ГӀумар-хӀажи Зиявудин Дагъистани
| | |
| Накъшубандиявв шайих | |
|---|---|
| Напсиял баянал | |
| ГIумар | |
| сиясатчи, шагӀир, хъвадарухъан | |
| 1849 | |
| Дагъистан област,Нахъбакӏ мухъ ,Миякьоб росу, Россиялъул империя | |
| 18 ноябр 1921 | |
| Истамбул, ГІусманиязул империя | |
| Сулеймания мажгиталъул азбар, Истамбул | |
| 72 сон | |
| ГІусманиязул империя | |
| магІарулав | |
| Ислам[1] | |
| Ал-ХIажи ГIабдуллагь ад-Дагъистани ал-Авари | |
| ПатIимат |
ГӀумар-хӀажи Зиявудин Дагъистани (1849 Дагъистан - 1921 Истамбул) - гӀалимчи, вагӀзачи, хъвадарухъан ва накъшубандияв шайих.
Биография
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьави
[хисизабизе | код хисизабизе]ГӀумар-хӀажи гьавуна 1849 соналда Дагъистаналда Миякьоб росулӀ. Гьесул эмен ГӀаду (Ал-ХӀажи-ГӀабдуллагь-ад-Дагъистани-ал-Авари) вукӀана кӀудияв, Дагъистаналда, МагӀарухъ машгьурав гӀалимчи. Эбелалда цӀар букӀана ПатӀимат. Гьезул хъизамалда букӀана микьго лъимер, ГӀумар вукӀана гьезда гьоркьоса анкьабилевлъун.
ГӀелмуялде нух
[хисизабизе | код хисизабизе]ГӀараб гӀелмуялъул хӀакъалъулӀ тӀоцересел баянал ГӀумарие щвана Дагъистаналда, жиндирго инсудаса. Гьелдаса хадуб гьев цӀалана росдал мадрасаялда акъадия абураб гӀелмияб даражаялде щвезегӀан, хадуб Аваристаналъул батӀи-батӀиял росабалъ гӀалимзабазда цеве. Масала, ГӀумар-хӀажие дарасал кьурал мугӀалимзабазда гьоркьов вукӀана ЧӀикӀаса ХӀанзахӀажияв абурав машгьурав гӀалимчиги.
Машгьурлъи
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьев ккола жинца бечедаб гӀелмиябгун адабияб ирс нахъе тарав гӀажаибав инсанлъун. ГӀумар-хӀажи машгьурав вуго Турциялда, Мисриялда ва цогидалги бусурман улка-ракьазда. Гьев гӀалимчиясул гӀумруялъги гӀелмияб хӀаракаталъги цӀакъ ритӀухъ гьарула академик Ю.И. Крачковскиясул гьал рагӀаби:
«Жал къисматалъ ватӀан тун къватӀире рехарал дагъистаниял рукӀунаан тӀолабго бусурман дунялалъул вакилзабазе киналго мукурал авторитеталлъун».
Амма жиндирго инсул ватӀаналда, Дагъистаналда ГӀумар-хӀажил цӀарги гӀелмуги нахъа заманалдаги цӀакъ дагьал гӀадамазда гурони лъалароан. Октябралъул инкъилаб ккелелде цебе ГӀумар-хӀажил диниял хӀалтӀабиги шигӀриял асаралги рахъулаан Турциялдаго гӀадин Дагъистаналдаги, ва гьел гӀатӀидго тӀиритӀун рукӀана халкъалда гьоркьор. Гьесул «КӀудияб мавлид», «МугӀжизат анбия», «МигӀраж ан-наби», «Къасидадт ал-ажир», «Къисас анбия» гӀадал диниял асарал лъаларев чи магӀарулазда гьоркьов къанагӀатги вукӀинчӀо ва гьанжеги гьечӀо.
Совет хӀукуматалъул заманалда ГӀумар-хӀажил гӀумруги бечедаб ирсги букӀана «тӀад ракь хъван тун» ва кинабго гьабуна гьев жиндирго халкъалда кӀочон тезавизе. Квералъ хъварал мавлидазул тексталги гӀумруялъул хӀакъалъулӀ цо чанго мукъсанаб хӀужжаги гурони гьесул хӀакъалъулӀ тӀокӀаб щибниги лъалеб жо букӀинчӀо магӀарулазда.
