Перейти к содержанию

ГӀуриб

Координатал: 42°27′26″N 46°40′25″E / 42.45722°N 46.67361°E Координатал: Parameter: "scale=" should be "scale:"
Координатал: Parameter: "region=" should be "region:"
Координатал: Parameter: "type=" should be "type:"
Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
(«ГIуриб» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Росу
ГӀуриб
42°27′26″N 46°40′25″E / 42.45722°N 46.67361°E / 42.45722; 46.67361 Координатал: Parameter: "scale=" should be "scale:"
Координатал: Parameter: "region=" should be "region:"
Координатал: Parameter: "type=" should be "type:"
Пачалихъ  Россия
Федерациялъул субъект Дагъистан
Муниципалияб мухъ Шамилил мухъ
Росдал поселение ГӀуриб росу
Тарих ва ракьхъвай
Централъул борхалъи 1800 м
СагӀтазул зона UTC+3:00
Халкъ
Къадар 781 чи (2021)
Миллат(ал) Аварал
Конфессия(л) Ислам
Расмияб мацӀ авар, гӀурус
Цифрабазул идентификаторал
Почалъул индекс 368410
ОКАТО код 82246000012
ОКТМО код 82646490101
ГКГН номер 0145078
ГӀуриб (Россия)
ТӀанкӀ
ГӀуриб
Москва
ГӀуриб (Дагъистан)
МахӀачхъала
ХӀебда
ТӀанкӀ
ГӀуриб
ГӀуриб (Шамилил мухъ)
ХӀебда
ТӀанкӀ
ГӀуриб

ГӀури́б — Дагъистаналъул Шамилил мухъалъул росу, гьебго цӀар бугеб административияб гӀуцӀиялде гъорлӀе унеб.[1]

Росу буго ГӀуриб тӀалъиялда, Щулалъи ва Цеберохь мугӀрузда гьоркьоб, МахӀачхъалаялдаса 215 км-ялъ рикӀкӀад,ралъдал гьумералдаса гӀ-ш 1800 метраялъул борхалъуда. Росдал ракьазул гӀорхъи буго Текьадирелги, Гьакьадерилги, КъехӀдерилги ва Датназулги росабигун.

РосулӀ руго 30 гӀанасеб тухум. Гьезда гьоркьор кӀудияздаса ккола: ДибирасулгӀалилал, ГӀашатилал, Гьанхъадерилал, МутӀагьирасулал, Алдухилал, ЧӀанкӀалал, Тидурилал, Донолал.

Тарихалъул хъвай-хъвагӀаялда рекъон ГӀуриб росу гӀуцӀцӀизе байбихьана ХVI гӀасруялдаса нахъе. Росу гӀуцӀцӀизеган росдалаз гӀумру гьабун букӀун буго росу сверун ругел ракьазда: Чакуда, ТӀалакуриб, ГъугъдузулӀ, МикилӀ, ЛъаргӀариб, ЦӀантӀа, ХъадаратӀа, Кьвахда, КьебтӀариб, ГантӀута ва ц. кулабазда.

ГӀурисез жигараб гӀахьаллъи гьабуна Дагъистаналда ва Россиялда рукӀарал тарихиял лӀугьа-бахъиназулӀ: Надир Шагь щущад-виххизавиялъулӀ 1742 с., Кавказалъул рагъулӀ 1828–1859 с., гӀурусгин турк рагъдада 1877–1878 с., гӀурусгин япон рагъда 1904–1905 с., ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъда 1914–1918 с., ватӀанчилъияб рагъда 1918–1920 с.

1938 соналъ гӀурисез гӀуцӀцӀана колхоз, гьеб 1991 саналде щвезегӀан районалъул мисалиял колхозазда гьоркьоб букӀана.

КӀудияб ватӀанияб рагъул саназ советияб армиялде ахӀуна 74 гӀурисев, гьезда гьоркьоса 35 тӀадвуссинчӀо.

1944 соналъул фебруаралда ГӀуриб росу биххизабун, цогиял росабазул гӀадамазда цадахъ гӀуриселги гочинаруна тӀагӀинабураб Ножай юрт мухъалъул бакӀалда гӀуцӀараб ГӀандал мухъалъул Гилан росулӀе. Гьел рукӀана гӀурисезе бищунго захӀматал сонал. Чачаналда хвана гӀемерал гӀадамал, хассго гӀисинлъимал. 1957 соналъ нахъруссинадал, гӀурисез цӀидасан разе ккана минаби, гӀуцӀцӀизе ккана магӀишат.

Жакъа къоялдаги гӀурисез мустахӀикъаб гӀахьаллъиги асарги гьабула районалъулги Дагъистаналъулги жамгӀияб ва миллияб хӀалтулӀ.

ГӀуриб машгьураб буго гӀалимзабаздалъун, цӀаларал гӀадамаздалъун. Гьаниса вахъана Накъшубандияб ва Шазалияб тӀарикъатазул устар, муршид ХӀусенил МухӀаммад Афанди (къ.с.) Дагъистаналдаги киналго ГӀарабазул улкабаздаги машгьурал руго Гъази-МухӀаммад катибас, Мавраевасул басмаханаялда зарбу гьарурал тӀахьал. Гьиндустаналда букӀараб тӀолго-дунялалъул манускриптазул цебебахъиялда Гъази-МухӀаммадил квералъ хъвараб къураналъе щвана тӀоцебесеб щапакъат. Гьесул васасул вас ГӀалимухӀамад-хӀажи гӀемерал саназ хӀалтӀана Дагъистаналъул гӀалимзабазул мажлисалъул бетӀерлъун. Гьанжесел гӀолилал-гӀалимаз кӀудияб адаб ва хӀурматгун бицуна Дагъистаналда ва Щумалияб Кавказалда цӀар рагӀарал гӀалимзаби ГӀабдулхӀамид ва Давудил МухӀамадил.

1960-70-л саназ районалъул прокурорлъун хӀалтӀана ватӀанияб рагъул гӀахьалчи, гӀодов таравт полковник, вукӀарав юрист Халидилазул ХӀамзатил МухӀаммад,[2][3] 1978–1983 с. райкомалъул тӀоцевесев секретарлъун хӀалтӀулев вукӀана Сиражудинилазул Дибирил МухӀаммад.

1968 соналдаса нахъе росулӀ хӀалтулеб бугеб гьоркьохъеб школалда цӀалун вахъана: ГӀалилазул ТӀагьирил МухӀаммадгӀарип, милициялъул полковник, Шурагьиб ГОВД-ялъул бетӀерав;

Хассаб чӀухӀигун ГӀурисез рехсола ген. Директор ОАО Унисервис|«Унисервис» ГӀалиев ГӀумарасхаб МухӀаммадович, Дагъистаналда Ислам цебе тӀезабизе жиндица кумак гьабулев машгьурав меценат. В 2003-05 с. гьес гӀемерал районазда жиндирго гӀарцуде рана мажгитал, ГӀуриб росулӀ бана кӀи-тӀалаяб мажгит, мебельный, швейный ва обувной цехал, росу-цоязе хӀалти букӀине. 2011 соналъул Май моцалъ рагьана Шейх ХӀусенил МухӀаммад Афандил цӀаралда бугеб 3-тӀалаяб мажгит ва мадраса МахӀачхъалаялъул Сулакский посталда гӀагарлъухъ[4]. 2011 соналъул 18 Июлалда букӀараб росдал мажлис-мавлидалда ГӀутбатов МухӀаммад ХӀажи ХӀабибович вищана росдал имамлъун.

"МО «село Уриб»". {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help) (хвараб регӀел)