Кириллиял диграфал
Внешний вид
Кириллияб хъвай-хъвагӀул хъизамуда руго гӀемерал специалал кӀихӀарпал комбинациял, яги диграфал, хӀо гьездаса дагьал гурони хӀалтӀизаруларо славиял мацӀазда. Цо-цо алфавитазда хӀалтӀизарула триграфал ва гьединго тетраграфал яги пентаграфалцин.
Авар
[хисизабизе | код хисизабизе]Авар мацӀалда хӀалтӀизабула ⟨в⟩ лабиализация бихьизабизе, мисалалъе, хьв /xʷ/. Цогидал диграфазул руго:
- Эйективиял рагьукъазе ⟨ӏ⟩: кӏ /kʼ/, лӀ /tɬː/, цӏ /tsʼ/, чӏ /tʃʼ/,
- Цогидал рагьукъал к /k/ хӀарпил аслуялда: къ /qχʼː/, кь /tɬʼː/
- Жал г /ɡ/ хӀарпил: гъ /ʁ/, гь /h/, гӏ /ʕ/
- Жал л /l/ хӀарпил: лъ /ɬ/
- Жал х /χ/ хӀарпил: хъ /qχː/, хь /x/, хӏ /ħ/
Ь дандчӀвала диграфазулӀ, элъ цебехун бугеб хӀарп батӀияб ккуцалъ цӀалулеб букӀин бихьизабула, мисалалъе, гьабуна /habuna/.
- КӀирекъарал: кк /kː/, кӏкӏ /kʼː/, хх /χː/, цц /tsː/, цӏцӏ /tsʼː/, чӏчӏ /tʃʼː/.
Гьезул лъабго буго тетраграф, эл хӀалтӀизабиги буго авар ортографиялда спорадикияб, гьезул бакӀалда гӀемерисел ратула диграфал.
Беларус
[хисизабизе | код хисизабизе]Беларус мацӀалда буго хадусеб кӀиго диграф:
Украин
[хисизабизе | код хисизабизе]Украин мацӀалъул диграфал руго хадусел:
- 'ьо', [ʲɔ] ва [ʲo] (ралагье ьо)
- 'дз' — [d͡z] ва [d͡zʲ] аффрикатазе (ралагье дз)
- 'дж' — [d͡ʒ] ва [d͡ʒʲ] аффрикатазе (ралагье дж).
Чачан
[хисизабизе | код хисизабизе]Чачан мацӀалда хӀалтӀизарула хадусел диграфал:
- Рагьарал: аь /æ/, яь /jæ/, оь /ø/, ёь /jø/, уь /y/, юь /jy/
- Эйективазе ⟨ӏ⟩-гун: кӏ /kʼ/, пӏ /pʼ/, тӏ /tʼ/, цӏ /tsʼ/, чӏ /tʃʼ/
- Цогидал рагьукъал: гӏ /ɣ/, кх /q/, къ /qʼ/, хь /ħ/, хӏ /h/
- Триграф рхӏ /r̥/