ГӀумар-хӀажи Зиявудин Дагъистани

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ГIумар-хIажи Зиявудин Дагъистани» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Накъшубандиявв шайих

Напсиял баянал
ГIумар
Сиясатчи
1849(1849)
Дагъистан област,Нахъбакӏ мухъ ,Миякьоб росу, Россиялъул империя
18 ноябр 1921(1921-11-18)
Истамбул, ГІусманиязул империя
Сулеймания мажгиталъул азбар, Истамбул
72 сон
ГІусманиязул империя
магІарулав
Ал-ХIажи ГIабдуллагь ад-Дагъистани ал-Авари
ПатIимат

ГIумар-хIажи Зиявудин Дагъистани (1849 Дагъистан - 1921 Истамбул) - гІалимчи, вагІзачи, хъвадарухъан ва накъшубандияв шайих.

Биография[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьави[хисизабизе | код хисизабизе]

ГIумар-хIажи гьавуна 1849 соналда Дагъистаналда Миякьоб росулъ. Гьесул эмен ГIаду (Ал-ХIажи-ГIабдуллагь-ад-Дагъистани-ал-Авари) вукIана кIудияв, Дагъистаналда, МагIарухъ машгьурав гIалимчи. Эбелалда цIар букIана ПатIимат. Гьезул хъизамалда букIана микьго лъимер, ГIумар вукIана гьезда гьоркьоса анкьабилевлъун.

ГІелмуялде нух[хисизабизе | код хисизабизе]

ГIараб гIелмуялъул хIакъалъулъ тIоцересел баянал ГIумарие щвана Дагъистаналда, жиндирго инсудаса. Гьелдаса хадуб гьев цIалана росдал мадрасаялда акъадия абураб гIелмияб даражаялде щвезегIан, хадуб Аваристаналъул батIи-батIиял росабалъ гIалимзабазда цеве. Масала, ГIумар-хIажие дарасал кьурал мугIалимзабазда гьоркьов вукIана ЧIикIаса ХIанзахIажияв абурав машгьурав гIалимчиги.


Машгьурлъи[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьев ккола жинца бечедаб гIелмиябгун адабияб ирс нахъе тарав гIажаибав инсанлъун. ГIумар-хIажи машгьурав вуго Турциялда, Мисриялда ва цогидалги бусурман улка-ракьазда. Гьев гIалимчиясул гIумруялъги гIелмияб хIаракаталъги цIакъ ритIухъ гьарула академик Ю.И. Крачковскиясул гьал рагIаби:

«Жал къисматалъ ватIан тун къватIире рехарал дагъистаниял рукIунаан тIолабго бусурман дунялалъул вакилзабазе киналго мукурал авторитеталлъун».

Амма жиндирго инсул ватIаналда, Дагъистаналда ГIумар-хIажил цIарги гIелмуги нахъа заманалдаги цIакъ дагьал гIадамазда гурони лъалароан. Октябралъул инкъилаб ккелелде цебе ГIумар-хIажил диниял хIалтIабиги шигIриял асаралги рахъулаан Турциялдаго гIадин Дагъистаналдаги, ва гьел гIатIидго тIиритIун рукIана халкъалда гьоркьор. Гьесул «КIудияб мавлид», «МугIжизат анбия», «МигIраж ан-наби», «Къасидадт ал-ажир», «Къисас анбия» гIадал диниял асарал лъаларев чи магIарулазда гьоркьов къанагIатги вукIинчIо ва гьанжеги гьечIо.

Совет хIукуматалъул заманалда ГIумар-хIажил гIумруги бечедаб ирсги букIана «тIад ракь хъван тун» ва кинабго гьабуна гьев жиндирго халкъалда кIочон тезавизе. Квералъ хъварал мавлидазул тексталги гIумруялъул хIакъалъулъ цо чанго мукъсанаб хIужжаги гурони гьесул хIакъалъулъ тIокIаб щибниги лъалеб жо букIинчIо магIарулазда.

Амма XX гІасруялъул ахиралда ккарал хиса-басияз рес кьуна ГIумар-хIажил асарал басмаялда рахъизе гуребги, гьесул адабияб ирсалъул гIелмияб цIех-рех гьабизе байбихьизеги, гьесул цIар кIодо гьабизеги.

