ХъахӀабросулӀа МахӀмуд

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ХъахIабросолъа МахIмуд» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
ХъахӀабросулӀа МахӀмуд
Файл:Махмуд Магомедов.jpg
ТӀокӀцӀар МахӀмуд аль-Байзави (محمد البيضاوي)
ТӀубараб цӀар ХъахӀабросулӀа ТӀайгибил МухӀамадил МахӀмуд
Гьави ХъахӀабросо, Дагъистаналъул вилаят, Россиялъул империя
Хвей Игьали, Дагъистаналъул вилаят, Россиялъул империя
Вукъараб бакӀ ХъахӀабросо
ВатӀанчилъи Халип:Флаг / Россиялъул империя
Халип:Флаг / РСФСР
Миллат Аварав
Эмен ТӀайгибил МухӀаммад
Эбел ГӀашурай
Лъади

1-й: ХъахӀабросулӀа Рабият

2-й: Жамилат
Адабияб гьунар
Пишаялъул тайпа ШагӀир
Гьунаралъул санал 1887–1919
Адабияб мазгьаб Лирика
Жанр Поэма, шигӀру
Асаразул мацӀ Авар
Машгьурал асарал Марьям

ХъахӀа́бросулӀа МахӀму́д (гьавидал ТӀайи́бил МухӀа́мадил МахӀму́д, 1872, ХъахӀабросо, Авар сверухълъи Дагъистаналъул вилаят1919, Игьали, Дагъистаналъул вилаят) — аваразул кӀудияв шагӀир, "Марям" абураб цӀар рагӀараб поэмалъул автор.

Биография[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьавураб мехги хъизанги[хисизабизе | код хисизабизе]

МахӀмуд гьавуна 1873 яги 1874 соналъ Дагъистаналъул вилаяталъул ХъахӀабросолӀ (гьанжесеб Дагъистаналъул Унсоколо мухъ). Гьев гьавиялъул мехъ батӀи-батӀиял иццазда рехсон буго батӀи-батӀияб. Лъалеб жо буго ТӀоцебесеб дунялалъул рагъ байбихьигун, жиндиего бокьун армиялде хъвалев МахӀмудица живго гьавураб сон хисизаби (40-ялдаса цӀикӀкӀун сонал рарал хъвалел рукӀинчӀо, МахӀмудие абуни 1914 соналъ букӀана 42 сон). Дагъистаналъул пачалихъияб архивалда цӀунун бугеб 1886 соналъ ХъахӀабросоялъул халкъалъул къадар рикӀкӀараб документалда рекъон, гьеб заманалъ букӀун буго 14 сон, гьесул вац ГӀумарие — 5 сон, гьезул эмен ТӀайибил МухӀамадие — 50.

МахӀмудил кӀудаинсуда цӀар букӀана ТӀайгиб, гьев вукӀана гӀадатав магӀарулав, гӀумруялъ росдал гӀиги хьихьун вукӀарав; гьесда абулеб букӀуну буго росуцояз Анас абун. Гьесул васасда, МахӀмудил инсуда, цӀар букӀана МухӀума (МухӀаммад), гьев лъала ТӀайибил МухӀамад гӀадинги, гьединго рехсола Анасил МухӀамад абунги. Гьев вукӀана рохьоб тӀурччи бухӀун, гьеб Хунзахъ базаралда бичизе хьвадулев чи; цо-цо хъапихъ кьолеб букӀун буго цо гъурущ, гьебги букӀун буго гӀадатаб хъизаналъе жиндирго магӀишаталде тӀаде бачӀунеб пайдалъун. ТӀайгибил МухӀамад вукӀана лъай-цӀали бугев чи, гьес росдал лъималада малъулаан Къуран цӀализа, гьесда цебе лӀугӀизабуна МахӀмудицаги гьесул вац ГӀумарицги къуръан цӀали.

МахӀмудил эбел йикӀана БекьилӀа ГӀашурай. ГьитӀинав вацасда цӀар букӀана ГӀумар. 1913 соналъ Харковалде бетӀербахъиялъе хӀалтӀизе арав чи, гьев араб бакӀ лъачӀого тӀагӀун вуго, нахъе кӀиго ясги тун.[1]

МутагӀиллъи[хисизабизе | код хисизабизе]

1879 соналъ МахӀмудил эбелалъул рахъалъан имгӀал Хъандулал МухӀаммадица яцалъе кумекги гьабизе МахӀмудие лъайги кьезе вачуна жиндихъего Бекьилъе. МахӀмуд цӀализе ккола исламияв гӀалимчи ХӀайдарил МухӀаммадихъе ва цӀалула гьесда цеве 1884 соналде щвезегӀан. Гьелдаса хадув МахӀмуд цӀалула Хьиндаллъиялъул гӀалимзабаздаги, Аваристаналъул цогидал росабазул гӀалимзабаздаги цеве. ГӀаммго цӀали халат бахъуна къогогӀан соналъ (1879–1899 гг.).

