Перейти к содержанию

Айтберов, МухӀамадил Тимур

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Айтберов, МухIамадил Тимур» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

МухIамадил Тимур Айтберов (гьавуна 1947 соналъ МахIачхъалаялда) - машгьурав магIарул гIалимчи, тарихчи ва таржамачи. Дагъистаналъул хIукуматияб университеталъул мугIалим, лингвист, этнограф[1].

Россиялъул гIелмияб академиялъул ва тарихиял гIелмабазул тохтур[2]. Бакъбаккул Кавказалъул тарих хIакъалъулъ гьес басмаялда бахъана 7 тIехь.

Лъала авар, гIурус, немец, гIараб ва парс мацIал.

Гьединго гьев ккола спорталъул устарлъунги, РСФСРалъул эркенаб гугариялъул чемпионлъунги.

Тарихчи Айтберов Тимурица къватIибе биччараб «I74I соналъ бакъбаккул Кавказалда ккараб рагъуда тIаса баянал» абураб тIехьалъ гIезегIан хъуй гьабуна Дагъистаналда, хасго авар миллаталда гьоркьоб. Тарихиял лъугьа – бахъиназда тIаса кьурал баянал гIемерисел авараз къабул гьаруна.

  1. ^ "МАГIАРУЛ МАЦI БИЦИНЕ НЕЧОГЕ". Архивация оригинал (2014-08-15). Щвей 2014-08-27. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  2. ^ "Тимур АЙТБЕРОВ, доктор исторических наук, ДГУ, сопредседатель фонда поддержки культуры, традиции и дагестанских языков". Архивация оригинал (2023-12-05). Щвей 2014-08-25.