Гьедин араб гIасруялъул 90-абилел соназда Сиражудин ХIайбуллаевас дагьабго пардав борхана ГIумар-хIажил ирсалда тIад. «Дир рекIел гьудулзаби» (1995) абураб монографиялда гьелъул авторас тIоцебе кьуна ГIумархIажил гIумруялъеги адабияб хIаракаталъеги гIелмияб къимат. Хадубго гьесго хIадур гьабуна ва басмаялда бахъана гIалимчиясул хIакъалъулъ хъвараб цеберагIигун ГIумархIажил мавлидазул тIехьги (1996). Гьелдаса хадуб магIарул ва гIурус мацIазда басмаялда рахъарал газетаздаги, журналаздаги, батIи-батIиял мажмугIаздаги, тIахьаздаги, гIелмиял хIалтIабаздаги бакI ккуна ГIумархIажил гIемержанралъулаб ирсалъе сайигъат гьарурал материалаз. Гьедин, гIалимчиясул гIумруялъеги адабияб хIаракаталъеги гIелмияб къимат кьун буго А. МуртазагIалиевасул «Турциялъул дагъистан диаспораялъул адабият» (2006), С. ХIайбуллаевасул «XVII-XIX гIасрабазул магIарул адабияталъул тарих» (2007) абурал гIелмиял хIалтIабазда.

КъватIисел пачалихьазда ГIумар-хIажил адабияб ирсалъул киданиги гьабичIо гIелмияб анализги кьечIо гьелъие критикияб къиматги, хасго Турциялда, гьев магIаруласул кIиабилеб ватIанлъун букIараб улкаялда. Гьенир, бусурман дунялалъулго машгьурав хIаракатчи хIисабалда, ГIумар-хIажил хIакъалъулъ баянал дандчIвала гIицIго исламиял энциклопедияздаги, баянтIахьаздаги, динияб жанралъул адабияталдаги. Масала, ГIумар-хIажил динияб хIаракаталъул батIи-батIиял рахъал загьир гьарун хIалтIаби хъварал турказул авторазда гьоркьор рехсезе бегьула Вассап ХIусейн, Жемил Солакогълу, Ирпан Гундуз, Сулейман Зеки Багълан, Жунейт Бинатли ва ц. ГIалимчиясул гIумруялъулги адабияб гьунаралъулги хIакьалъулъ цо-цо интересал баянал дандчIвала диаспораялъул хъвадарухьабазул асаразулъги.


Турциялде гочин ва гьесие щварал батIи-батIиял хъулухъал[хисизабизе | код хисизабизе]

XIX гІасруялъул 60-абилел соназул ахиралда ГIумар-хIажи гочана Турциялде ва гьенив, Шамил имамасул вас ГъазимухIамадил нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналъул мугьажирзабазул полкалъул кьеразда гъорлъ гIахьаллъи гьабула ГІурус-турк рагъулъ (1877–1878).

Рагъдаса хадув гьев вачIана Истамбулалде ва гьенив лъугьуна накъшбанди тIарикъаталъул халиди абураб жамагIаталъул кIудияв шайих Гюмюшханаялдаса АхIмад Зиявудин-апандил муридлъун. Гьев муршидас кьураб буго магIаруласе Зиявудин абураб цIарги.

Истамбулалда ПатІма СултІан мажгиталда аскIоб букIараб мадрасаялда ГIумар-хIажица цIалана тапсирги, хIадисги, усул-пуругІги ва мантІикъ гIелмуги. Гьелъул хIасилалда гьев вахана тасавуп (супизм) гIелмуялъул тIадегIанаб даражаялде. Гьеб даражаялде вахарав гьесие шайих АхIмад Зиявудиница ижазаги кьуна.

1879-1880 соназда ГIумархIажи Зиявудиница Эдирне шагьаралда 14 полкалъул муптиясул хъулухъ гьабула. 1880 соналда, гIусманиязул падишагьасул амруялда рекъон, гьев аскаралъул хъулухъалдаса нахъе вачуна ва Истамбулалъул мударрислъун тIамула.

1896 соналда ГIумар-хIажи витIула Малкъара шагьаралде къадилъун. Гьеб хъулухъалда вукIаго, 1904 соналда гьесул гIелму камиллъула къудус мавлавияти абураб даражаялде щвезегIан. Малкъараялда къадиясул хъулухъалда вугеб мехалъ, гьелъухъ кколеб харж босулеб букIун гьечIо ГIумар-хIажица. «ШаргIалда рекъон гIадлу гьабулев чияс пачалихъалъухъа гIарац босуларо», – янги абун, жиндие кколеб ужра гьес кьолеб букIун буго мутагIилзабазе. Гьебго шагьаралда гьес ячана ахирисей чIужуги, Назипат абурай гIадан, ва гьезие микьго лъимерги гьабуна. Гьелдаса цее ячун йикIарай лъабго чIужуялдаса гьесул лъимал рукIинчIо.

1906 соналда ГIумар-хIажи тIамуна Текирдагъ абураб шагьаралъул къадилъун ва гьениб гьес бана кIиго сон. Гьелдаса хадув гьев вачIана Истамбулалде.

Мисриялде гочин[хисизабизе | код хисизабизе]

ГIусманиязул цIияб конституция лъазабураб мехалъ (1908), ГIумар-хIажица хъвана «ХIадис-и АрбагІин пи ХIукъукъис-СалатІин» абураб падишагьасул хIукъукъ (право) цIунараб тIехь. Гьеб сабаблъун, цIияб гIолохъантурказул хIукуматалъ, тамихI хIисабалда, гьев витIана Мадинаялде. Гьениб гьес бана анкьго моцI.