МахӀмудги, ХарачӀиса ХӀаскъилги ИнквалитӀаса Шахулисламги цӀалулел рукӀун руго машгьурав гӀалимчи, Дагъистаналъул имам Нажмудинил эмен ХӀоцоса Доногъо МухӀаммадида цере. 1886 соналъ МахӀмуд ана ГӀашилтӀа росдал мадрасаялде КъурбангӀалида цеве цӀализе. Гьениб лъугьуна МахӀмудил гьунаралъе цӀакъ кӀудияб асар гьараб лъугьа-бахъин — гьев дандчӀвана Аваристаналдаго цӀар рагӀарав шагӀир ва гӀалимчи БакьайчӀиса ЧӀанкӀагун. Гьев живгоги цӀалулев вукӀана КъурбангӀалида цеве, гьитӀинал мугӀалимзабазе дарсалги лъолаан гьес. МахӀмудие букӀана гьеб заманалъ 14 сон, ЧӀанкӀае — 21.

ГӀолохъанлъи ва Муи дандчӀвай[хисизабизе | код хисизабизе]

1899 соналъ Шураялда имамлъиялъул ва мугӀалимлъиялул имтихӀанги кьун хадув МахӀмуд вачӀана дибирлъун ХъахӀабросолъе ва 1906 соналъ-лъагӀан гьенив хӀалтӀана. 1899 соналъ ььес ячана ХъахӀабросолъа РапигӀат абурай яс, амма 5–6 соналдасан, лъимал рукӀинчӀолъиялъ, гьел ратӀалъана. МахӀмуд вахъана Бекьилъе; гьенив будунлъун вукӀаго дандчӀвала гьесда Муъминат (Муи), лъабго соналъ цеве Герейавлахъалда чуялъ гъоркье рехун рос хварай гӀадан

Муи гьаюна 1882 соналъ Сулейманилазул МухӀамадгӀалилги ПатӀиматилги (ГьотӀо) хъизаналда. Гьелъул йикӀана жеги кӀиго яцги — СалихӀат ва Загьидат. 16 сон барай Муи кьуна росасе гӀурус армиялда хъулухъ гьабулев вукӀарав ХӀасанил КъебедмухӀаммадие, гьезие гьавуна кӀиго вас — ХӀасан ва МухӀаммадгӀали.

МахӀмуд вукӀана Муил васазул мугӀалимлъун, гьес кумек гьабулаан Муие рукъ-цӀа бачине. МахӀмудилги Муилги рокьи ккана, ва гьезда ракӀалда букӀана ригьин гьабизе, амма Муил гӀагарлъи цӀакъ данде чӀола гьелде ва рагӀи кьола Муихъа лъимал рахъизе, гьей МахӀмудие росасе ани. Гьедин МахӀмудги Муиги ратӀалъана. МахIмудица жинцаго абухъе:

« Борхатаб магIарда кIиго гIадрал тIегь
Цоцазде щапула, данде щоларо.
Гъваридаб кIкIалахъе кIиго иццул лъим
Цоцалъе чваххула, гъорлъ жубаларо.
»

МахӀмуд нахъе ана Бекьилъа 1907 соналъ ва рещтӀана ЦӀатанихъ. Гьенив будунлъун хӀалтӀулаго (1907–1909), гьес эбел-эмен данде чӀун рукӀаниги, ячуна Жамилат абурай яс. Ригьин букӀана битӀ гьечӀеб, МахӀмудица лъади йиччан тола. 1910 соналъ МахӀмуд ана Бакуялде. КӀиго соналдаса нахъвуссуна. Гьелдаса хадуб Муил разилъиги щун, МахӀмудида, гьей хъамураб хвел гьабун, ракӀалде ккола Муи ячине. 1913 соналъ гьев Муигун ва гьудулзабигун вачӀана ГӀашилтӀе. Данде бахъараб гӀагарлъиялъ МахӀмуд чӀвалилан хӀинкъалабиги кьун нахъюссинаюла гьей. МахӀмуд чӀвалилан ва жинхъа лъимал рахъилилан хӀинкъарай Муица инкар гьабула гьесие росасе ине. Муи, бицараб рагIиги хвезабун, ун ятидал абун руго МахӀмудица хадур машгьурлъарал рагӀаби:

