ХӀажи-Мурад

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
XIажи Мурад» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
XIажи Мурад
XIажи Мурад
Е. Е. Лансереца «Хаджи-Мурат» абураб къисаялъе бахъараб сурат
Байрахъ
Байрахъ
Наиб
Байрахъ
Байрахъ
Цеве вукІарав: Ахъбердил МухІамад
Хадув вачІарав: ПатагІали
Авариялъул мудир
 
ВатІанчилъи: Россиялъул империя
Дин: ислам суннияб мазгьабалъул
Гьави: 1818 сон
Хунзахъ р., МагІарул ханлъи (гьанже Хунзахъ мухъ, Дагъистан Жумгьурият)
Хвей: 5.05.1852
Онджалы р., КъахӀиб район, Азарбижан
Миллат: аварав
 
Рагъул хъулухъ
Рагъул цІар: имам Шамилил наиб

XIажи Мурад (гІур. Xаджи-Мурат Аварский; гьав. 1818 соналъ — хв. 5 май 1852 с.) — аваразул аскаралъул бетIер, Имам Шамилил наиб ва бищун аскIовегIанав кумекчи[1]. Лев Толстоясул «Хаджи-Мурат» абураб литературияб къисаялъул багьадур. Магlарулазул халкъияв бахlарчи. Гьавуна ва кlудияв гІуна Хунзахъ росулъ ханзабазул лъималазда аскlов. Ханзабазул лъималазул рахьдал вац. Вукъун вуго Азарбижаналъул КахІиб мухъалда.

ГIумрихъвай[хисизабизе | код хисизабизе]

Лъимерлъи[хисизабизе | код хисизабизе]

БахIарчи гьавураб къо-моцI алхинчIого лъаларо. ТарихчагIаца бицухъе гьев гьавун аваразул нуцаласул вас ГIабу-Султан Нуцалидаса хадув ва гьесу вац ГIумар-ханидаса цеве. Гьел вацал гьарурал санал ккола 1816-1818. Гьединлъидал ХIаджи-Мурад гьавурав сонлъун рикIкIуна тарихчагIаз 1818 сон[2].

ХIажи-Мурадил лъимерлъиялъул ва гIолохъанаб заманалъул хIакъалъулъ мухIганго лъалеб жо дагьаб буго. Эбел-эмен рукIана магIарулазул гIадатияб тухумалдаса. Эбелалъ гьасда цадахъ хахулел рукIана ханзабазул вас, гьелъ ХIажи-Мурадги ва гьасул кIудияв вац ГIусманги рукIана ханзабазул лъималазе рахьдал вацаллъун. ТарихчагIаз бицухъе, ХIажи-Мурад кIудияв гIуна ханзабазул васал ГIабу-Султан Нуцалида ва ГIумар-ханида цадахъ. ГьитIинаб къоялдаса нахъе ХIажи-Мурадие данде кколароан чIухIарал ва пударулел гIадамал. Гьелъ жиндирго гьунарал гIадамаздаса рахчулаан гьес.

ХIажи-Мурадил хIакъалъулъ умумуздасан бачIараб бицен буго гьадинаб: цо пуланаб къоялъ ХIажи-Мурадги ва ханзабазул васалги чанае щола Игари-рагIал абураб Хунзахъ росуахада бугеб бакIалде. Гьенив вукIарав чотIахъанас гьал рихьигун чу биччала ункъиде кIанцIизе, жиндирго гьунар бихьизабизе. Биччан унеб чу бихьарав ХIажи-Мурад векерула чоде данде, чIезабун гьебгун чотIахъан гъоркье вахъинавула. ХIажи-Мурадица гьесда абула, дурго гьунар бихьизеялъе гIоло чое гIакъва кьогеян. Ахцарав чотIахъанасда абизе жо батуларо[2].

ХIажи-Мурадица гьитIинаб къоялдаса нахъе лъазабулаан Къуран, Мухтасар ва Тафсир. ЦIализе ва хъвадаризе гьесда лъалаан гIажам мацIалда (магIарул мацI, гIараб алфавиталъ хъвараб). ГьитIинаб къоялдаса нахъе гьесие рокьулаан чуялги, ярагI-матахIги[3].

ХIажи-Мурадида гьитIинал къоядаса нахъе бихьана рагъ. Гьеб заманаялъ Кавказалда ине букIана рагъ АлекIсей Ермоловасде данде. Хадуб гьасда бихьана имамзабазул къеркьей гIурусазде данде Кавказалда байбихьараб. ХIажи-Мурадие букIана 11 сон Гъази-МухIаммад жиндирго аскаргун ХундеритIе кIанцIараб мехалъ. Гьеб къеркьеялда чIвана ХIажи-Мурадил эмен. Хунзахъ росу тIолго бикъун, щущахъбан букIана Гъази-МухIаммадил рахIму гьечIеб аскаралъ. Гьединабги ва цогидабги захIмалъи бихьарав ХIажи-Мурад гIолохъанлъана хекко. Гьев вукIана кутакалда къвакIарав бахIарчи, бокьараб суал дандеккезабизе кIолеб хIал букIана гьесул доб мехалъго[2].

