Хунзахъа ХӀажимурад
Халип:Пачалихъалъул хӀалтӀухъан
Хунзахъа ХӀажимурад[a] (1816, Хунзахъ, Авария — 5 май 1852, ) — аваразул аскаралъул бетӀер, халкъияв бахӀарчи, Имам Шамилил наиб ва бищун аскӀовегӀанав кумекчи[1]. Лев Толстоясул «Хаджи-Мурат» абураб литературияб къисаялъул бахӀарчи. Гьавуна ва кӀудияв гӀуна Хунзахъ росулӀ нуцабазул лъималазда аскӀов. Нуцабазул лъималазул рахьдал вац. Вукъун вуго Азарбижаналъул КахӀиб мухъалда.
Цересел сонал
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьави
[хисизабизе | код хисизабизе]ХӀажимурад гьавураб сон чӀван-къотӀун лъалеб гьечӀо, биографчагӀаз реххсолел руго батӀи-батӀиял сонал — 1812, 1815 яги 1818.[2][3]. Эсул кӀудияв вас Гуллаца бицаралда рекъон, эв гьавун вуго гьижрияб 1230 соналъ (грег. 1815–1816).[4] Киналниги цӀех-рех гьабулез ХӀажимурад гьавураб дата ччӀезабулелъул мугъчӀвай гьабулеб буго эсул вац ГӀусман Абу СултӀан-ханасул рахьдал вацлъунги, живго ХӀажимурад Авар СултӀан АхӀмад-ханасул кӀиабилев васасул, ГӀумаханил, гӀелцоявлъунги вукӀанин абураб информациялде.[5]. Археограф А. П. Бержеда рекъон, Абу-СултӀан хан гьавураб сон кколеб буго 1813 (гьебго соналъ гьавун вуго ГӀусманги), эсул гьитӀинав вац ГӀумахан гьавун вуго 1816 соналъ,[6] гьезул гӀелцояллъун ГӀусманги ХӀажимурадги рукӀанин абураб информация ритӀухъаблъун тани, лъала ГӀусман гьавураб сон 1813, ХӀажимурад гьавураб сон 1816 букӀин.[7] Эб информация ритӀухъаблъун тани, ХӀажимурад гьавураб сон кколеб буго 1816, эб сон дандеккола цинги Гуллаца бицаралъеги.[7][4]
Гьавуна Авариялъул тахшагьар Хунзахъ,[b] Тавулал абулеб узден тухумалда. Хунзахъа историк, М. Д. Атаевас роццӀинабулеб буго эб букӀанин хундерил нексӀияб тухум, жинда БацӀукъилал-Тавулал абулеб (бацӀ абураб рагӀудаса) ва нуцалзабазул гӀагараблъун риккӀунеб букӀараб.[7][8]
Хъизан
[хисизабизе | код хисизабизе]ХӀажимурадил эмен вукӀана Тавулазул ГьитӀинмухӀамад, гьоркьохъеб буголъул чи, гьев вукӀана рагъазулӀги гӀалхьаллъулев бахӀарчи[4] ва чӀвана 1830 соналъ ГъазимухӀамадил бодаса Хунзахъ цӀунулаго.[9] Эбелалъул цӀар букӀана Залму. ХӀажимурадил вукӀана кӀудияв вац — ГӀусман. Эв 1834 соналъ Хунзахъ мажгиталда ккарал лӀугьа-бахъиназда чӀвана, гьесул хъизамалъул рахъалъ щибго лъалеб гьечӀо.[10] Гьезул йикӀана яцги, лъалеб жо буго элъул цо вас вукӀаравлъи, жинда Элдар абун цӀар бугев ва 1852 соналъ ХӀажимурадида цадахъ ЦӀоралда чӀварав.[11]
ХӀажи-Мурадица гьитӀинаб къоялдаса нахъе лъазабулаан Къуран, Мухтасар ва Тафсир. ЦӀализе ва хъвадаризе гьесда лъалаан гӀажам мацӀалда (магӀарул мацӀ, гӀараб алфавиталъ хъвараб). ГьитӀинаб къоялдаса нахъе гьесие рокьулаан чуялги, ярагӀ-матахӀги[12].