« Меседил лъималъул кьерги тӀад гьабун,
Пахьул букӀун буго бицараб рагӀи.
ГӀарцул хъал тӀад жемун, жаниб тӀухьи лъун
Йижун йикӀун йиго ракӀалъул гьудул.
»

ТӀоцебесеб дунялалъул рагъулӀ гӀахьаллъи[хисизабизе | код хисизабизе]

БитӀ ккечӀеб рокьи захӀмалъарав МахӀмудица нигат гьабула рагъде ине. 1914 соналъул риидал гьев жиндирго росуцоялгун ана Хунзахъе рагъде унезул сияхIалде живгоги хъвазавизе. Рагъулгин тарихиял архивазул хъвай-хъвагӀаязда гьев хъван вуго Магомаев Махмуд гӀадин. Рагъул хъулухъ гьабуна гьес 1914 соналдаса 1917 соналде щун, гьесул гIелму-лъаялъухъги ралагьун[2] гьев тIамуна Дагъистаналъул 2-б полкалъул къадилъун, гьеб букӀана командирасул хисунчиясулалде бащад гьабураб хъулухъ. Гьес хварал-чIварал бусурбаби, мусру жемун, исламияб къагIидаялъ рукъулаан.

МахӀмуд ккола австриялъулаб фронталде (Карпатазде). Гьев чанцIулго рагъул тIоцебесеб кьерда вагъула, 1915 соналъул 10 январалда лъукъула. Рагъул бахIарчийилан гьесие Георгиясул хъанч бугеб медаль щвана (1916).

МахӀмудил гьунаралъул бищун машгьураблъун, бищун лъикӀаблъун рикӀкӀуна гьес Карпатазда вукӀаго (1916) хъвараб «Марям» поэма, жинде букӀараб рокьи тӀагӀинчӀей ва тӀокӀалъ жий йихьичӀей Муихъе ругьел.[3][4] Муи хвана МахӀмуд рагъда вукӀаго.

Октябралъул революциялдаса хадув МахӀмуд тӀадвуссуна гӀадлу-низам биххараб Дагъистаналде (декабрь, 1917). Порт-Петровскалда (гьанже МахӀачхъала) гьев вищула полкалъул комитетаталъул гӀахьалчилхун, амма полк биххигун гьев нахъвуссуна мугӀрузде. Унсоколо МахӀмуд дандчӀвала дагъистаналъулаб революционияб хӀаракаталъул цевехъан ДахӀадалазул МахӀачгун.

ЧӀвай[хисизабизе | код хисизабизе]

МахӀмуд чӀвана 1919 соналъул сентябралда. Гьев чӀваялъул гӀайибиявлъун рикӀкӀарав Магьдил МухӀаммадица абухъе, МахӀмуд чӀвай букӀун буго лъачӀого ккараблъун.

Магьдилав, Игьаливе жиндирго унтарай гӀагарай чӀужуялъе цӀолбода хадув МахӀмуд вачӀун вукӀин лъаравго, гьесда гьболасда гӀадин дандчӀвай гьабизе ун вуго. Росдал имамгун ватула гьесда МахӀмуд мажгиталъув. МаркӀачӀул какил заман гьеб букӀиндал, какалги ран, гьел кӀиялго ун руго Магьдиласдахъе. Гьебго заманалде гьесухъе гьоболлъухъ вачӀун вуго ЧӀикӀаса кӀиго гьобол гӀи гочинабиялъул суалгун. Цоясда цӀар букӀун буго Хасбулатил Даци. Гьел гьекъон рукӀун руго, цадахъги бачӀун буго гьел гьекъезе жо.

Гьалбадерие саламги кьун буго МахӀмудица, ругъун бугилан, гьекъолеб жоялдасаги инкар гьабун буго. Магьдилас гьев цогидаб рокъовехун ахӀун вуго хабар-кӀалалъе, амма Хасбулатил Даци рекӀее гӀун гьечӀо гьедин МахӀмудидехун гьабураб адаб-хӀурмат. Чанго нухалъ гьес рагӀиледухъ абун буго МахӀмуд гӀодовегӀан гьаризесел рагӀаби.

