Сасикьа МухӀамадил ГӀабдурахӀим

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Сасикьа МухӀамадил ГIабдурахIим» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Портрет
Исламалъул дагІватчи, хъвадарухъан, таржамачи

Напсиял баянал
МухӀамадил ГIабдурахIим МухӀамадов
богослов, переводчик
15 январ 1943(1943-01-15) (81 год)
Дагъистан,Цӏумада мухъ Сасикь росу.
5 ноября 2018(2018-11-05) (75 лет)
Россия Россия Россиялъул Федерация
авар
Ислам и Суниял
МухІамад
Халисат
ПатIимат
6 вас, 4 яс

МухӀамадил ГӀабдурахIим МухIамадов (гІур. Магомедов Абдурахим Омарович; гьав. 15 январалъ 1943 с. — хв. 5 ноябралъ 2018 соналъ ЦӀияб Сасикь) — исламалъул дагӀватчи ва хъвадарухъан. ГӀадамазда гьев лъала жиндир тӀахьаздалъун ва жеги лъикӀ Хирияб Къураналъул таржамачи гӀадин[1].

ГӀумрухъвай[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьавуна 1943 абилеб соналъул 15 январалъ ЦӀумада мухъалъул Сасикь росулъ. 1957 абилеб соналъ гьеб росдал школалъул анкьго класс цӀалун лъугьизабуна "щуйилал" къиматазда ва цӀализе лъугьана МахӀачхъалаялда букӀараб медучилищаялда. Рокъосан санагӀалъи букӀинчӀого цӀали лъугьичӀого 1959 абилеб соналъул ахиралда академияб отпуск босун рокъов вачӀана.

Гьелда хадув Силди, Гьакъоб, Хъварши, Сасикь медпункталъул заведующийлъун хӀалтӀана.

1963-1964 соназ Хасавюрталда букӀараб профтех училищаялда цӀалана ва гьебги "щуйилазда" лъугьизабуна.

1964 соналъ ЦӀияб Сасикь вачӀана ва гьенивги медпункталъул заведующийлъун хӀалтӀана. 1967-1968 соназ совхозалъул учётчик бухгалтерлъунги вукӀана.

Исламияб гӀелму[хисизабизе | код хисизабизе]

1968 соналъ 25 сонил гӀумруялде вахарав чияс бай бихьана гӀараб мацӀ ва исламияб гӀелму цӀализе. Сасикь рукӀарал: ГӀисал МахӀмуд, ГӀалил СагӀаду, Аюбил ХӀайбула, ХӀажиясул Сайфудин гӀадал цӀаларал чагӀазда цебе. Хадуб Хуштадасан кӀудияв МухӀамадсайид, Кьохъа СултӀанмухӀамад, МелъелтӀаса Сулайман ва цойгидалги гӀалимзабаздаса лъай босана. Дагьаб мехалъ Сириялде ун гьенир ругел гӀалимзабаздасанги мунфагӀат босана. ГӀараб гӀелму цӀализе байбихьараб къоялдасан нахъе, жинда лъараб жо цойгидазда малъизеги бай бихьана. Гьелъул хӀасилалда лъеберилъаги арал гьесул рукӀарал мутагӀилзаби, цӀаларал чагӀилъунги рахъун, росабалъ мажгитазул имамзабилъунги, мадрасазда мугӀалимзабилъунги хӀалтӀулел руго. ГӀелму цӀалиялда цадахъ ГӀабдурахӀимица яхӀ бахъана бусурбабазе чара гьечӀел мажсжидал мадрасаби разеги.

Жеги дин гьукъараб коммунистазул заманаялъ, 1980 соналъ бай бихьана Сасикь росдал масжид цӀи гьабизе. Колхозалъул складги жаниб лъун, бихун унеб букӀана гьеб. ГӀемер гӀакъуба бихьун, хӀукуматалъул тӀалъиялъулго дагӀбаги гьабун, гьеб масжид цӀи гьабуна, гьенибе тӀокӀаб складги биччачӀо.

ЦӀияб Сасикь росулъги изну кьураб гьечӀониги, какал ралеб гьитӀинаб масжид букӀана. 1988 соналъул ахиралда росдал жамагӀатги цадахъ лъугьинабун, гьезие нухмалъиги гьабун, байбихьана цӀияб масжид базе. Гьеб букӀана Дагъистаналдаго цӀияб балеб тӀоцебесеб масжид. Хадур лъугьун хӀукуматалъул хӀалтӀухъабиги рукӀана квал-квал гьабулел. Ункъо моцӀ гӀанасеб мехалда жаниб масжид бан лъугӀана ва жакъаги гьеб росдал аслияб масжидлъун буго. Гьелдасан хадубги росулъ кӀиго мадраса баялъе нухмалъи гьабуна, жеги цойги авал-мажгитги бана.

2007 соналъ живги, жиндирго хъизанги хӀалтӀун ясал цӀалулеб мадраса ва авал-мажгит бана[2].

