Щугъи

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Щугъи
Бищун борхатаб бакӀ
Абсолютияб борхалъи2000 м
Локация
42°43′09″ ш. гӀ. 46°51′23″ бб. х.HGЯO
Пачалихъ
РФялъул субъектДагъистан
РайонОнсоколо мухъ
МугӀрузул ситемаКӀудияб Кавказ 
Россия
БагӀараб тӀанкӀ
Щугъи
Дагъистан
БагӀараб тӀанкӀ
Щугъи

Щугъи́ (Starling: š:u-ʁí, гIур. Щуги) — Хьиндаллъуда бугеб тӀогь, ккола гьанжесеб Онсоколо мухъалде. Буго Генуса хьундабгин-бакъбаккудехун.

Иргьанс-Нухаздасан Щугъи-могIроде бугеб балагьи
Иргьанс-Нухаздасан Щугъи-могIроде бугеб балагьи

Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]

Унгойин абун чIчIезабураб этимология гьечIо, амма гендерида ва цIалунчагIазда гьениб бихьулеб буго щоб абураб рагIи нахъ -гъи абураб компонентги рекIинабун. Старостинил реконструкциялъа кьолеб буго жаваб, щиб кколебали гьеб -гъи. Гьеб кколеб буго локатив, бакI бихьизабулеб падеж, амма -гъи-локативалъ бихьизабулеб буго рахараб жаниб ккараб бакI, кин кколеб жибго Щугъиги. СверутIа-сверун расалъуда руго борхалъаби. Щугъи гьанже абула жибго могIродаги, магIарда бугеб расалъудаги: цоцаздаса ратIа рахъизе гьезде абула Щугъи́-мегIе́р ва Щугъи́-раса́лъи. Гьалда рекъон, Щугъи́ ккола «щобида бугеб рахараб бакI/расалъи».

История[хисизабизе | код хисизабизе]

Фактал[хисизабизе | код хисизабизе]

  • Щугъи буго тIолаб рагIи: Щугъи-мегӀер, Щугъи-расалъи ва Гъоркь-Щугъи абурал бакIал данде гьабулеб.
  • Генал божула, Щугъи-магӀарда Будалаал (малаикзабазда релълъарал халатккарал цирцеял рижаби) ругин абун.
  • Цебе Щугъи гьебго цIаргун гьитӀинаб росу букӀун буго.
  • Щугъи-расалъуда гендерица росулӀас ритӀарал жундул ругин бицуна. Цо жендуца жиндиего чагӀазул рукъ ккунани, ригьзал бетӀергьабаца женгун гара-шарун гьеб/гьел цоги жиндирго ракьалде битӀун/ритӀун бажарулин абураб харбида хурхен бугеб жо.
  • Щугъисан гендерил ахазе лъимги щола (масала, БакьулӀ-ГъеникӀкӀалае).

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]