Перейти к содержанию

Сулайманов, ГӀалил МухӀамад

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Халип:Пачалихъалъул хӀалтӀухъан


Сулайманов ГӀалил МухӀаммад, гьев вуго МухӀаммад Абу-ГӀусман ал-Гимравий (гь. 1977 соналъул 29 февралалъ, Генуб, Унсоколо мухъ, Дагъистаналъул АССР, РСФСР, СССР — хв. 2015 соналъул 11 августалъ, гьебго бакӀалда) — дагъистаналъул муджагьид, вилайят Дагъистаналъул МугӀрузул бутӀаялъул амир, 2010 соналъул 20 октябралдаса бахъун - Вилайят Дагъистаналъул муджагьидзабазул къади. ГӀалиасхӀаб Къебекъов хун хадуб гьев вищана Имарат Кавказалъул лъабабилев амирлъун[1].


Гьавуна 1976 соналъул 29 февралалъ Унсоколо мухъалъул Генуб росулӀ.

1992 соналдаса бахъун цӀалана Сириялда, лӀугӀизабуна Димашкъалъул шаргӀияб университет ФатхӀ аль-Ислами, гьеб лӀугӀун хадуб, ай 2005 соналъ тӀад вуссана Дагъистаналде, Генуб росдал бол мажгиталда вагӀзаби гьаруна, дарсал кьуна.

2007 соналдаса бахъун лӀугьана муджагьидзабазул къокъаялда гъорлӀе. 2008 соналъ гьесие амнистия кьун букӀана ва гьелдаса хадуб лӀугьана бакӀалъул шаргӀиял масъалаби къотӀулев къадилъун.


2015 соналъул 11 августалъ Генуб росдал парсазда гӀурусазулгун ккараб рагъул хӀасилалда шагьидлъана, Вилайят Дагъистаналъул амир Камилов СагӀидгун ва Генуса ГӀабдулаев ГӀабдулагьгун ва Сулейманов ГӀумаргун[2].



Цеве вукІарав:
ГІалиасхІаб Къебекъов
Имарат Кавказалъул амир
2015 сон 2 июль - 2015 сон 11 август
Хадув вачІарав:
МухІамад ГІабдулаев