ЦӀулда
Координатал: Parameter: "region=" should be "region:"
Координатал: Parameter: "type=" should be "type:"
| Росу | |
| ЦӀулда | |
|---|---|
|
42.272900°0′0″N 46.721000°0′0″E / 42.27290°N 46.72100°E Координатал: Parameter: "scale=" should be "scale:" Координатал: Parameter: "region=" should be "region:" Координатал: Parameter: "type=" should be "type:" |
|
| Пачалихъ |
|
| Федерациялъул субъект | Дагъистан |
| Муниципалияб мухъ | ЧӀарада мухъ |
| Росдал поселение | СуметӀа росдал бо |
| Тарих ва ракьхъвай | |
| Централъул борхалъи | 1880 м |
| СагӀтазул зона | UTC+3:00 |
| Халкъ | |
| Къадар | #Н/Д[1] чи (#Н/Д[2]) |
| Миллат(ал) | аварал |
| Конфессия(л) | бусурбаби (суниял) |
| Расмияб мацӀ | авар, гӀурус |
| Цифрабазул идентификаторал | |
| Почалъул индекс | 368453 |
| ОКАТО код | 82259840005 |
| ОКТМО код | 82659440106 |
|
|
|
ЦӀулда — Дагъистаналъул ЧӀарада мухъалда бугеб росу. Уна СуметӀа росдал боялде гъорлӀе.
Этимология
[хисизабизе | код хисизабизе]Росдал цIар лӀугьун бугин абула «цIул» абараб рагIудаса, гьелде тIаде бакIалъул суффикс «-да» жубан. Бицуна гьенир сверухъ некIсияб заманалда ризал рохьал рукIанила ва гьединлъидал росдал гIадамазул гьеб мехалъ аслияб пишалъун букIана цIулал устарлъи.[3]
Тарих
[хисизабизе | код хисизабизе]Капуразул хIабахъ (хабалахъ) абараб бакIалда археологазда ратун руго IX-XIV гI. хутIелал – шегI ва гь.ц. Гьеб бакI ккола ЦIулдаса Гьонлъоб колоде унеб нухлул башдаб манзилалда, нухалъул тIасаб рахъалда, лъарахъа 30 галиялъ тIадегIан.
Росу унаан Къарахъ болмухъалде гъорлӀе.
География
[хисизабизе | код хисизабизе]Росу буго мухъалъул марказ ЦӀуриса 10 км-алъ шималиябгин бакътӀерхьудехун, Къарал-гIоралъул квегIаб рагIалдаса 500 метралъ тIадегIан.
Жанисеб гӀуцӀи
[хисизабизе | код хисизабизе]Росу бикьула щуго бутIабазде – гъоркьехунал абун лъалаан ГIуртIа (КIвекьабазухъ, ТIутIраб рохенал; Тамарилал тухумалъул рукъзал рукIараб бакI) ва Росухъ (Оцилал) авалал, тIадехунал абулаан КIкIалануб (бикьула ТIаса- ва ГъоркьакIкIалануб ва ГьинтIа рохеназда; аслияб къагIидаялъ гьенир руго Гелчилал тухумалъул рукъзал) ва ТIалабазда (ХIайдарбегилал, ГIокьилал) авалазда. ГудекIаналда (гьаниб «ГулекIалда») рукIана ГIалилазул рукъзал. ЦIирарал рукъзал ва школалдаса гIуна цIияб цебехун хурзал рукIараб ХъутуртIа авал[3].
ЦIулдагун цо жамагIаталде гъорлъе уна 1,5 км-алъ гьелдаса рикIкIад бугеб Гьонлъоб росдал агьлуги. НахъезигIан гьезул ракьал рикьичIого рукIана, Гьонлъоб букIана цIулдасезул рукъзалги, ракьалги. Бицуна гьенир 2 тухум бугилан абун. ГьабсагIат гьениб буго 8 цIараки.
Кулаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- МачIчIуб (Оцилал, ГIалилал),
- Гъогъода (ХIайдарбегилал, Тамарилал),
- Гьиндиб (Гелчилал).
Хасало гIи букIунаан ГIорхъануб, гьенир ругел нухъабазда жаниб къан.[3]
Бищун некIсияб мажгит букIун буго ТIабалазда абараб, росдада тIад бугеб авалалда. КIиабилеб мажгит бан буго ТIасакIкIалануб авалалда. Рохьаз сверун ккураб бакI букIана гьеб, мажгитги цIа ккун бухIана. Лъабабилеб мажгит 1689-б соналда бан буго гьанже бугеб росдал годекIаниб.