Бицен буго, кIудияв гIураб мехалъ гьасие гIурусаз къунила цо суал: «кида дуда бичIараб мун хIинкъи гьечIев чи вукIин?». Гьеб суалалъе ХIажи-Мурадица къола къучIаб жаваб: «БецIаб сардилъ дахIададаца дун витIун вукIана Бакъдай (боцIцIи-гьанз хундерица хьихьулеб авлахъ) чода хадув. ГьитIтIаб хIетIегун дун тIад чIчIана хинаб, тамахаб жоялда тIад. Гьеб букIана гIанкI, гIундулги ккун кодобе босар. Гьеб букIана дир тIоцебесеб бахIарчияб иш». ХIажи-Мурадил гIамал-хасият букIана хундерил бахIарзабазда рекъараб. Гьесда лъимерлъиялдаса нахъе бихьана ханзабаз гьабулеб букIараб иш, унел рукIарал рагъулал къеркьеял ва цогидал захIматал ишал[2].

ХIамзат-Бекица Хунзахъ росу кквей[хисизабизе | код хисизабизе]

1834 соналъул 13 августалъ ХIажи-Мурадил кIудияв вац ГIусман вукIана ГIабу-Нуцалидаги ва ГIумаханидаги цадахъ ХIамзат-бекихъе ине ахIунругелъул имамас. АскIове вачIун ХIамзатил мюридас бицуна ГIусманида ханзаби чIвазе ахIаралъи махсародеги ккун. Мюридас абула ГIусманида хекко рокъове тIад вусаян, гурони ХIамзатица мунги чIвалин. Чуги кьолон ГIусман тIад вусуна Хунзахъ росулъе[2][3].

Гьединан 13 августалъ 1834 соналъ ХIамзат-Бекица гьркьо ине гьаруна лебалал васал жиндиего Хунзахъ росу бахъизе бигьалъиялъе. Гьебго къоялъ Баху-бикаги ХъистIаман-бикаги Хунхзахъа рачахъула Гиничукь росулъе. ГIабу-Нуцалил хъизан хутIана ханасул рокъой Хунзахъа лъимергьайизе йикIиналъе гIоло. Бихьинлъиялъ къвакIарай Баху-бикае бокьун букIана ХIамзатгун дандчIвазе. Баху-бикада гьитIинаб къоялдасанахъе лъалаан ХIамзат. Гьев вукIана ханзабазул рокъов хъулухъ гьабулесул васлъун. ХIамзатие бокьичIо Баху-бика йихьизе. Гьес ханзабазул рукъ жиндирго кверщеликье босула гьеб къоялдаса нахъе.[4]

ХIажи-Мурад, 1858 сон, суратВ. Ф. Тимма

ХIамзат-бекида лъалеб букIана цо ханзаби чIван Авар ханство жиндирго кверщеликье босуларелъи. Гьес буюрухъ кьуна Сахъадерил хан Сурхай кквезе. Сурхай-хан вукIана Баху-бика вацгIал. Гьелдаса хадуб ХIамзатие бокьана ханзабазул бечелъи бахъизе[5]. Гьелъие хIажатал буюрухъалги кьун, ХIамзатица ахIана жиндихъего Баху-бика. КъвакIарай гIаданалъ ХIамзатида баркула бергьенлъи. Гьеб бокьичIев ХIамзатица мюридасде къинкIула бетIер къотIеян[5].

ХIамзатица гьабуралда рекъоларо гьасул бищун гIагаразегицин. Инжилъарав жиндица гьабуралдаса ХIамзат гьардола тIаса лъугьаян. Гьес гьерсал рицуна, Баху-бика чIаго тани, гьелъ гIурусазда кумек гьарулин. Киназдаго бичIулеб букIана ХIамзатица гьабураб вахIшияб жо. Хадусеб къоялде чIвала Сурхай-ханги[5].

Хундерие вокьулароан ХIамзат-бек. Хундерица ургъула хIилла ХIамзат чIвазе[5]. Гьаз ургъухъе бахча-ккван 18 бахIарзал рачIуна ХIамзат чIвазе. 18-сго КъураналтIа кверлъун рагIи кьола лъидаго бицинарин жидерго сихIр[5].

Россиялъул рахъалда[хисизабизе | код хисизабизе]

ХІажимурадил машгьурлъи байбихьана 1834 соналъ, гьесги вац ГІусманицаги ханалъул васал чІваралъухъ рецІел босиялдасан. Россиялъул рахъалда ХІажимурад гІахьаллъана ХІамзатил бакІалда тарав Шамил имамасде данде гьарулел рагъулал тунка-гІусиязда. Бихьизабураб бахІарчилъиялъухъ ХІажимурадие офицерлъиялъул чинги кьола[6].

