Перейти к содержанию

Хъазах мацӀ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Хъазах
Qazaq
қазақша яги қазақ тілі
qazaqşa яги qazaq tılı
قازاقشا or قازاق ٴتىلى
Абулеб куц[qɑzɑqˈʃɑ]
[qɑˈzɑq tɘˈlɘ]
Территория Хъазахстан, Чин, Монголия, Россия, Хъиргъизия, Узбекистан
РегионЦентралаб Азия
(Туркестан)
ЭтниклъиХъазахал
КӀалъалел
17 миллион (2024 ценз)[1]
Хъазах алфабет (Хъазах Брайл)
Официалаб статус
Официалаб мес
Хъазахстан
Россия

Чин


Регулация гьабиКултуралъулги спорталъулги министри
Хъазахстаналъул Республикалъул гӀелмуялъулги тӀадегӀанаб лъайкьеялъулги министри
МацӀалъул кодал
ISO 639-1kk
ISO 639-2kaz
ISO 639-3kaz
Glottologkaza1248
Linguasphere44-AAB-cc
Хъазах-кӀалъалеб дунял:
  хъазах цӀикӀкӀанисезул мацӀ бугел регионал
  хъазах дагьбутӀадул мацӀ бугел регионал
Гьанир руго ИФАлъул фонетикиял симболал. Кколеб кверчӀвай гьечӀони, нужеда бихьизе бегьула гьикъул гӀужур, ункъбокӀон, яги цогидал симболал Юникодалъул гӀужразул бакӀалда. ИФА симболазе байбихьул нухмалъи балагье гьаниб: Квеки:ИФА.
Хъазахалда кӀалъалев, Тайваналда бахъараб
Хъазахалда кӀалъалев, Хъазахстаналда бахъараб

Хъазах (абул куц [qɑzɑqˈʃɑ] яги [qɑˈzɑq tɘˈlɘ])[3][4]туркияб мацӀ, жиб хъипчахъ гӀаркьалиде кколеб ва жинда Гьоркьохъеб Азиялда ругел хъазахал кӀалъалеб. Эб гӀагараб буго нугъай, хъиргъиз ва хъарахъалпахъ мацӀазде. Эб ккола Хъазахстаналъул официалаб мацӀ, гьединго элъул официалаб статус буго Россиялъул Алтай Республикалдаги. Гьединго эб буго дагьбутӀадул мацӀ Синцзянгалъул Или Хъазах Автономияб префектуралда (Чин), ва БакътӀерхьул Монголиялъул Баян-Олгии провинциялда. МацӀалда кӀалъала гӀемерисел этникиял хъазахал букӀара Совет Союзалъул территориялда (гӀ-ш. 472,000 чи Россиялда, 2010 соналъул цензалда рекъон), Германиялда, ва Туркиялда.

Цогидал туркиял мацӀалго гӀадин, хъазах буго агглутинативияб мацӀ, рагьаразул гьармонияги хӀалтӀизабулеб. Ethnologue-алъ рикӀкӀуна лъабго цоцада бичӀчӀулеб диалектияб група: хьондасеб бакъбаккулаб хъазах — бищун тӀибитӀараб вариант, жиб гьединго официалаб мацӀалъул кьочӀолӀ бугеб, — бахъдасеб къазах ва бакътӀерхьул хъазах.

Географияб тӀибитӀи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Хъазах мацӀалда кӀалъалел (аслияб куцалъ хъазахал) руго гӀатӀидаб территориялда Тян Шаналдаса бахъараб бакътӀерхьуда Каспий ралъдал рагӀаллъуде щун. Хъазах буго официалаб пачалихъияб мацӀ Хъазахстаналда, элда кӀалъала гӀагарун 10 миллион чи (CIA World Factbook-алдаса[5] популациялъулги хъазахалда кӀалъалезул рикӀкӀадулги информациялда рекъон).[6]

Чиналда, гӀагарун кӀиго миллион этникиял хъазахал ва хъазалда кӀалъалел руго Синцзянгалъул Или Хъазах Автономияб префектуралда.