Амма XX гӀасруялъул ахиралда ккарал хиса-басияз рес кьуна ГӀумар-хӀажил асарал басмаялда рахъизе гуребги, гьесул адабияб ирсалъул гӀелмияб цӀех-рех гьабизе байбихьизеги, гьесул цӀар кӀодо гьабизеги.
Гьедин араб гӀасруялъул 90-абилел соназда Сиражудин ХӀайбуллаевас дагьабго пардав борхана ГӀумар-хӀажил ирсалда тӀад. «Дир рекӀел гьудулзаби» (1995) абураб монографиялда гьелъул авторас тӀоцебе кьуна ГӀумархӀажил гӀумруялъеги адабияб хӀаракаталъеги гӀелмияб къимат. Хадубго гьесго хӀадур гьабуна ва басмаялда бахъана гӀалимчиясул хӀакъалъулӀ хъвараб цеберагӀигун ГӀумархӀажил мавлидазул тӀехьги (1996). Гьелдаса хадуб магӀарул ва гӀурус мацӀазда басмаялда рахъарал газетаздаги, журналаздаги, батӀи-батӀиял мажмугӀаздаги, тӀахьаздаги, гӀелмиял хӀалтӀабаздаги бакӀ ккуна ГӀумархӀажил гӀемержанралъулаб ирсалъе сайигъат гьарурал материалаз. Гьедин, гӀалимчиясул гӀумруялъеги адабияб хӀаракаталъеги гӀелмияб къимат кьун буго А. МуртазагӀалиевасул «Турциялъул дагъистан диаспораялъул адабият» (2006), С. ХӀайбуллаевасул «XVII-XIX гӀасрабазул магӀарул адабияталъул тарих» (2007) абурал гӀелмиял хӀалтӀабазда.
КъватӀисел пачалихьазда ГӀумар-хӀажил адабияб ирсалъул киданиги гьабичӀо гӀелмияб анализги кьечӀо гьелъие критикияб къиматги, хасго Турциялда, гьев магӀаруласул кӀиабилеб ватӀанлъун букӀараб улкаялда. Гьенир, бусурман дунялалъулго машгьурав хӀаракатчи хӀисабалда, ГӀумар-хӀажил хӀакъалъулӀ баянал дандчӀвала гӀицӀго исламиял энциклопедияздаги, баянтӀахьаздаги, динияб жанралъул адабияталдаги. Масала, ГӀумар-хӀажил динияб хӀаракаталъул батӀи-батӀиял рахъал загьир гьарун хӀалтӀаби хъварал турказул авторазда гьоркьор рехсезе бегьула Вассап ХӀусейн, Жемил Солакогълу, Ирпан Гундуз, Сулейман Зеки Багълан, Жунейт Бинатли ва ц. ГӀалимчиясул гӀумруялъулги адабияб гьунаралъулги хӀакьалъулӀ цо-цо интересал баянал дандчӀвала диаспораялъул хъвадарухьабазул асаразулъги.
Турциялде гочин ва гьесие щварал батӀи-батӀиял хъулухъал
[хисизабизе | код хисизабизе]XIX гӀасруялъул 60-абилел соназул ахиралда ГӀумар-хӀажи гочана Турциялде ва гьенив, Шамил имамасул вас ГъазимухӀамадил нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналъул мугьажирзабазул полкалъул кьеразда гъорлӀ гӀахьаллъи гьабула ГӀурус-турк рагъулӀ (1877–1878).
Рагъдаса хадув гьев вачӀана Истамбулалде ва гьенив лӀугьуна накъшбанди тӀарикъаталъул халиди абураб жамагӀаталъул кӀудияв шайих Гюмюшханаялдаса АхӀмад Зиявудин-апандил муридлъун. Гьев муршидас кьураб буго магӀаруласе Зиявудин абураб цӀарги.
