Перейти к содержанию

Лайлатул Къадри

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Лайлатул Къадри
Тайпа {{{тайпа}}}
Расмияб киналго бусурбабазул пачалихъазда
Цоги куцалда Къадаралъул сордо
Лъуна МухӀаммад аварагас
КІодо гьабула Бусурбабаца
Къо-моцІ 27-еб Рамазан
Байрам тІобитІула мажгитазда ва рокъоб
Гьарулел пишаби гІибадат цІикІкІинаби
Хурхараб буго Рамазаналда
                              

Лайлатул Къадри яги Къадаралъул сордо (гӀараб: لَيْلَةُ الْقَدْر) — рамазан моцӀалъул 27-еб сордо, 610 соналъ ТӀадегӀанав Аллагьас МухӀаммад аварагасде Къуръаналъул тӀоцебесеб сура рещтӀараб сордо.

Гьеб сордоялъ МухӀаммад аварагасухъе вахӀюлъун вачӀун Жабраил малаикас Къуръаналъул сураялде ишараги гьабун абуна: «ЦӀале!»-ян.

Гьеб сордоялъ Аллагьасу гӀорхъи гьечӀел рахӀматал щвеялда ва мунагьал чуриялда хьулгун гӀибадат цӀикӀкӀинабизе бихьизабун буго Исламалда.

Гьеб рехсон буго Къуръаналда:

« ХӀакълъунго, Нижеца (ай, Аллагьас) рещтӀинабуна Къуръан лайлатул къадриялъ. Дуда щибха лъалеб, щиб гьеб „лайлатул къадри“?! Лайлатул Къадри лъикӀаб буго азарго моцӀалдаса: Гьеб сордоялъ рещтӀуна Малаикзаби ва РухӀ (Жибрил) гьезул БетӀергьанасул изнуялдалъун щибаб амругун. Гьеб (ай, сордо) — буго саламлъун рогьел баккизегӀан!
Ал-Къадр 97:1—5
»
Оригиналияб текст (гІараб.)

إِنَّا أَنْزَلْنَاهُ فِي لَيْلَةِ الْقَدْرِ وَمَا أَدْرَاكَ مَا لَيْلَةُ الْقَدْرِ لَيْلَةُ الْقَدْرِ خَيْرٌ مِنْ أَلْفِ شَهْرٍ تَنَزَّلُ الْمَلَائِكَةُ وَالرُّوحُ فِيهَا بِإِذْنِ رَبِّهِمْ مِنْ كُلِّ أَمْرٍ

سَلَامٌ هِيَ حَتَّى مَطْلَعِ الْفَجْرِ