Мадинаялда ГІумар-хIажил лъай-хъвай ккола гьеб мехалъ гьениве вачIарав Мисриялъул (Египеталъул) бетIер Хидив ГIабас ХІилми-пашалгун. ХІилми-пашаца гIалимчи ахIула Мисриялде. ГIумар-хIажица гьеб ахIи къабул гьабула ва «Мунтазагь» абураб кIалгIаялда хъизангун цадахъ рештIуна. Гьениб гьес гьабула имамлъиги мударислъиги. Мисриялда гIага-шагарго ГIумар-хIажица бана анцIго сон.

1914 соналда ГIумар-хIажи жиндирго хъизангун цадахъ тIадвуссана Истамбулалде. Гьеб мехалъ хола накъшубанди тIарикъаталъул шайих, халидия жамагIаталъул цевехъан ИсмагIил Нажати-апанди. Гьесул бакIалда Гумушханаялдасесул муридзабазда гьоркьоса тола бищунго лъикI тасавуп гIелму лъалев, гьунар тIокIав ГIумар-хIажи Зиявудин. Истамбулалда ГIумар-хIажица байбихьула муридзабазе шаригIаталъулги тасавупалъулги дарсал кьезе. Гьеб ишалда вукIаго, гьев тIамула «Мадраса-т-ул мутахIасис» абураб мадраясалъул мударрислъунги. Гьениб гьес байбихьула кьезе хIадис ва мазгьаб гIелмабазул дарсал.

ГIумар-хIажи вукIана кIудияв гIалимчи. Гьесда лъалаан магІарул, гІараб, лъарагІ, парс, турк, гІурус мацІалги. ГIолохъанаб заманалдаго, Дагъистаналда цIалулеб мехалъ, гьес анлъго моцIида жаниб рекIехъе лъазабуна хирияб [[Къуръан. Гьелдаго цадахъ ГIумар-хIажица, цогияздаса тIокIаб даражаялда, рекIехъе лъазабуна хIадис гIелмуги. Хасияталъулги тIабигIаталъулги рахъалъ ГIумар-хIажи вукIана тархъанаб, лъиданиги бачIеб пикруялъул, бахIарчияб гIамал-хасияталъул инсан. Жиндирго пикру, ахIвал-хIал загьир гьабизе, хIакъаб жо бицине гьев хIинкъулароан, хIатта живго падишагьасдасагицин.

ГІусманиязул империя биххун унел соназда, турказул ахирав султIан МехIмед VI (ВахIидуддин) вачIуна ГIумар-хIажихъе мадрасалде ва гьесда гьарула империялъул шайхул-исламасул хъулухъ тIаде босеян. Гьелъие шайихас кьола гьадинаб жаваб:

«Тушманасул малакь бугеб ракьалда патва бахъиялъул магIна букIунаро!»

– ян.

Бицен буго, ГIумар-хIажил гьеб жаваб машгьурлъанила ислам диналъул тарихалда жанибилан.

Хвел[хисизабизе | код хисизабизе]

ГIумар-хIажи Зиявудин хвана 1921 соналъул 18 ноябралда рузман сордоялъ. Гьев вукъана Истамбулалда Сулеймания мажгиталъул азбаралда, султIан Сулейманил агьлуялъул хабалазда.

Асарал[хисизабизе | код хисизабизе]

ТIадехун абухъего, ГIумар-хIажица нахъе тана гIараб ва турк мацІазда хъвараб бечедаб гIелмуги рахьдал мацIалда хъварал пасихIал, магIна гъваридал, ислам диналде халкъалъул ракI буссинабулел мавлидалги туркабиги. Гьеб къиматаб ирсалъул сурат цебечIезабизе кумек гьабула гIалимчиясул гIелмиялгун адабиял хIалтIабазул гьаб сияхIалъ:

1. Мавлид (магIарул мацI).
2. МигIраджи анбия (мавлид, магIарул мацI).
3. МугIжизат анбия (мавлид, магIарул мацI).
4. Къасида ал-Ажир (мавлид, магIарул мацI).
5. Къисас-анбия («Аварагзабазул къисаби», магIарул мацI).
6. Патава-йи ГIумария пит-Тараикъил-гIалия (патвабазул тIехь, гIараб, турк мацIал).
7. Сунанул Акъвалин-Набавия минал-АхIадисил-Бухари.

[хисизабизе | код хисизабизе]

СагIид ГьаракIунив – кIудияв гIалим,
Исламдибир гIалим – гIарадерил бакъ,
ГIумар-хIажи камил – миякьдерил моцI,
Сиражудин хIажи – инхвадерил цIва…