Къуръаналъул ва цогидал таржамаби[хисизабизе | код хисизабизе]

1984 соналъ бай бихьун, ГӀабдурахӀимица ункъо соналъ тӀад хӀалтӀун Къуръаналъул тафсир Жалалазул таржама гьабуна, гӀараб мацӀалда тӀад гӀуцӀараб гӀажам хӀарпаз, квералъги хъван. (лъабго том) Гьелъул мурад букӀана, мутагӀилзабазе тафсир лъаялъе кумек гьаби. Гьелда гӀадамазул бугеб хӀажалъи бихьун 1989 соналдасан байбихьун балъго зарбуялдаги кьабун, щуазарго тӀехь къватӀиб биччана ва гӀадамазухъе щвана.

2002 соналъ жинцаго компютер хӀалтӀизеги лъазабун, гьебго таржама гӀурус хӀарпаздалъунги хъван, гӀемерал цойги тафсиралъул гӀалимзабазул тафсираздасанги мунпагӀат босун, цойги таржама гьабуна. (кӀиго том). Гьел тӀахьал цо нухалъ Дагъистаналда зарбуялда рахъана, гьел хӀажалъи бугелщиназе гӀечӀелъул, цойги нухалъ Сириялдаги рахъана. Гьел тӀахьал магӀарулазул киналгоязде гӀагарун росабалъ гӀадамазухъ руго. ЖубачӀого рес гьечӀо: жакъа ГӀабдурахӀимица таржама гьабураб къуръан СагӀудиязул ГӀарабиялъ кьабун ва гьел тӀахьал гьенире арал магӀарул хӀажизабазе чӀобого рикьула руго. Къуръанги гьанже батизе бегьула хӀарамалъул мажгиталда[3].

2005 соналъ машгьурав гӀалим Ан-нававияс данде гьабураб " риязу свалихӀина" абураб тӀехьалдасан хӀадисал тӀаса рищун, гьезие тафсир (комментария) гьабун, магӀарулазе анкьнусго гьумер бугеб цойги тӀехь къватӀибе биччана. Чанго гьитӀинаб тӀехь, ва чанго шаргӀияб масъала зарбоялда рахъана. ГьабсагӀат зарбоялда кьун буго гӀурус мацӀалда Къуръаналъул лъабго ахираб жузалъул тафсир. Гьеб буго цойги мацӀ бицунел лъимал цӀалулеб мадрасалъе хӀадурараб тӀехь. Гьединго гӀурус мацӀалда хӀадурун буго ва кватӀичӀого къватӀибе бачӀине буго Фикъгьиялъул масъалаби жанир ругеб тӀехь. Гьеб цӀакъго хӀажатаб хӀалтӀи буго мадрасазе ва киналго бусурбабазе. Гьесул тӀахьал цойгидазул гӀадин гӀисинал барашюраби гурел ругел, гьел руго чӀахӀиял, тӀад гӀемераб хӀалтӀабиги гьарурал, гӀелму цӀалулезеги, гьелда рокьи бугезеги кӀудияб пайда-хайир кьолел.

ЖамгӀияб хӀалтӀи[хисизабизе | код хисизабизе]

Росдалги Дагъистаналъулги жамгӀияб хӀалтӀулъги ГӀабдурахӀимица жигараб гӀахьаллъи гьабуна. Гьесул квербакъиялдалъун рагьана ЦӀияб Сасикь росдал Администрация. Бана росулъ тӀощел хенолеб гьобо.

1978-1980 соназ гьев хӀалтӀана Сасикь росдал "Рекъел" колхозалъул бухгалтерлъун.

1992-1993 соназ гьев вукӀана динияб идараялъул муфтиясул заместителлъун ва гӀалимзабазул советалъул бетӀерлъун.

1994 соналъ бетӀерлъи гьабуна Хасавюрталда рагьараб Имам Гъазалил цӀар кьураб Исламияб институталъе. Бицун хӀал кӀолареб гӀадаб квер бакъана ГӀабдурахӀимица Дагъистаналда Ислам цебетӀеялъе. Инкъилаб ккезегӀан цебе ЧӀохъа МухӀамадмирза Мавраевасул басмаханаялда рахъарал гурел, тӀокӀаб хаду тӀахьал риччазе рес кибе букӀараб. БукӀарабги гӀелмуги, Къуръаналги тӀагӀун лъугӀун гурищ рукӀарал Дагъистаналда. Коммунистазул замналдаги, Тафлисалда, Бакуялда унги балъго рахъизарун, Къуръаналги гӀажамги, гӀарабги тӀахьалги рачӀунаан гьес бусурзабазе. Гьеб сабаблъун хӀукуматалъул идарабазул данде ккунгутӀиги букӀунаан гьесул.

ГӀабдурахӀимица тарбия кьун гӀезабуна анцӀго лъимер. Чанго нухаллъ хӀежги борхана гьес.

Хвана 2018 соналъул 5 ноябралъ ЦӀияб Сасикь[4].

РегӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]

ХӀужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. http://www.tsumada.ru/150157034048 Archived 2011-11-19 at the Wayback Machine МухӀамадил ГӀабдурахIим МухIамадов
  2. "Медресе "Аль муъминат" - мусульманская школа типа общежития, для девочек, окончивших 9 класс. Работает с 2007 года". Архивация оригинал (2014-07-14). Халагьи 2014-07-07. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  3. Интервью «Хирияб Къуръаналъул тафсиралъул таржама» ХӀажиева Зульфия
  4. Идрис Юсупов (2018-11-05). "Скончался известный дагестанский богослов Абдурахим Магомедов (Саситлинский)". ndelo.ru. Новое дело. Халагьи 2018-11-05.