Истамбулалда ПатӀма СултӀан мажгиталда аскӀоб букӀараб мадрасаялда ГӀумар-хӀажица цӀалана тапсирги, хӀадисги, усул-пуругӀги ва мантӀикъ гӀелмуги. Гьелъул хӀасилалда гьев вахана тасавуп (супизм) гӀелмуялъул тӀадегӀанаб даражаялде. Гьеб даражаялде вахарав гьесие шайих АхӀмад Зиявудиница ижазаги кьуна.
1879-1880 соназда ГӀумархӀажи Зиявудиница Эдирне шагьаралда 14 полкалъул муптиясул хъулухъ гьабула. 1880 соналда, гӀусманиязул падишагьасул амруялда рекъон, гьев аскаралъул хъулухъалдаса нахъе вачуна ва Истамбулалъул мударрислъун тӀамула.
1896 соналда ГӀумар-хӀажи витӀула Малкъара шагьаралде къадилъун. Гьеб хъулухъалда вукӀаго, 1904 соналда гьесул гӀелму камиллъула къудус мавлавияти абураб даражаялде щвезегӀан. Малкъараялда къадиясул хъулухъалда вугеб мехалъ, гьелъухъ кколеб харж босулеб букӀун гьечӀо ГӀумар-хӀажица. «ШаргӀалда рекъон гӀадлу гьабулев чияс пачалихъалъухъа гӀарац босуларо», – янги абун, жиндие кколеб ужра гьес кьолеб букӀун буго мутагӀилзабазе. Гьебго шагьаралда гьес ячана ахирисей чӀужуги, Назипат абурай гӀадан, ва гьезие микьго лъимерги гьабуна. Гьелдаса цее ячун йикӀарай лъабго чӀужуялдаса гьесул лъимал рукӀинчӀо.
1906 соналда ГӀумар-хӀажи тӀамуна Текирдагъ абураб шагьаралъул къадилъун ва гьениб гьес бана кӀиго сон. Гьелдаса хадув гьев вачӀана Истамбулалде.
Мисриялде гочин
[хисизабизе | код хисизабизе]ГӀусманиязул цӀияб конституция лъазабураб мехалъ (1908), ГӀумар-хӀажица хъвана «ХӀадис-и АрбагӀин пи ХӀукъукъис-СалатӀин» абураб падишагьасул хӀукъукъ (право) цӀунараб тӀехь. Гьеб сабаблъун, цӀияб гӀолохъантурказул хӀукуматалъ, тамихӀ хӀисабалда, гьев витӀана Мадинаялде. Гьениб гьес бана анкьго моцӀ.
Мадинаялда ГӀумар-хӀажил лъай-хъвай ккола гьеб мехалъ гьениве вачӀарав Мисриялъул (Египеталъул) бетӀер Хидив ГӀабас ХӀилми-пашалгун. ХӀилми-пашаца гӀалимчи ахӀула Мисриялде. ГӀумар-хӀажица гьеб ахӀи къабул гьабула ва «Мунтазагь» абураб кӀалгӀаялда хъизангун цадахъ рештӀуна. Гьениб гьес гьабула имамлъиги мударислъиги. Мисриялда гӀага-шагарго ГӀумар-хӀажица бана анцӀго сон.
1914 соналда ГӀумар-хӀажи жиндирго хъизангун цадахъ тӀадвуссана Истамбулалде. Гьеб мехалъ хола накъшубанди тӀарикъаталъул шайих, халидия жамагӀаталъул цевехъан ИсмагӀил Нажати-апанди. Гьесул бакӀалда Гумушханаялдасесул муридзабазда гьоркьоса тола бищунго лъикӀ тасавуп гӀелму лъалев, гьунар тӀокӀав ГӀумар-хӀажи Зиявудин. Истамбулалда ГӀумар-хӀажица байбихьула муридзабазе шаригӀаталъулги тасавупалъулги дарсал кьезе. Гьеб ишалда вукӀаго, гьев тӀамула «Мадраса-т-ул мутахӀасис» абураб мадраясалъул мударрислъунги. Гьениб гьес байбихьула кьезе хӀадис ва мазгьаб гӀелмабазул дарсал.
