Перейти к содержанию

ГӀидалъул как

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
(«ГІидалъул как» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
                              

ГӀидалъул как (гӀараб: صلاة العيد‎ — байрамалъул как) — ккола бусурбабаз Къурбан ва Къал биччан гӀидаз балеб как, жибги машгьураб ал-гӀидайн абун (гӀараб: عيدين). ГӀидалъул как балеб кӀиго байрам буго исламалда:

Исламалъул мазгьаабазда бан гӀидалъул как бай букӀуна суннатаблъун яги тӀадаблъун. ХӀанафияз гӀидалъул как бай важиблъун (тӀадаблъун) рикӀкӀуна[прим. 1]. Маликил ва шафигӀил мазгьабазда гӀидалъул как ккола суннату-муаккадалъун, ай, гьабизе цӀакъго лъикӀаблъун, амма хӀанбалил мазгьабалда — фарзлъун[1].

ГӀидалъул как балеб замана байбихьула, бакъ баккаралдаса 30 минут араб мехалда. Гьеб ккола зухӀадул какил заман. ГӀидалъул какил заман лӀугӀула къалъул какил заман щварабго[2].

  1. ↑ "Ruling on Eid prayers". Islam Question and Answer. Архивация оригинал, 2015-11-08. Щвей 2016-01-19. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  2. ↑ Праздничный намаз – это подарок Всевышнего верующим Islam.ru 26 октября 2012
  1. ↑ В ханафитском мазхабе ваджибом считается такое обязательное действие, отрицание обязательности которого не выводит человека из ислама. В трёх других суннитских мазхабах понятие фард и ваджиб ни чем не отличаются

Халип:Как