ГӀарани гьоркьохъеб школа, ХӀамзатил Расулил цӀаралда бугеб
ЦӀалул бакӀ | |
ГӀарани гьоркьохъеб школа, ХӀамзатил Расулил цӀаралда бугеб | |
---|---|
ГӀарани Школа | |
![]() Школалъул сурат | |
ТӀубараб цӀар | Муниципалияб пачалихъалъулаб гӀаммаб лъай кьеялъулаб гӀуцӀи «ГӀарани гьоркьрхъеб гӀаммаб лъай кьеялъул школа, ХӀамзатил Расулил цӀаралда бугеб» |
Цогидал цӀарал | гІур. Аранинская средняя общеобразовательная школа имени Расула Гамзатова |
Тарих | |
Рагьараб сон | 1930 |
ГӀуцӀи | |
Тайпа | Гьоркьохъеб школа |
Директор | ПатахӀилазул МухӀамадил СалихӀал (2016–2021) |
ЦӀалул рахъалъ кумекчӀужу | МухӀаммадгӀалилазул ГӀалил Зарипат (2021 соналде щвезегӀан) |
МугӀалимзаби | 48 мугӀалим (2021) |
ЦӀалдохъаби | 210 (2020) |
Интернат | Буго |
Адрес | |
Бугеб бакӀ | ГӀарани росу, Хунзахъ мухъ |
ХӀакъикъияб адрес | 368273, Дагъистаналъул Жумгьурият, Хунзахъ мухъ, ГӀарани росу |
Сайт | https://s1arn.siteobr.ru |
Цогидаб | Реконструкция унеб букӀиналъ лъайкьеялъул функция тӀубалеб гьечӀо |
ГӀарани гьоркьохъеб школа, ХӀамзатил Расул цӀаралда бугеб яги ГӀарани школа (тӀубараб цӀар Муниципалияб пачалихъалъулаб гӀаммаб лъай кьеялъул гӀуцӀи «ГӀарани гьоркьрхъеб гӀаммаб лъай кьеялъул школа, ХӀамзатил Расулил цӀаралда бугеб», гІур. Муниципальное казенное общеобразовательное учреждение "Аранинская средняя общеобразовательная школа им. Р. Г. Гамзатова" къокъго гІур. Аранинская СОШ им. Р. Г. Гамзатова) — Хунзахъ мухъалъул ГӀарани росдал гьоркьохъеб школа, жибги аваразул кӀудияв шагӀир ХӀамзатил Расулил цӀаралда бугеб.
ГӀарани школа кколаан Хунзахъ мухъалда ругел кӀудиял школабазул цояб ва бищун кӀудияб жиндир интернат бугеб школалъун.
2016 соналъул январалдаса байбихьун ва 2021 соналде щвезегӀан ГӀарани школалъе нухмалъи гьабулей йикӀана директор ПатахӀилазул СалихӀат.[1]
Жакъа къоялъ реконструкция гьабиялда хурхун, школалъул хӀалтӀи чӀезе тун буго.
Школалъул тарих[хисизабизе | код хисизабизе]
1930 соналъ Совет хӀукуматалъ киназего гӀаммаб бабихьул лъай щвеялъул къанун бахъизегӀан, киналго росабалӀ рукӀинчӀо школаби.
ГӀарани хъалаялда жанир рукӀана кинабго мухъалъул гӀуцӀалаби ва лъабго лъай кьолеб бакӀ:
- Авар субтехникум;
- Рекьарухъабазул гӀолилазул школа (гьенире росулаан 3–4 класс лъугӀизарурал);
- МугӀрузул мухъазул росабазе кадраби хӀадурулеб школа;
Байбихьул школалъе гьениб бакӀ букӀинчӀо. ТӀоцебесеб байбихьул школа рагьана 1930 соналъул 1 сентябралъ МухӀамадилазул МуртазгӀалил рокъоб, ЦӀада, Гиничукь ва ГӀарани росдал 7–16 сон барал лъималазе. Гьел рикьун рукӀана бугеб лъаялда рекъон. МугӀалимзаби рукӀана:
- ТӀалхӀатилазул Мухтар
- ХӀажилазул МухӀамад
- МухӀамадилазул МухӀидин
- Чупанилазул Запир
Школалъул нухмалъулев вукӀана ИлӀаса Шамилилазул ГӀали; гьединго гьений хӀалтӀулей йикӀана гӀурус учительница Дора.