ХӀажи-Мурадида гьитӀинал къоядаса нахъе бихьана рагъ. Гьеб заманаялъ Кавказалда ине букӀана рагъ АлекӀсей Ермоловасде данде. Хадуб гьасда бихьана имамзабазул къеркьей гӀурусазде данде Кавказалда байбихьараб. ХӀажи-Мурадие букӀана 11 сон Гъази-МухӀаммад жиндирго аскаргун ХундеритӀе кӀанцӀараб мехалъ. Гьеб къеркьеялда чӀвана ХӀажи-Мурадил эмен. Хунзахъ росу тӀолго бикъун, щущахъбан букӀана Гъази-МухӀаммадил рахӀму гьечӀеб аскаралъ. Гьединабги ва цогидабги захӀмалъи бихьарав ХӀажи-Мурад гӀолохъанлъана хекко. Гьев вукӀана кутакалда къвакӀарав бахӀарчи, бокьараб суал дандеккезабизе кӀолеб хӀал букӀана гьесул доб мехалъго[13].
Бицен буго, кӀудияв гӀураб мехалъ гьасие гӀурусаз къунила цо суал: «кида дуда бичӀараб мун хӀинкъи гьечӀев чи вукӀин?». Гьеб суалалъе ХӀажи-Мурадица къола къучӀаб жаваб: «БецӀаб сардилъ дахӀададаца дун витӀун вукӀана Бакъдай (боцӀцӀи-гьанз хундерица хьихьулеб авлахъ) чода хадув. ГьитӀтӀаб хӀетӀегун дун тӀад чӀчӀана хинаб, тамахаб жоялда тӀад. Гьеб букӀана гӀанкӀ, гӀундулги ккун кодобе босар. Гьеб букӀана дир тӀоцебесеб бахӀарчияб иш». ХӀажи-Мурадил гӀамал-хасият букӀана хундерил бахӀарзабазда рекъараб. Гьесда лъимерлъиялдаса нахъе бихьана ханзабаз гьабулеб букӀараб иш, унел рукӀарал рагъулал къеркьеял ва цогидал захӀматал ишал[13].
ХӀамзат-Бекица Хунзахъ росу кквей
[хисизабизе | код хисизабизе]1834 соналъул 13 августалъ ХӀажи-Мурадил кӀудияв вац ГӀусман вукӀана ГӀабу-Нуцалидаги ва ГӀумаханидаги цадахъ ХӀамзат-бекихъе ине ахӀунругелъул имамас. АскӀове вачӀун ХӀамзатил мюридас бицуна ГӀусманида ханзаби чӀвазе ахӀаралъи махсародеги ккун. Мюридас абула ГӀусманида хекко рокъове тӀад вусаян, гурони ХӀамзатица мунги чӀвалин. Чуги кьолон ГӀусман тӀад вусуна Хунзахъ росулъе[13][12].
Гьединан 13 августалъ 1834 соналъ ХӀамзат-Бекица гьркьо ине гьаруна лебалал васал жиндиего Хунзахъ росу бахъизе бигьалъиялъе. Гьебго къоялъ Баху-бикаги ХъистӀаман-бикаги Хунхзахъа рачахъула Гиничукь росулъе. ГӀабу-Нуцалил хъизан хутӀана ханасул рокъой Хунзахъа лъимергьайизе йикӀиналъе гӀоло. Бихьинлъиялъ къвакӀарай Баху-бикае бокьун букӀана ХӀамзатгун дандчӀвазе. Баху-бикада гьитӀинаб къоялдасанахъе лъалаан ХӀамзат. Гьев вукӀана ханзабазул рокъов хъулухъ гьабулесул васлъун. ХӀамзатие бокьичӀо Баху-бика йихьизе. Гьес ханзабазул рукъ жиндирго кверщеликье босула гьеб къоялдаса нахъе.[14]

ХӀамзат-бекида лъалеб букӀана цо нуцаби чӀван Авар нуцаллъи жиндирго кверщеликье босуларелъи. Гьес буюрухъ кьуна Сахъадерил хан Сурхай кквезе. Сурхай-хан вукӀана Баху-бика вацгӀал. Гьелдаса хадуб ХӀамзатие бокьана нуцабазул бечелъи бахъизе[15]. Гьелъие хӀажатал буюрухъалги кьун, ХӀамзатица ахӀана жиндихъего Баху-бика. КъвакӀарай гӀаданалъ ХӀамзатида баркула бергьенлъи. Гьеб бокьичӀев ХӀамзатица мюридасде къинкӀула бетӀер къотӀеян[15].