ГӀумар-хӀажи вукӀана кӀудияв гӀалимчи. Гьесда лъалаан магӀарул, гӀараб, лъарагӀ, парс, турк, гӀурус мацӀалги. ГӀолохъанаб заманалдаго, Дагъистаналда цӀалулеб мехалъ, гьес анлъго моцӀида жаниб рекӀехъе лъазабуна хирияб [[Къуръан. Гьелдаго цадахъ ГӀумар-хӀажица, цогияздаса тӀокӀаб даражаялда, рекӀехъе лъазабуна хӀадис гӀелмуги. Хасияталъулги тӀабигӀаталъулги рахъалъ ГӀумар-хӀажи вукӀана тархъанаб, лъиданиги бачӀеб пикруялъул, бахӀарчияб гӀамал-хасияталъул инсан. Жиндирго пикру, ахӀвал-хӀал загьир гьабизе, хӀакъаб жо бицине гьев хӀинкъулароан, хӀатта живго падишагьасдасагицин.
ГӀусманиязул империя биххун унел соназда, турказул ахирав султӀан МехӀмед VI (ВахӀидуддин) вачӀуна ГӀумар-хӀажихъе мадрасалде ва гьесда гьарула империялъул шайхул-исламасул хъулухъ тӀаде босеян. Гьелъие шайихас кьола гьадинаб жаваб:
«Тушманасул малакь бугеб ракьалда патва бахъиялъул магӀна букӀунаро!»
– ян.
Бицен буго, ГӀумар-хӀажил гьеб жаваб машгьурлъанила ислам диналъул тарихалда жанибилан.
Хвел
[хисизабизе | код хисизабизе]ГӀумар-хӀажи Зиявудин хвана 1921 соналъул 18 ноябралда рузман сордоялъ. Гьев вукъана Истамбулалда Сулеймания мажгиталъул азбаралда, султӀан Сулейманил агьлуялъул хабалазда.
Асарал
[хисизабизе | код хисизабизе]ТӀадехун абухъего, ГӀумар-хӀажица нахъе тана гӀараб ва турк мацӀазда хъвараб бечедаб гӀелмуги рахьдал мацӀалда хъварал пасихӀал, магӀна гъваридал, ислам диналде халкъалъул ракӀ буссинабулел мавлидалги туркабиги. Гьеб къиматаб ирсалъул сурат цебечӀезабизе кумек гьабула гӀалимчиясул гӀелмиялгун адабиял хӀалтӀабазул гьаб сияхӀалъ:
- 1. Мавлид (магӀарул мацӀ).
- 2. МигӀраджи анбия (мавлид, магӀарул мацӀ).
- 3. МугӀжизат анбия (мавлид, магӀарул мацӀ).
- 4. Къасида ал-Ажир (мавлид, магӀарул мацӀ).
- 5. Къисас-анбия («Аварагзабазул къисаби», магӀарул мацӀ).
- 6. Патава-йи ГӀумария пит-Тараикъил-гӀалия (патвабазул тӀехь, гӀараб, турк мацӀал).
- 7. Сунанул Акъвалин-Набавия минал-АхӀадисил-Бухари.
- СагӀид ГьаракӀунив – кӀудияв гӀалим,
- Исламдибир гӀалим – гӀарадерил бакъ,
- ГӀумар-хӀажи камил – миякьдерил моцӀ,
- Сиражудин хӀажи – инхвадерил цӀва…
- Страницы, использующие повторяющиеся аргументы в вызовах шаблонов
- Страницы с ошибками скриптов
- Алфавиталда рекъон гІадамазул сияхІ
- Википедия:Статьи с вики-разметкой в изображении карточки
- Гьарурал в 1849 соналъ
- Хварал 18 ноябр
- Хварал в 1921 соналъ
- Википедия:Макъалаби Викибаяназдаса иццалгун
- Макъалаби цІар гьечІел халипал-карточкабигун
- Алфавиталда рекъон бусурбабазул сияхІ
- Исламалъул гӀалимзаби
- МагӀарулазул шагӀирзаби
- Шайихзаби
- МагӀарулал