Демография
[хисизабизе | код хисизабизе]1828-б соналда ЦIулда 181 цIараки букIун буго (Хрисанф), амма 1830-л соназул ахиралде 150 цIараки ва 2 си бихьизабулеб буго (Мочульский).
- Н/Д[4]
- Н/Д[5]
Ккола моноэтникияб авар росулъун.
Тухумал
[хисизабизе | код хисизабизе]РосулӀ буго 6 тухум:
- Тамарилал (Тамар абараб цIаралдаса бачIараб; гIадамазул къадаралъул рахъалъ 3-абилеб; гьеб кьибил буго кьолболаб, некIо заманалдасаго ЦIулда чIун букIараб тухум, хутIарал тIаде рачIарал ккола; гьезул гIемер рахъана гIалимзаби, гьезда гьоркьоса ккола Къарахъа МухIамадтӀагьирги).
- Гелчилал (Гелач абурав чиясул цIар щвараб; гIадамазул къадаралъул рахъалъ 4-абилеб; гьез гIумру гьабулеб букIана Гьиндиб ва ГIорхъануб кулабахъ).
- Оцилал (бищун кIудияб тухум; оц хъун жамагIаталде гъорлъе лъугьарал рукIиналъ щванила цIар, гьез гIумру гьабулеб букIана БецIгIурухъ колода).
- ХIайдарбегилал (2-абилеб кIудияб тухум; гьезул чIей букIана Гъогъода колода).
- ГIокьилал (5-абилеб тухум; гIоркь рагIудаса лъугьанила цIар).
- ГIалилал (бищун гьитIинаб тухум; гьел гочанила МачIчIуб колодаса).[3]
Диаспораби
[хисизабизе | код хисизабизе]ЦIулдасезул гьабсагIат буго 400-гIанасеб цIараки: МахӀачхъала — 170, росулъ — 60-65, БагӀархъалаялда — 45–50, Баракат гьеналда — 10, Шамхал — 10, Алмало — 40, Шурагьиб — 5, Кочубей — 5, ЦӀуриб — 5 ва гъутада — 5. Жеги 1933 соналда Гъарачаялде гочана 4 вац, ва гьездаса ккарал 30 хъизан руго Гъарачай-Чергес республикалъул Марух, Учкекен росабалъ ва Кисловодск шагьаралда.[3]
Экономика
[хисизабизе | код хисизабизе]ЦIулдасез хур бекьун, гIи хьихьун, цIулал алатал гьарун гьабулаан бетIербахъи. Гелчилал тухумалъул чагIи ЦIоралдеги хьвадулел рукIун руго.
Мажгитал
[хисизабизе | код хисизабизе]Бищун некIсияб мажгит букIун буго ТIабалазда абараб, росдада тIад бугеб авалалда. КIиабилеб мажгит бан буго ТIасакIкIалануб авалалда. Рохьаз сверун ккураб бакI букIана гьеб, мажгитги цIа ккун бухIана. Лъабабилеб мажгит 1689-б соналда бан буго гьанже бугеб росдал годекIаниб.
Машгьурал росуцоял
[хисизабизе | код хисизабизе]- Къарахъа МухӀамадтӀагьир — авар ва дагъистанияв машгьурав гIалимчи, факъигь, Кавказалъул рагъул тарихчи ва имам Шамилил хъвадарухъан.
- МухӀамадгъазилазул ГӀабдулагь — Дагъистаналъул гIалимчи.
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Цулда > Данные в Wikidata не обнаружены.
- ^ Цулда > Данные в Wikidata не обнаружены.
- ^ a b c d e "ШагIбан ХIафизов // Бицарал чагIи: Халикъова Аминат (1916 с.гь.), ГIабдулаева ПатIимат (1941 с.гь.), Тамирбудаев Тамимудар (1960 с.гь.)". Архивация оригинал, 2022-08-11. Щвей 2022-05-02.
{{cite web}}: Invalid|url-status=хвараб(help) - ^ Цулда > Данные в Wikidata не обнаружены.
- ^ Цулда > Данные в Wikidata не обнаружены.
РегӀелал
[хисизабизе | код хисизабизе]- ЦIулда росу Архивация 2014-06-30 Wayback Machine
- WikiMiniAtlas гаджет хӀалтӀизабулел гьумерал
- Pages with malformed coordinate tags
- Википедия:Статьи с неправильными параметрами шаблона Население
- CS1 errors: invalid parameter value
- Coordinates on Wikidata
- ЧӀел-бакӀал алипалда рекъон
- Webarchive template wayback links
- Аваразул росаби
- ЧӀарада мухъалъул чӀел-бакӀал