Будалаал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Буда́лаал (Starling: budálaʔa-l) – малаиктайпаял авар мифологиялда ругел рижаби. ГIемерисел мугӀрузда, парсазда, борхалъуда ругел нахъабазда бетӀербахъи гьарулел рукӀуна.

Авараз гьезие гьадинаб сипат-сурат кьола: рорхатал, хъахIал гьурмазул, жал кисанго хъахIккарал, цӀакъ къуватал чагӀи.

Мифологиялда[хисизабизе | код хисизабизе]

Аварал божула, гьел «чагIи» гьабсагӀалъги ругин абураб жоялда. Жиб-жиб росдал чагIаца бицуна, гьезул бищун борхатаб мегIер яги кьуру бугони, Будалаал гьенир рукIунин бетIербахъи гьабулел.

Гендерица абула, гьел Щугъи-магIарда рукIунин. Чи гьечIеб, гIалхулаб, бацIадаб, тIабигIатлъун цолъизе бокьулила гьезие. Гьез бицанихъе, гьел Аллагьасукьа хIинкъарал ккола, амма гьезул иш-пиша бичасда хурхарал гьечIоха: къинай чIужугIаданалъул ургьиса, гьарурал къо арал, кинидухъ лъун тарал ва батIиял гIисинал лъимал рикъула гьез. Божулезе бокьуларо «рикъулин» абизе, гьез абула «рачун уна». Гьедин рикъун арал лъимал гIалхуда, гьезда аскIор ругелгIансеб мехалда, будалаълъулила (Будалаал лIугьунила гъозул).

Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]

РагIилIугьин жеги лъачIо, амма гьадинал персонажал дандчIвала Бакъбаккул-Ракьалда бетIербахъи гьабулел ругел чагIазулги. БолмацIалда хъвала буда́лаъ ц.ф.-да, буда́лаал гI.ф.-да.

Диалектазда[хисизабизе | код хисизабизе]

Хунз диалекталда цохIо гендерил букIин лъала болмацI-версияги, цоги метатезаги – баду́лаъ/баду́лаал. ГIандалацаги буда́лаал абула (СугъралI, Ругъжаб), БацIада буда́лагIзаби абула гI.ф.-да, буда́лагI – ц.ф.-да. Къелеб муда́лаъ/муда́лаал. ГIандиял мацIазда дандчIвала гьадинал формаби: жибго гIанди мацIалда будалол/будагIол «магIарул малаикзаби», гъодобери – будалиял, гIахьвал. будалагIал, кIкIаратI. будали, будалди, цинги цезазул будалаби, гьунз. будалалио раженли, хварш. будалла ба ва гь.ц.