1934 соналъ Авар субтехникум бахъана Шурае, Рекьарухъабазул гӀолилазул школалъул гьабуна ТӀубачӀеб гьоркьохъеб школа, гьелъул директорлъун лӀугьана авар фолклор данде бакӀарулев, авар мацӀалъул хӀакъалъул тӀахьал хъварав ГӀалиханилазул Заирбег (ДАССР-алъул мустахӀикъав мугӀалим).

ГӀарани тӀ.гь. школалъул тӀоцебесеб школа лъугӀи букӀана 1935 соналъ. Гьеб соналъул школа лӀугӀаразда гьоркьов вукӀана Хунзахъа МуртазгӀалилазул МухӀамад, жиндие кӀудиб ватӀанияб рагъулъ 9 орден щварав. ГӀарани ТӀ. Гь. школа лъугӀарал гӀемерисез гӀахьаллъи гьабуна кӀудияб ватӀанияб рагъулъ, гьезда гьоркьор ЛъагӀелухъа ГьитӀиновасасулазул ХӀайдарбег, ГӀахьалчӀиса Сайпулагьилазул МухӀамад, БакьайчӀиса ГӀалилазул МалламухӀамад ва Баринилазул ГӀабдулвахӀид.
1939 соналъ ГӀарани тӀубачӀеб гьоркьохъеб школа хисизабуна ГӀарани гьоркьохъеб школалде; директорлъун тана тӀоцебе жиндие тӀадегӀанаб лъайги щварав, чӀахӀиял классазда математикаги кьолев вукӀарав ИлӀаса ХӀажилазул МухӀамадсайгид. Гьеб заманалъ школалда хӀалтӀулел рукӀана ЧӀохъа ГӀалилазул ИсхӀакъ (физикалъул мугӀалим) ва Маклакилазул ГӀумар (математикаялъул мугӀалим), МухӀамадилазул Бадави, НурмухӀамадилазул Камалудин (военрук), МухӀамадилазул Сайгид (бабихьул классазул мугӀалим), ЗайнулгӀабидилазул АхӀмад. ХӀалтӀулел рукӀана гӀурус мугӀалимзабиги: Сталинград областалдаса Адукова Н. С. ва Воронеж областалдаса Смирнова Н. А. Школалъул цӀулул рахъалъ кумекчилъун вукӀана ХӀамзатил МухӀамад, ЦӀадаса ХӀамзатил вас.
1939–1940 соназда ГӀарани школалда хӀалтӀулев вукӀана ХӀамзатил Расул, байбихьул классазул мугӀалим хӀисабалда.
Рагъда цересел соназ ГӀарани школалда гьединго хӀалтӀулев вукӀана хадув жив Совет пачалихъалъул бахӀарчилъун вахъарав гӀурус мугӀалим Михаил Федин.[2]
1942 соналъ ГӀарани школалъул директорлъун вукӀана Степовой М., гьесда цадахъ хӀалтӀулей йикӀана гьесул чӀужу Самарченко О., математикаялъул мугӀалим.
Рагъдаса хадусел соназул тӀоцебесеб школа лъугӀи букӀана 1946 соналъ. Гьеб 10-леб классалда вукӀана микьго цӀалдохъан. Школалда тӀадегӀанаб лъай бугел мугӀалимзабиги рукӀинчӀого, цӀалдохъаби ине кколаан экзамен кьезе ЧӀохъе. Гьезда цадахъ гьениве ун вукӀана директор ГӀалисултӀанил МухӀамад.
Школалда хӀалтӀулел рукӀарал[хисизабизе | код хисизабизе]
Директорзаби[хисизабизе | код хисизабизе]
ГӀарани школалъул директорзабилъун рукӀана:
- ХӀажилазул МухӀамадсайгид
- Сулейманилазул Каримулагь
- ТӀалхӀатилазул Мухтар
- Степовой Михаил
- МухӀамадилазул Бадави
- Юсупилазул МухӀамад
- ГӀалисултӀанилазул МухӀамад
- ХӀажилазул МуртазгӀали
- ГӀабдурахӀманилазул ГӀабдурахӀман
- Хуршилазул ГӀабдула
- Сиражудинилазул МухӀамадгӀали
- Ясулазул ХӀажи
- ГӀамирханилазул МухӀамад
- Шахшалазул ХӀамзат
- Расулилазул Ислам
- ХӀамзалазул ГӀбдулатӀип
- Насухилазул МухӀамад
- РахӀматулагьилазул Заурбег
- Мусалазул Сулейман
- ПатахӀилазул СалихӀат (2016–2021).
