Сулайманов, ГӀалил МухӀамад

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Сулайманов ГІалил МухІаммад» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Сулайманов ГІалил МухІамад
Байрахъ
Байрахъ
3-ев Имарат Кавказалъул амир
2 июль 2015[1] — 11 августалъ 2015
(цІаралда гъоркь Абу ГІусман Гимравий)
Цеве вукІарав: ГІалиасхІаб Къебекъов
Хадув вачІарав: МухІамад ГІабдулаев
Байрахъ
Байрахъ
Вилаят Дагъистананлъул ШаргІияб Диваналъул къади
20 октябрь 2010 сон — 2 июль 2015 сон
 
Дин: Ислам, салафияб мазгьаб
Гьави: 29.02.1976
Генуб росо, Унсоколо мухъ, Дагъистан, Россия
Хвей: 11.08.2015
Генуб росо, Унсоколо мухъ, Дагъистан, Россия
Эмен: Сулайманов ГІали
Лъади: Меседо, Зайнаб ва Руфайда
Лъимал: 8
Миллат: МагІарулав
Лъай: Димишкъалъул ФатхІ университет
Хъулухъ: гъазичи
 
Рагъул хъулухъ
Гъорлъе уна: Халип:Флаг / Имарат Кавказ (2007—2008; 2009-2015)
Рагъул цІар: баянал гьечІо
Къеркьей: Дагъистаналда исламияб къеркьей (2007—2008)
Шималияб Кавказалда къеркьей


Сулайманов ГІалил МухІаммад, гьев вуго МухІаммад Абу-ГІусман ал-Гимравий (гь. 1977 соналъул 29 февралалъ, Генуб, Унсоколо мухъ, Дагъистаналъул АССР, РСФСР, СССР — хв. 2015 соналъул 11 августалъ, гьебго бакІалда) — дагъистаналъул муджагьид, вилайят Дагъистаналъул МугІрузул бутІаялъул амир, 2010 соналъул 20 октябралдаса бахъун - Вилайят Дагъистаналъул муджагьидзабазул къади. ГІалиасхІаб Къебекъов хун хадуб гьев вищана Имарат Кавказалъул лъабабилев амирлъун[2].


Биография[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьавуна 1976 соналъул 29 февралалъ Унсоколо мухъалъул Генуб росулъ.

1992 соналдаса бахъун цІалана Сириялда, лъугІизабуна Димашкъалъул шаргІияб университет ФатхІ аль-Ислами, гьеб лъугІун хадуб, ай 2005 соналъ тІад вуссана Дагъистаналде, Генуб росдал бол мажгиталда вагІзаби гьаруна, дарсал кьуна.

2007 соналдаса бахъун лъугьана муджагьидзабазул къокъаялда гъорлъе. 2008 соналъ гьесие амнистия кьун букІана ва гьелдаса хадуб лъугьана бакІалъул шаргІиял масъалаби къотІулев къадилъун.


Хвел[хисизабизе | код хисизабизе]

2015 соналъул 11 августалъ Генуб росдал парсазда гІурусазулгун ккараб рагъул хІасилалда шагьидлъана, Вилайят Дагъистаналъул амир Камилов СагІидгун ва Генуса ГІабдулаев ГІабдулагьгун ва Сулейманов ГІумаргун[3].



ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Цеве вукІарав:
ГІалиасхІаб Къебекъов
Имарат Кавказалъул амир
2015 сон 2 июль - 2015 сон 11 август
Хадув вачІарав:
МухІамад ГІабдулаев