ХӀамзатица гьабуралда рекъоларо гьасул бищун гӀагаразегицин. Инжилъарав жиндица гьабуралдаса ХӀамзат гьардола тӀаса лӀугьаян. Гьес гьерсал рицуна, Баху-бика чӀаго тани, гьелъ гӀурусазда кумек гьарулин. Киназдаго бичӀулеб букӀана ХӀамзатица гьабураб вахӀшияб жо. Хадусеб къоялде чӀвала Сурхай-ханги[15].
Хундерие вокьулароан ХӀамзат-бек. Хундерица ургъула хӀилла ХӀамзат чӀвазе[15]. Гьаз ургъухъе бахча-ккван 18 бахӀарзал рачӀуна ХӀамзат чӀвазе. 18-сго КъураналтӀа кверлъун рагӀи кьола лъидаго бицинарин жидерго сихӀр[15].
Россиялъул рахъалда
[хисизабизе | код хисизабизе]ХӀажимурадил машгьурлъи байбихьана 1834 соналъ, гьесги вац ГӀусманицаги ханалъул васал чӀваралъухъ рецӀел босиялдасан. Россиялъул рахъалда ХӀажимурад гӀахьаллъана ХӀамзатил бакӀалда тарав Шамил имамасде данде гьарулел рагъулал тунка-гӀусиязда. Бихьизабураб бахӀарчилъиялъухъ ХӀажимурадие офицерлъиялъул чинги кьола[16].
Имаматалъул рахъалда
[хисизабизе | код хисизабизе]1840 соналъ ХӀажимурадиде Шамил имамасулгун балъгоял гьоркьорлъабазда вугилан гӀайибги гӀунтӀизабун, генерал Клюгенаул буюрухъалда рекъон, туснахъги гьавун, гьев Темир-хан-Шураве витӀула. Гьев щвезавизе ритӀарал кӀиявго чиги цадахъ цӀан, кьурул рагӀалдасан бугеб сухъмахъалдасан унаго, гъоркье кӀанцӀула ХӀажимурад. Цадахъ рукӀаразда тӀадги ккун, гӀицӀго бох бекун гурони тӀокӀаб къварилъи кколаро гьесие. Гьеб заманалдаса нахъе, Шамил имамасги тӀамун, киналго магӀарулазул росабазул наиблъун вукӀана ХӀажимурад. І0 соналъ имамасул кваранаб кверлъун вукӀана гьев. Гьел соназ ХӀажимурадил бетӀерлъиялда гъоркь гьарурал бахӀарчиял чабхъеназ гьесул цӀар кибго машгьурлъана. ХӀажимурадиде абулеб букӀун буго «вихьуларевилан». ХӀажимурад вачӀине бегьулеб бакӀалде, гӀурус армиялъул нухмалъиялъ гьесде данде бищун къуватал, тӀаса рищарал рагъухъабазул къокъаби рехулаан.
ХӀажимурадица чабхъенал гьарулаан давлаялъе гӀоло гуребги, рецӀел босизелъунги. Давлаялъул бутӀа гьес кидаго бесдалазе ва къоролзабазе бикьулаан. Имамасул рагъухъабазда гьоркьов ХӀажимурад вукӀана бищунго цеветӀуравлъун. Гьесул къвакӀиялъгун бахӀарчилъиялъ Дагъистанги Чачанги хӀайран гьарун рукӀана. Гьесул багьадурлъиялъул цӀар тӀолабго Кавказалдаги Россиялдаги тӀибитӀун букӀана.
1851 соналъ имамасдаги ХӀажимурадидаги гьоркьоб ккараб дагӀба сабаблъун, имамасул буюрухъалдалъун ХӀажимурадил хъизан-лъимал асир гьарула. ХӀажимурадги имамасдаса нахъеги ун, БакьагьечӀив чӀола[16].