МугӀалимзаби[хисизабизе | код хисизабизе]
ГӀарани школалъул рагъулъ гӀахьаллъи гьабурал мугӀалимзаби.
- ХӀайдарбегилазул Мансур
- ХӀусейнилазул ГӀумардибир
- Сиражудинилазул МухӀамадгӀали
- ЗайнулгӀабидилазул АхӀмад
- МухӀамадилазул Наби
- МухӀамадилазул ГӀалибулат
- ХӀамзатилазул МухӀамад
- ГӀабдулмажидов ГӀабдулмажид
- ХӀажилазул МухӀамадсайгид
- ГӀабдурахӀманилазул ГӀабдурахӀман
- Гьиматилазул МухӀамадрасул
- Аталазул МахӀач
- Аталазул ХӀусейнхӀажи
- Абакарилазул МухӀамад
- Халидилазул НурмухӀамад
- Сулейманилазул Каримулагь
- ГӀусманилазул ГӀусман
- ГӀусманилазул Заку
- МалахӀусейнилазул МухӀамад
- МухӀамадилазул Басир
- ХӀажилазул МуртазгӀали
Рагъул соназги, гьезда хадусел соназги гӀемерисел мугӀалимзаби рукӀана къватӀиса рачӀарал, бакӀалъул лъайкьеялъул система кколеб къадаралъул букӀинчӀо. ГӀарани школалда хӀалтӀулел рукӀарал къватӀиса рачӀарал мугӀалимзаби:
- Степовой М.
- Самарченко О.
- Серебрякова Б.
- Серебрякова С.
- Шардюкова
- Сухина П.
- Штефаненко Т.
- Чалова В
- Урюпина
- Кодинцова Д.
- Астратянц
- Ниженка
- Орел В.
- Катин В.
- Цупенова Р.
- Бахталовская
- Бухтова А
- Крутова В
- Кузнецов А.
- Кузнецова У
- Чантурия Л.
- Заурбеков Арсланали
- Скориков
- Толмачева А.
- Кириченко
- Сухенко
- Федин М.
- Цогоева
- Семиренова
- Афанасьева
Школалъул гӀуцӀи[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀарани школалъул букӀана 90 бакӀ бугеб интернат, боголрукъ ва 120 бакӀ бугеб кваналеб рукъ. БукӀана магӀишаталъулаб амбар ва гараж. Школалде бачун букӀана лъим. Жиндир заманалда рукӀана автодром ва лъабго машина.
Школалъул букӀана цебетӀураб лъай кьеялъулгин материалияб аслу. БукӀана цӀалул устархана (90 м2) ва 0,8 гектар бугӀеб бакӀ, цӀалдохъабазе хӀалтӀаби гьаризе. Школалда цебетӀураб букӀана спортги, школалъул азбаралда рукӀана волейболалъеги, футболалъеги, гимнастикаялъеги майданал, школалъул стадион, спортзал, гугарухъабазул зал, кьвагьдеялъул зал.
Жибго школалъул минаялъуб букӀана 23 классалъул рукъ, 17 паспорт бугеб кабинет, 15 компьютер бугеб класс. ГӀураб къадар букӀана цӀалуе къварегӀунебщинаб материалалъул.
ГӀарани школа букӀана мухъалъул аслияб школазул цояб. Гьенир гьарулаан мухъалъул спорталъулал къецал, гугарухъабазул къецӀал. Щибаб соналъ гьабулаан математикаялъул батӀи-батӀиял мухъазда гьоркьосеб олимпиада.[3] Жиндир заманалда гьабулаан Хунзахъ мухъалъул щибаб олимпиада.
Школалда жигаралда ва кӀудияб кӀваралда хӀалтӀулаан батӀи-батӀиял горсвераби; лъикӀал хӀасилал рихьизарулаан мухъалъул ва мухъазда гьоркьосел къецазда кечӀ ахӀиялъул горсвериялъ (Дагъистаналъул маданияталъул министерлъиялъ гьелъие 2002 соналъ кьуна 3-леб даражаялъул диплом, 2003 — 2-леб даражаялъул).
ГӀарани школалъул цӀалдохъабаз гӀахьаллъи гьабулаан ва бергьенлъаби росулаан мухъалъул олимпиадабазда ва цогидал цӀалул къецазда.
