Перейти к содержанию

Къарахъа МухӀамадтӀагьир

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Къарахъа МухӀамадтӀагьир
Гьавидал цӀар МухӀамадилав
ТӀубараб цӀар Къарахъа Хучаласул МухӀамадтӀагьир
Гьави 1809
ЦӀулда, Къарахъ, Авария
Хвей 24 ноябр 1880
ЦӀулда, Къарахъ, Дагъистан
Вукъараб бакӀ ЦӀулда хабзал
Миллат Аварав
Эмен Хучалав
ХӀалтӀи-пиша
  • теологист
  • пакъигь
  • тарихчи

Къа́рахъа МухІа́ммадтІагьир (гӀараб: محمد طاهر) — дагъистаналъул машгьурав гIалимчи, факъигь, Кавказалъул рагъул тарихчи ва имам Шамилил хъвадарухъан. Гьев ккола авторлъун, фикъгьиялъул хъвараб «ШархІуль мафруз» абураб тIохьолги ва имам Шамилил бетIерлъукь Кавказалъул халкъаз эркенлъуе гIоло ва дин цIунун гьабураб рагъул лӀугьа-бахъиназул бицунеб «Барикъату ссуйуфиль джабалийа фи багIдиль гъазавати шшамилийа» — абураб тIохьолги[1]. Миллат – аварав.

МухІаммад ТІагьир гьавуна 1809 соналъ ЦІулда росулӀ (гьанже ЧӀарада мухъ). ЧIван къотIун гьев гьавураб къо-моцI лъалеб гьечIо. Гьавураб мехалда гьесие кьун буго МухІаммадилав абун цIар. Хадуб ккун гьев жиндалъун халкъалда гьоркьов лъараб цIар, гьесие кьун буго Имам Шамилица. Гьесие жидерго мехалда щвана лъикӏаб лъай. Цӏалана Къородаса Къурбан-Мухӏамадида, Ангъидаса Мустапӏада, Гьунухъа Хӏажи-Дибирида ва ГьидалӀа Мухӏамад-Аминида цеве. Цӏали лӀугӏун хадуб хӏалтӏизе лӀугьун вукӏана Къарахъ мухъалъул Кьорош росулӀ къадилъун. 1850 соналдаса нахъе хӏалтӏун вукӏана имамасул кумекчилъун ва мирзалъун. Къокъаб мехалда вукӏана Имаматалъул муфтийлъунги. Рагъ лъугӏун хадуб гочана Темирхан-Шураялде (жакъасеб Буйнакск) ва къадилъун хӏалтӏулев вукӏана. Хадув лӀугьана Дагъистаналъул халкъияб судалда кӏудияв къадилъун. Гьеб гӏумруялъул мехалда жаниб гьес хъвана жиндирго тӏахьазул аслияб бутӏа. Мухӏаммадтӏагьир хвана жиндирго гӏагараб Цӏулда росулӀ (жакъасеб Чӏарада мухъ) 1880 соналда. Жакъа къоялда гьесул хоб лӀугьун буго зияратлъун.

Хъварал тӏахьал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Мухӏаммадтӏагьир вуго гьал хадур рехсарал тӏахьал хъварав чи:

  • «Барика ас-суйуф аль-джабалийа фи бад аль-газават аш-шамилийа» (بارقة السيوف الجبلية في بعض الغزوات الشاملية) — хронология Кавказской войны;
  • Комментарии на грамматическое сочинение аз-Занджани «Тасриф аль Иззи» (تصريف العزي);
  • «Шарх аль тасриф аль максуд» (شرح التصريف المقصود);
  • «Ахсан далиль таъвиль ли ма вакаа фи заман имам Шамиль» (أحسن دليل التأويل لما وقع في زمن الإمام شامل) («Трактат о правдивости действий Шамиля»), 1848 год;
  • Сочинение о штрафах и наказания в государстве Шамиля;
  • «Шарх аль Мафруд» (شرح المفروض) — сочинение по исламскому праву;
  • «Василат аль-ахкам» (وسيلة الأحكام);
  • «Тарджаматуал Карахийя» (نرجمة القراخية) — перевод различных текстов;
  • «Китаб аль суллам» (كتاب السلم) — комментарии к учебнику по логике.
  • Бищун машгьураб гьес хъвараб тӏехь ккола «Цо-цо Шамилил рагъазулӀ Дагъистаналъул хвалчабазул паркъи» абураб тӏехь.

Гьелда тӏад гьев хӏалтӏана 1830 соналдасан байбихьун 1872 соналде щвезегӏан, гӏамм гьабуни 42 сон. Доб замалда букӏараб тӏалъуца тӏехь басмаялде бахъизе биччачӏо, гьеб къокъ гьабуниги, цензураялъ гьеб къабул гьабичӏо, 1941 соналъ гӏараб мацӏалдасан гӏурусалде гьелъул таржама гьабуна, машгьурал гӏурусазул гӏарабистаз – А.М Барановас ва И.Ю Крачковскияс, басмаялда гьеб бахъана гӏицӏго 90 соназул авалалда.

  • Къарахъа МухӀамадтӀагьир (1809–1880)
  • Къарахъа МухӀамадтӀагьирил биография
  •  Къарахъа МухӀамадтӀагьир
  • "Къарахъа МухӀамадтӀагьирил гӀумруялъул ахирисел лахӀзатал".