Перейти к содержанию

ГӀуриб

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Росу
ГӀуриб
42°27′26″ ш. гӀ. 46°40′25″ бб. х.HGЯO
Пачалихъ  Россия
Федерациялъул субъект Дагъистан
Муниципалияб мухъ Шамилил мухъ
Росдал поселение ГӀуриб росу
Тарих ва ракьхъвай
Централъул борхалъи 1800 м
СагӀтазул зона UTC+3:00
Халкъ
Къадар 781 чи (2021)
Миллат(ал) Аварал
Конфессия(л) Ислам
Расмияб мацӀ авар, гӀурус
Цифрабазул идентификаторал
Почалъул индекс 368410
ОКАТО код 82246000012
ОКТМО код 82646490101
ГКГН номер 0145078
ГӀуриб (Россия)
ТӀанкӀ
ГӀуриб
Москва
ГӀуриб (Дагъистан)
МахӀачхъала
ХӀебда
ТӀанкӀ
ГӀуриб
ГӀуриб (Шамилил мухъ)
ХӀебда
ТӀанкӀ
ГӀуриб

ГӀури́б — Дагъистаналъул Шамилил мухъалъул росу, гьебго цӀар бугеб административияб гӀуцӀиялде гъорлӀе унеб.[1]

Росу буго ГӀуриб тӀалъиялда, Щулалъи ва Цеберохь мугӀрузда гьоркьоб, МахӀачхъалаялдаса 215 км-ялъ рикӀкӀад,ралъдал гьумералдаса гӀ-ш 1800 метраялъул борхалъуда. Росдал ракьазул гӀорхъи буго Текьадирелги, Гьакьадерилги, КъехӀдерилги ва Датназулги росабигун.

Росулъ руго 30 гӀанасеб тухум. Гьезда гьоркьор кӀудияздаса ккола: ДибирасулгӀалилал, ГӀашатилал, Гьанхъадерилал, МутӀагьирасулал, Алдухилал, ЧIанкIалал, Тидурилал, Донолал.

Тарихалъул хъвай-хъвагIаялда рекъон ГIуриб росу гIуцIцIизе байбихьана ХVI гIасруялдаса нахъе. Росу гIуцIцIизеган росдалаз гIумру гьабун букIун буго росу сверун ругел ракьазда: Чакуда, ТIалакуриб, ГъугъдузулI, МикилI, ЛъаргIариб, ЦIантIа, ХъадаратIа, Кьвахда, КьебтIариб, ГантIута ва ц. кулабазда.

ГIурисез жигараб гӀахьаллъи гьабуна Дагъистаналда ва Россиялда рукIарал тарихиял лӀугьа-бахъиназулӀ: Надир Шагь щущад-виххизавиялъулъ 1742 с., Кавказалъул рагъулӀ 1828–1859 с., гӀурусгин турк рагъдада 1877–1878 с., гIурусгин япон рагъда 1904–1905 с., ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъда 1914–1918 с., ватӀанчилъияб рагъда 1918–1920 с.

1938 соналъ гӀурисез гIуцIцIана колхоз, гьеб 1991 саналде щвезегӀан районалъул мисалиял колхозазда гьоркьоб букIана.

КӀудияб ватӀанияб рагъул саназ советияб армиялде ахӀуна 74 гIурисев, гьезда гьоркьоса 35 тIадвуссинчIо.

1944 соналъул фебруаралда ГӀуриб росу биххизабун, цогиял росабазул гӀадамазда цадахъ гӀуриселги гочинаруна тӀагӀинабураб Ножай юрт мухъалъул бакӀалда гӀуцӀараб ГӀандал мухъалъул Гилан росулӀе. Гьел рукIана гӀурисезе бищунго захӀматал сонал. Чачаналда хвана гIемерал гIадамал, хассго гIисинлъимал. 1957 соналъ нахъруссинадал, гӀурисез цIидасан разе ккана минаби, гӀуцӀцӀизе ккана магӀишат.

Жакъа къоялдаги гIурисез мустахIикъаб гIахьаллъиги асарги гьабула районалъулги Дагъистаналъулги жамгIияб ва миллияб хIалтулӀ.

ГIуриб машгьураб буго гIалимзабаздалъун, цIаларал гIадамаздалъун. Гьаниса вахъана Накъшубандияб ва Шазалияб тIарикъатазул устар, муршид ХӀусенил МухӀаммад Афанди (къ.с.) Дагъистаналдаги киналго ГIарабазул улкабаздаги машгьурал руго Гъази-МухIаммад катибас, Мавраевасул басмаханаялда зарбу гьарурал тIахьал. Гьиндустаналда букIараб тIолго-дунялалъул манускриптазул цебебахъиялда Гъази-МухIаммадил квералъ хъвараб къураналъе щвана тIоцебесеб щапакъат. Гьесул васасул вас ГIалимухIамад-хIажи гӀемерал саназ хIалтIана Дагъистаналъул гIалимзабазул мажлисалъул бетIерлъун. Гьанжесел гIолилал-гIалимаз кIудияб адаб ва хIурматгун бицуна Дагъистаналда ва Щумалияб Кавказалда цIар рагIарал гIалимзаби ГIабдулхIамид ва Давудил МухIамадил.

1960-70-л саназ районалъул прокурорлъун хIалтIана ватӀанияб рагъул гӀахьалчи, гӀодов таравт полковник, вукӀарав юрист Халидилазул ХӀамзатил МухIаммад,[2][3] 1978–1983 с. райкомалъул тIоцевесев секретарлъун хIалтIулев вукӀана Сиражудинилазул Дибирил МухIаммад.

1968 соналдаса нахъе росулъ хӀалтулеб бугеб гьоркьохъеб школалда цIалун вахъана: ГIалилазул ТӀагьирил МухIаммадгIарип, милициялъул полковник, Шурагьиб ГОВД-ялъул бетӀерав;

Хассаб чIухIигун ГIурисез рехсола ген. Директор ОАО Унисервис|«Унисервис» ГIалиев ГIумарасхаб МухIаммадович, Дагъистаналда Ислам цебе тIезабизе жиндица кумак гьабулев машгьурав меценат. В 2003-05 с. гьес гIемерал районазда жиндирго гIарцуде рана мажгитал, ГIуриб росулъ бана кIи-тIалаяб мажгит, мебельный, швейный ва обувной цехал, росу-цоязе хIалти букIине. 2011 соналъул Май моцалъ рагьана Шейх ХӀусенил МухӀаммад Афандил цIаралда бугеб 3-тIалаяб мажгит ва мадраса МахIачхъалаялъул Сулакский посталда гIагарлъухъ[4]. 2011 соналъул 18 Июлалда букIараб росдал мажлис-мавлидалда ГIутбатов МухIаммад ХIажи ХIабибович вищана росдал имамлъун.

"МО «село Уриб»". {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help) (хвараб регӀел)