Гугари цебе тӀеялъе чӀезарун рукӀана киналго шартӀал. ЦӀалдохъабаз гӀахьаллъи гьабулаан ва бергьенлъаби росулаан мухъалъул жумгьурияталъул къецазда. Ахираб 10 соналда жаниб, ГӀарани школа лъугӀизабурав 4 чи вахъана спорталъул мастерлъун, цояв — спорталъул мастерасде кандидатлъун, кӀигояв — Дагъистаналъул чемпионлъун, 1 — Россиялъул Жанублъиялъул къецазул лъабцӀул бергьаравлъун.
2008 соналъ лъай кьеялъул миллияб проекталдалъун ГӀарани школалъе кьуна президентасул грант.[4]
МугӀалимзабазул коллектив[хисизабизе | код хисизабизе]
Школалъул директорлъун 2016 соналдаса 2021 соналде щвезегӀан йикӀана ПатахӀилазул МухӀамадил СалихӀат. 2021 солналде щвезегӀан ГӀарани школалда хӀалтӀулев вукӀана 48 мугӀалимги 18 техникияв хӀалтӀухъанги. МугӀалимзабазул персоналалъул рукӀана: тӀадегӀанаб педагогияб лъай бугев 44 мугӀалим, гьоркьохъеб педагоияб лъай бугев — 4, тӀадегӀанаб категориялъул 6 мугӀалим, тӀоцебесеб категориялъул 24 мугӀалим, кӀиабилеб категориялъул — 17; РСФСРалъул лъай кьеялъул отличник — 1 чи; Дагъистаналъул лъай кьеялъул «отличник» — 3 чи; Россиялъул халкъияб лъай кьеялъул мустахӀикъав хӀалтӀухъан — 2 чи.
ЦӀалдохъаби ва выпускникал[хисизабизе | код хисизабизе]
ГӀарани школалъ 2021 соналде щвезегӀан къватӀиве виччана 3000 гӀансев цӀалдохъан, 2021 соналъ букӀана 81-б цӀалдохъаби къватӀире риччай (81 выпуск).
Меседил медаль щварал цӀалдохъаби[хисизабизе | код хисизабизе]
Реконструкция[хисизабизе | код хисизабизе]
2021 соналдаса байбихьун унеб буго школалъул реконструкция, лъай кьеялъулаб иш чӀезе тун буго. Школалда хӀалтӀухъабиги мугӀалимзабиги яги цогидал школабазде ритӀун, яги гӀодор тун руго, цӀалдохъабиги цогидал школабазде ритӀун руго.
ГӀарани школалда цӀаларал машгьурал гӀадамал[хисизабизе | код хисизабизе]
- ХӀамзатил Расул — аваразул кӀудияв шагӀир, Социализмалъул хӀалтӀул БахӀарчи, Андрей ТӀоцевеахӀарасул Орден щварав, Ленинил ва Пачалихъияб шапакъатазул лауреат, халкъаздагьоркьосел «Фирдоусил», «Христо Ботевасул» ва «20 гӀасруялъул поэзия» шапакъатазул лауреат;
- ГӀалилазул Гьимбатил МухӀу — Дагъистаналъул тӀоцевесев президент;
- МухӀамадов МухӀамадил АхӀмад — СССРалъул гӀелмабазул академиялъул член-корреспондент, ДПУ ва ДППУ ялъул ректор;
- ХӀамазатилазул ХӀамзатил ХӀажи — СССРалъул ва Россиялъул гӀелмабазул академиялъул член-корреспондент, Дагъистаналъул тарихалъул, мацӀалъул ва адабияталъул институталъул директор;
- МухӀамадилазул МухӀамадил Дибир — тарихиял гӀелмабазул доктор;
- Шигьабудинилазул ХӀамзатил МухӀамад — тарихиял гӀелмабазул доктор, ДППУялъул кафедралъул заведующий;
- Айтберилазул Айтберил МухӀамад — илологиял гӀелмабазул доктор, ДППУялъул кафедралъул заведующий;
- ГьитӀинасулазул МухӀамадил Наби — медицинаялъул гӀелмабазул доктор;
- ГӀалилазул Набил Расул — медицинаялъул гӀелмабазул доктор;
- Хочбарилазул МухӀамадил Загьид «Мостстрой» гӀуцӀиялъул генералияв конструктор;
- ГӀумарилазул МухӀамадкъадил МухӀамад — гӀелмабазул доктор, Новгородалъул Росдал магӀишаталъул Академиялъул профессор;
- КъурбангӀалилазул ХӀосенил МухӀамад — тарихиял гӀелмабазул кандидат, Москваялъул маданияталъул университеталъул доцент;