Имаматалъул рахъалда[хисизабизе | код хисизабизе]

1840 соналъ ХІажимурадиде Шамил имамасулгун балъгоял гьоркьорлъабазда вугилан гІайибги гІунтІизабун, генерал Клюгенаул буюрухъалда рекъон, туснахъги гьавун, гьев Темир-хан-Шураве витІула. Гьев щвезавизе ритІарал кІиявго чиги цадахъ цІан, кьурул рагІалдасан бугеб сухъмахъалдасан унаго, гъоркье кІанцІула ХІажимурад. Цадахъ рукІаразда тІадги ккун, гІицІго бох бекун гурони тІокІаб къварилъи кколаро гьесие. Гьеб заманалдаса нахъе, Шамил имамасги тІамун, киналго магІарулазул росабазул наиблъун вукІана ХІажимурад. І0 соналъ имамасул кваранаб кверлъун вукІана гьев. Гьел соназ ХІажимурадил бетІерлъиялда гъоркь гьарурал бахІарчиял чабхъеназ гьесул цІар кибго машгьурлъана. ХІажимурадиде абулеб букІун буго «вихьуларевилан». ХІажимурад вачІине бегьулеб бакІалде, гІурус армиялъул нухмалъиялъ гьесде данде бищун къуватал, тІаса рищарал рагъухъабазул къокъаби рехулаан.

ХІажимурадица чабхъенал гьарулаан давлаялъе гІоло гуребги, рецІел босизелъунги. Давлаялъул бутІа гьес кидаго бесдалазе ва къоролзабазе бикьулаан. Имамасул рагъухъабазда гьоркьов ХІажимурад вукІана бищунго цеветІуравлъун. Гьесул къвакІиялъгун бахІарчилъиялъ Дагъистанги Чачанги хІайран гьарун рукІана. Гьесул багьадурлъиялъул цІар тІолабго Кавказалдаги Россиялдаги тІибитІун букІана.

1851 соналъ имамасдаги ХІажимурадидаги гьоркьоб ккараб дагІба сабаблъун, имамасул буюрухъалдалъун ХІажимурадил хъизан-лъимал асир гьарула. ХІажимурадги имамасдаса нахъеги ун, БакьагьечІив чІола[6].

« «ХІажимурад вукІана рагъуе гІорхъолъа ун тІокІ борчІараб махщел-гьунар БетІергьанасго кьурав чи. Бищун къвакІарал бахІарзазулги бахІарчи вукІанин ХІажимурадилан аби ккола гьесул хІакъалъулъ щибго жо абичІолъи. ХІажимурадил хІинкъи гьечІолъи букІана Кавказалъецин гІадатияб гуреб, гІажаиблъилъун. Гьев вукІана чол рекІаразул хІикматав цевехъан. Тушманасда хадув гІунтІарав, захІмалъабаздаса ворчІизе бажарулев, гьужумазулъ нахъекъай гьечІев, нахъе къалаго лъиданиги жинда хадув гъезе, лъиданиги кквезе кІоларев. РукІана заманал гьев багьадурас князь Аргубинский – Долгоруков ва князь М. С. Воронцов гІадал цІодорал полководцал бакараб цІадутІа бугеб боркьараб къанитІа тІад гІадин гьел чІезаруралги. Гьев бергьараб гьунаралъул гІалхулав цогидаб армиялде вачаниги – французазул армиялде ялъуни дагьабги лъикІаб Мольткел армиялде, Европаялъул бокьараб армиялде вачаниги, киве кканиги ХІажимурад вукІине вукІана хІинкъи-къай гьечІев тулакав рагъухъанлъун ва чол рекІаразул бищун лъикІав командирлъун»
А. Зиссерманил хъвай-хъвагIаяздаса
»

Хвел[хисизабизе | код хисизабизе]

ХІажимурад тІадвуссун магІарухъе ине хІал бихьулаго, Азарбижаналъул КъахӀиб районалъул Онджалы росда аскІоб хадур лъугьарал хъазахъазул ва милициялъул чанго нухалъ цІикІкІараб къуватгун ккараб рагъулъ ХІажимурад чІвала. Кавказалъул цІар рагІарав бахІарчи хвана гъветІги ккун. Гьесул къаркъалаялда сверун гІодор ккун рукІана цохІо ХІажимурадица чІварав 17 тушманги. ХІажимурадил хоб лъугьана зияратлъун[6].

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Р. Н. Иванов. Хаджи-Мурат: документы, письма, очерки, факты. М.: Эхо Кавказа, 1999—247 с.
  2. 2,0 2,1 2,2 2,3 2,4 {{cite web}}: Empty citation (квеки)
  3. 3,0 3,1 http://xynzax.ucoz.ru/index/khadzhi_murad/0-24
  4. {{cite web}}: Empty citation (квеки)
  5. 5,0 5,1 5,2 5,3 5,4 Цитатинабиялъул гъалатӀ:Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб autogenerated1 -лъе текст бихьизабун гьечІо
  6. 6,0 6,1 6,2 "«Наиб ХIажимурад» – ПатІимат МухІамадова; Казият "Миллат". МахIачхъала; 31.10.2016 с." Архивация оригинал (2022-04-04). Халагьи 2022-04-04. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]