руго гьадинал хъвай-хъвагӀаял:

Гьале, щулияб, къалам кодоб ругьунаб квералъ нахъе тарал роцӀарал, баянал мухъал. Гьеб буго, дие ирсалъе жиндирго цӀарги тун, дун гьавилалдего хварав дир кӀудадал хатӀ. Дица гьеб цӀалулеб буго:

«Гьижра жойид гьабулареб гьаб заманалъул тарих рикӀкӀеналде рекъон 1909 соналъ, тӀадегӀанав бичасул лагъ, дун хӀежги борхун Маккаялдаса тӀад вуссун щвана. Чу биларав цӀалахъ гӀодуларин аби буго. Амма дун гӀодилев вуго. Аварагасул хабада как базе щваниги щиб, гьениве унаго нухда гьалмагъ, гьудул нух цадахъав гӀалим Тажудин вукъарав дие. Аллагьас кьураб роххелги, гьес тӀаде тӀамураб къварилъиги дир рекӀелъ цоцазда къвалги бан регун руго. Сабру кье, ТӀадегӀанав, дур лагъасул хӀалуцараб ракӀалъе, квер лъе гьесул сахлъулареб ругънада».

Гьеб хъвай-хъвагӀай гурони ЧӀанкӀал хвелалъул хӀакъалъулӀ щибниги лъалеб жо гьечӀилан тун буго. Киса-кибего хъвалеб буго ЧӀанкӀа хӀеж борхизе унаго нухда хванилан, амма гьеб факт мекъаб буго. ЧӀанкӀал яц Патучил яс ПатӀиматица бицуна, жиндида ракӀалда бугила, жий  гьитӀинаб мехалъ абулаанила ЧӀанкӀаца лъабго нухалъ хӀеж борханилан. КӀиго нухалъ жиндиего гӀоло борхун буго. Лъабабилеб нухалъ херлъарав загӀиплъарав чиясе гӀоло хӀеж борохизе унаго нухда хун вуго ЧӀанӀка. Цадахъ ккун вукӀарав Рихьуниса чиясухъе кьун ЧӀанкӀаца рокъобе битӀун бачӀун буго хӀежалъул тӀагъургн, жиндирго чухъаги, сагӀатги. Гьевго рихьунисес ругьелги бачӀун буго, ЧӀанкӀаца абунила жиндир чухъа хвараб мехалъ эбелалда тӀад бигъеян. Рихьунисев (гьесда цӀар ПатӀиматида лъалеб букӀинчӀо) вачӀиналдего гӀагарлъиялъ ЧӀанкӀада хадуб гӀарацги битӀун буго, амма щварабищ гьеб ЧӀанкӀахъе щвечӀебищали лъазе кӀун гьечӀо.

ЧанкӀада цадахъ хӀежалде ун вукӀана БакьагьичӀиса ШайихгӀали абулев ресалда вугев чиги ва ЧӀанкӀал лъадул вац. ЧӀанкӀадаго цадахъ, ШайихгӀалиги вуссинчӀо хӀежалдаса. ХӀежги борхизе инсул хобги цӀехезе къватӀиве вахъана ШайихгӀалил вас ГъалбацӀхӀажи. ГъалбацӀхӀажица бицунаан ШайихгӀалилги ЧӀанкӀалги хоб цоцазда аскӀоб Вади-ФатӀима абулеб бакӀалда бугилан. ГъалбацӀажица бицанихъе ЧӀанкӀаги, ШайихгӀалиги гьездаго цадахъ рукӀарал загӀиплъарал гӀадамал рокъобе нух бахъизе кӀолез рехун тун руго, гьедин гьабичӀого ресги букӀун гьечӀо. ЛъагӀалида жаниб цо нухалъ гурони гамаги бачӀунеб букӀун гьечӀо, цойгиги лъагӀелалъ унтаразда аскӀор чӀани жалгоги холел рукӀун руго, гамиде унтарал раччизе ресги букӀун гьечӀо.[5] Гьедин аваразул кӀудияв шагӀирасе абадияб рукълъун лӀугьана ГӀарабиялъул ракь.

Жиндирго шигӀрабалӀ ЧӀанкӀаца инсаниятаб рахалъ ахӀулел руго рухӀанияб эркенлъиялде. "Гулишатиде", ГьаракӀунисей" ва цогидал шигӀрабалъ гьес рикӀкӀунеб буго чӀужугӀаданалъул жиндиего талихӀалъе ихтиярал. ШагӀирасул рокьул лирикаялъе сипатаб буго романтикияб тӀадегӀанлъи, ихӀсасал загьирлъиялъул бацӀцӀалъи.

Гьединго ЧӀанкӀаца хъвалаан жамгӀиял темабазда тӀасан шигӀраби, магӀаби (элегиял), гьезда гьоркьоб бищун машгьураблъун буго "Сайгидул БатӀалиде" магӀу. ЧӀанкӀал гьунар гъваридго хурхараб буго магӀарулазул кӀалзул поэзиялда; гьебго заманалда гьесул шигӀрабалъ (хасго эллегиязда) халлъизе бегьула гӀараб классикияб адабияталъул асарги.

ЦӀакъ кӀвар бугеб лъалкӀ тана ЧӀанкӀаца авар адабият цебетӀеялъе. ШигӀраби хъвай гуребги, гьес авар халкъалъул гьунарияб ирсалъул гӀелмияб цӀех-рехги, кӀалзул гьунаралъул асаразе систематизацияги гьабулаан.

ШагӀир чӀаго вукӀаго басмаялда гьесул цониги асарал рахъичӀо. ТӀоцебесеб гьесул асаразул мажмугӀ къватӀибе бахъана 1963 соналъ, кӀиабилеб 1991 соналъ. ГӀурус мацӀалде гьел руссинаруна Я. Козловскияс.

Ралагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. Цогидал баяназда рекъон гьавун вуго 1860 соналъ.
  2. МагӀарул адабияталъул Тарих, гь. 478
  3. "Archive copy". Архивация оригинал, 2016-09-23. Щвей 2010-12-14.{{cite web}}: CS1 maint: archived copy as title (link)
  4. "Archive copy". Архивация оригинал, 2011-03-14. Щвей 2010-12-14. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)CS1 maint: archived copy as title (link)
  5. "ГъазимухӀамад ГъалбацӀов, хъвадарухъан". Архивация оригинал, 2021-07-09. Щвей 2021-07-02. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  • МухӀамадилазул, М. Б. (1961). Авар революциялда цебессеб адабияталъулкъокъаб хабар. МахӀачхъала.{{cite book}}: CS1 maint: location missing publisher (link)
  • ХӀайбуллагьилазул, Сиражудин (1966). Авар поэзиялъул халкъиял иццал. МахӀачхъала.{{cite book}}: CS1 maint: location missing publisher (link)

Халип:БакьайичӀиса ЧӀанкӀа