| «ХІажимурад вукІана рагъуе гІорхъолъа ун тІокІ борчІараб махщел-гьунар БетІергьанасго кьурав чи. Бищун къвакІарал бахІарзазулги бахІарчи вукІанин ХІажимурадилан аби ккола гьесул хІакъалъулӀ щибго жо абичІолъи. ХІажимурадил хІинкъи гьечІолъи букІана Кавказалъецин гІадатияб гуреб, гІажаиблъилъун. Гьев вукІана чол рекІаразул хІикматав цевехъан. Тушманасда хадув гІунтІарав, захІмалъабаздаса ворчІизе бажарулев, гьужумазулӀ нахъекъай гьечІев, нахъе къалаго лъиданиги жинда хадув гъезе, лъиданиги кквезе кІоларев. РукІана заманал гьев багьадурас князь Аргубинский – Долгоруков ва князь М. С. Воронцов гІадал цІодорал полководцал бакараб цІадутІа бугеб боркьараб къанитІа тІад гІадин гьел чІезаруралги. Гьев бергьараб гьунаралъул гІалхулав цогидаб армиялде вачаниги – французазул армиялде ялъуни дагьабги лъикІаб Мольткел армиялде, Европаялъул бокьараб армиялде вачаниги, киве кканиги ХІажимурад вукІине вукІана хІинкъи-къай гьечІев тулакав рагъухъанлъун ва чол рекІаразул бищун лъикІав командирлъун» А. Зиссерманил хъвай-хъвагIаяздаса |
Хвел
[хисизабизе | код хисизабизе]ХӀажимурад тӀадвуссун магӀарухъе ине хӀал бихьулаго, Азарбижаналъул КъахӀиб районалъул Онджалы росда аскӀоб хадур лӀугьарал хъазахъазул ва милициялъул чанго нухалъ цӀикӀкӀараб къуватгун ккараб рагъулӀ ХӀажимурад чӀвала. Кавказалъул цӀар рагӀарав бахӀарчи хвана гъветӀги ккун. Гьесул къаркъалаялда сверун гӀодор ккун рукӀана цохӀо ХӀажимурадица чӀварав 17 тушманги. ХӀажимурадил хоб лӀугьана зияратлъун[16].
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]Комментариял
[хисизабизе | код хисизабизе]Иццал
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ Р. Н. Иванов. Хаджи-Мурат: документы, письма, очерки, факты. М.: Эхо Кавказа, 1999—247 с.
- ↑ Хайбуллаев, М. Р. (2002). Хаджи Мурат в памяти потомков. МахӀачхъала.
{{cite book}}: CS1 maint: location missing publisher (link) - ↑ Тахнаева 2019, гь. 23.
- 1 2 3 4 Хунзахъа ХIажимурадил хIакъалъулӀ хундерил биценал. 2009. гь. 19.
- ↑ Гаджиев, Б. И. (1965). Дагестан в истории и легендах. МахӀачхъала. гь. 103.
{{cite book}}: CS1 maint: location missing publisher (link) - ↑ Берже, А. П. (1859). Материалы для описания нагорного Дагестана. Типлис. гь. 27.
{{cite book}}: CS1 maint: location missing publisher (link) - 1 2 3 4 Тахнаева 2019, гь. 26.
- ↑ Д. Атаев (1960-лел) «История Хунзаха», басма гьабичӀеб хӀалтӀи, хассаб архив
- ↑ Тахнаева 2019, гь. 31.
- ↑ Москаленко (Хаджи-Мурат), Леонора (2017). Непридуманная сага: рассказы о родословии и истории семьи. Москва: Наука. гь. 600. ISBN 978-5-600-01423-7.
- ↑ Тахнаева 2019, гь. 32.
- 1 2 http://xynzax.ucoz.ru/index/khadzhi_murad/0-24
- 1 2 3 Цитация мекъи: Мекъаб тег
<ref>; мурад баян гьабун хъвалебReferenceA-лъе текст бихьизабун гьечІо - ↑
{{cite web}}: Empty citation (help) - 1 2 3 4 5 Цитация мекъи: Мекъаб тег
<ref>; мурад баян гьабун хъвалебautogenerated1-лъе текст бихьизабун гьечІо - 1 2 3 "«Наиб ХIажимурад» – ПатІимат МухІамадова; Казият "Миллат". МахIачхъала; 31.10.2016 с." Архивация оригинал, 2022-04-04. Щвей 2022-04-04.
{{cite web}}: Invalid|url-status=хвараб(help)
Библиография
[хисизабизе | код хисизабизе]- Тахнаева, ПатӀимат (2019). Хаджи-Мурат. Хаджимурад из Хунзаха. Москва: Институт востоковедения РАН. гь. 688. ISBN 978-5-6042536-9-4.