ХӀурматалде ва лъикӀаб бербалагьиялде ругьунав МахӀмудие гьеб рекӀее гӀун гьечӀо ва гьев къватӀтиве ине вахъун вуго. Рукъалъул бетӀергьанасе гьабураб гьоболлъиялъухъ баркалаги кьун, гьес къо лъикӀ гьабун буго ва абун буго имамасухъе ине кколилан. Гьенир рукӀаразул цояс абун буго дугӀа гьабеян, амма МахӀмудица инкар гьабун буго, гьел гьекъаразе щибго кумек гьабуларин абун, ва цӀалун буго махсарояб экспромт:

« Мехтарав чиясе гӀадлу гьабиги,
ГӀадалаб гьоялда тӀил кьаби буго.
Гьекъарав чиясе хабар бицинги,
Харил гьорда цебе цӀа баки буго.
»

Гьеб рагӀарав гьекъарав Даци лӀугьун вуго иш хӀалуцинабизе ва МахӀмуд кьалде цӀазе. МахӀмудир сабру лӀугӀун буго гьекъарас гьев бихьинчи вукӀун гьечӀин абидал. Кьурун нахъги вуссун МахӀмудица бихьинлъиги бихьизабун абун буго бокьун бугищилан дун бихьинчи вугищ, гьечӀищ лъазеян ва чанго нухалъ хъатица кӀал чӀван буго Дацил. Хадусеб лӀугьун буго лахӀзаталда жаниб. Магьдилав кӀанцӀун вуго МахӀмудидаги дандиясдаги гьоркьов вахъине, Даци къватӀибе таманчаги бахъун лӀъугьун вуго ахӀдезе МахӀмуд чӀвалилан.

Магьдилас махӀкаматалда абуралда рекъон, гьес Дацил кодоса тамача бахъун буго ва къотӀнобехун кьвагьун вуго. Амма гьес хадуб жиндирго васасе ва гӀагарлъиялъе бицаралда рекъон, МахӀмуд чӀван вуго Хасбулатил Дацица, ва Магьдилас, рукъалъул бетӀергьанас гӀадин, гӀайиб босун буго жиндего тӀаде.

МахӀмудида ругъун щвана нахъехун бетӀералда, гулла къватӀибе бачӀун гьечӀо. Гьеб ахӀи-хӀуралда гъорлӀ бикъун ун буго шагӀирасул рачелги таманчаги, гьебго сордоялъ тӀагӀун руго гьениса кӀиявго гьоболги.

ЛӀукъарав МахӀмуд вачана ХъахӀабросолӀе, гьесул инсухъе рекъел гьабиялъе битӀун бачӀана делегация къурбаналъе оцги бачун. Амма вас чӀаго хутӀилилан вукӀарав ТӀайгибил МухӀамадица дияталдаса инкар гьабуна. ЛӀукъун хадув МахӀмудица бана ичӀго къо. Гьесие кумек гьабизе рачӀун рукӀана Хьиндаллъиялъул бищун лъикӀал тохтурзаби, Муил гӀагарав чи, БекьилӀа Давудцин. МахӀмуд чанго нухалъ гӀакълуялде вачӀун вукӀана, гьесде раккизе рачӀарал гӀадамалцин лъан руго гьесда, амма кӀалъазе кӀун гьечӀо. МахӀмудил рухӀ босана 1919 соналъул сентябралда, гьев вукъана ХъахӀабросоялъул хабзалалӀ.[4]

Абула, МахӀмудица холелъул абунила гьадинал рагӀабиян[5]:

« «Меседил гӀадалнах гӀарцул гвангвара,
гӀадада хвелилан хиял букӀинчӀо…».
»

Гьунар[хисизабизе | код хисизабизе]

Къимат[хисизабизе | код хисизабизе]

МахӀмудил гьунаралъе тӀоцебесеб хъвавул къимат кьуна 1923 соналъул авар экспедициялда гӀахьаллъарал гӀурус гӀалимзабаз. Гьезда гъорлӀ вукӀарав профессор Л. Жирковас, МахӀмудил шигӀрабигун лъай-хъвай гьабидал, хъвана гьесул хӀакъалъулӀ хадусел рагӀаби:[6]

НилӀ руго чӀун кӀвар кӀудияб адабияб феноменоналда цере, жиб гӀелмиял горсверабазда ва Европияб жамгӀияталда тӀубан лъалареб.

Оригиналияб текст (гІурус)
Мы стоим перед литературным явлением огромной важности, явлением совершенно неизвестным научным кругам и Европейскому обществу.

Гьединго МахӀмудил гьунаралъе борхатаб къимат кьуна Кавказалъул маданият лъикӀ лъалев Николай Тихоновас: гьес авар адабияталда МахӀмудил гьунар релълъинабуна гьабуна гӀурус адабияталда Пушкинил гьунаралда ва "Кавказалъул Блок" абун эпитетги кьуна МахӀмудие.[6]

РакӀалдещвей[хисизабизе | код хисизабизе]

  • ХъахӀабросулӀа МахӀмудил цӀаралда бугеб тарихиябгин маданияб, рухӀаниябгин канлъизабулаб фондалъ чӀезабун буго МахӀмудил премия адабияб рахъалъул.
  • «ХъахӀабросулӀа МахӀмуд» спектакл (ГӀабасилав М. реж. ХӀусейнилав А.) буго ЦӀадаса ХӀамзатил цӀаралда бугеб Авар музикалиябгин драматикияб театралъул Меседилаб фондалда.[7]
  • «МахӀмуд ва Муи» абураб Авар музикалиябгин драматикияб театралъул спектакл.
  • ХъахӀабросулӀ буго лъун шагӀирасул бюст,[8] рагьун буго рукъ-музей.[8]


Ралагье гьединго[хисизабизе | код хисизабизе]

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. ХӀажилай Шанисат. Аваразул ракӀалде щвеязда МахӀмудил цӀар хутӀана гьунар тӀокӀав, хаслъи бергьарав шигӀрияб рагӀул устарасул сипатлъун (24 септембер 2014).
  2. МахIмудида аварги гӀарабги мацӀалги гурелги, лъалаан гIурус, лъарагI, татар мацIалги.
  3. Archive copy. Дата: 2 юл 2021. Архивация: 24 септембер 2021 сон.
  4. 4,0 4,1 [1]
  5. [2]
  6. 6,0 6,1 ХъахӀабросулӀа МахӀмуд, машгьурав гӀалимчи, шагӀир лирикчи, рокьул шагӀир... (29 септембер 2013).
  7. "Золотой фонд ГБУ «Аварский музыкально-драматический театр им. Г. Цадасы»". Архивация оригинал (2013-12-03). Халагьи 2013-11-20. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (квеки)
  8. 8,0 8,1 Фотогалерея с. Кахабросо (хвараб регӀел). Дата: 23 новембер 2013. Архивация: 2 декембер 2013 сон.

Библиография[хисизабизе | код хисизабизе]

  • Авар миллаталъул некӀо заманаялъул харбалги батӀи-батӀиял кучӀдулги данде гьабураб мажмугI / бакӀарарав чи: ГӀабдулатӀип Шамхалов. — МахӀачхъала, 1929.
  • Авар адабияталъул мажмугI / данде гьабурав Р. ДинмухӀамаев. — МахӀачхъала: Дагъгизалъул басма, 1933.
  • Аваразул поэзиялъул антология. — МахӀачхъала: Дагъистаналъул тӀахьазул басмахана, 1958.
  • Гьудуллъи. 1978. № 3–4.
  • Литературияб альманах. — МахӀачхъала: Дагъгиз, 1940.
  • МахӀмуд. Тӏасарищарал кучӀдул / данде гьабурав Я. Сулейманов. — МахӀачхъала: Дагъкнигоиздат, 1966.
  • ХъахӀабросулъа МахӀмудил кучӀдузул мажмугI / данде гьабурав ГI. Шамхалов. — Буйнакск, 1926.
  • ХъахӀабросулъа МахӀмудил кучӀдул / данде гьабурав ГI. Шамхалов. — Шура, 1928.
  • ХъахӀабросулъа МахӀмуд. ГӀищкъул рукъ / данде гьабурав З. Хӏажиев. — Махӏачхъала: Дагъгиз, 1940.
  • ХъахӀабросулъа МахӀмуд. Рокьул асарал / данде гьабурав Ш. МикагӀилов. — Махӏачхъала: Дагъгиз, 1948.
  • ХъахӀабросулъа МахӀмуд / данде гьабурав ГI.-XI. Шахтаманов. — МахӀачхъала: Дагкнигоиздат, 1956.
  • ХъахӀабросулъа МахӀмуд. Асарал / данде гьабурал: М. Рамазанов, ГI.—XI. МухӀамадов, ГӀабасил. М. — МахӀачхъала: Дагъкнигоиздат, 1974.
  • ХъахӀабросулъа МахӀмуд. ШигӀраби / данде гьабурав М.XI. ХӀасанов, редактор К. Сулейманова.— МахӀачхъала, Дагкнигоиздат, 1989.
  • ХъахӀабросулъа МахӀмуд. Панаяб хӀухьел / данде гьабурав М.XI. ХӀасанов, редактор ГI. Малачиева. — МахӀачхъала: Юпитер, 1993.
  • ХъахӀабросулъа МахӀмуд / данде гьабурав М.XI. ХӀасанов. — МахӀачхъала, 1998.
  • ШигIраби / данде гьабурав А. М. МуртазгӀалиев -МахIачхъала, 2019.

РегӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]

Халип:ХъахӀабросолъа МахӀмуд