Туркиял мацӀазул хъипчахъ гӀаркьел, жиндаса хъазах мацӀ лӀугьараб, аслияб куцалъ щулалъана Меседил Урдуялъул мехалда. РикӀкӀуна гьанжесеб хъазах мацӀ бакканилан шагарго 1465 соналда Хъазах ханлъи лӀугьингун. Батизе бегьула гьанжесеб хъазах мацӀ Тимурилал жинда кӀалъалеб букӀараб чагъатай турк мацӀалъулги, гьединго Меседил Урдуялда жинда кӀалъалел рукӀараб хъипчахъ турк мацӀалъул рател букӀин.

Хъазахаз хӀалтӀизабулаан жидерго мацӀ хъвазе гӀараб графика гӀ-ш. 1929 соналде щвезегӀан. 1900-л саназул байбихьуда хъазах активист АхӀмад Байтурсынулыца реформа гьабуна хъазах-гӀараб алфабет, амма эсул хӀалтӀи цӀикӀксанипеб рахъалъ букӀана къинабулеб Гьоркьохъеб азиялде щвараб совет режималъ. Гьебго мехалда совет режималъ хъазахал тӀамуна цин латин хъвай хӀалтӀизабизе, цинги 1940-абилел саназда босизабуна кириллица. Жакъаселъ хъазахаз хӀалтӀизабула мацӀ хъвазе кириллиябги латинги хъваял, 2017 соналдаса президентасулаб декреталдалъун 2031 соналдехун кириллиялдаса латиналде алфабет бачин лъазабун букӀаниги.

Фонологияги ортографияги

[хисизабизе | код хисизабизе]

Хъазахалда буго мацӀалзул кьолболаб рагьаразулаб гьармония, дагьалъ цегӀан цогидал мацӀаздаса рагӀабазулӀ (гӀемериселъ гӀурусниги гӀарабниги лӀугьен бугел) хутӀизегӀан. Гьединго буго гургинлъул гьармониялъул система, хъиргъизалъулалда релълъенлъи бугеб, амма элъулаб гӀадин щулаго хӀалтӀизабулареб ва ортографиялда бихьизабулареб. Эб система билӀинабула цохӀо тӀасиял рагьаразе /e/, /ɪ/, /ʏ/, амма /ɑ/ гьаркьие гуреб, ва эб батула хадусел силлабабазда.[7] Гьедин, (латин хъвавуда) jūldyz 'цӀва', bügın 'жакъа', ва ülken 'кӀудияб' унгоги абула jūldūz, bügün, ülkön гӀадин.

Хадусеб таблоялда рихьизарун руго стандартаб хъазах мацӀалъул рагьукъазул инвентар;[8] гьаркьазул гӀемерисел, кин батаниги, руго цогидал гьаркьазул аллофонал яги ратула дагьалъ церегӀан цогидал мацӀаздаса рачӀарал рагӀабазулӀ. 18 Рагьукъаб фонема, Вайдаца рехсараб, кьун буго парентезиз гьечӀого — эл фонемаби рукӀиналъги, эзул рехсарал артикулациялъул бакӀги куцги цӀакъ гӀаммал ва рихьизарураздаса батӀиялги рукӀине бегьиялъги (/t͡s/ лъедерго гурони данчӀваларо гарулӀ). Хъазах мацӀалда буго 19 жиндиргосеб рагьукъаб фонема; элги руго стопал /p, b, t, d, k, ɡ, q/, фрикативал /s, z, ɕ, ʑ, ʁ/, назалал /m, n, ŋ/, латералал/ɾ, l/, ва кӀиго глайд /w, j/.[9] Гьаркьал /f, v, χ, h, t͡s, t͡ɕ/ ратула цохӀо къватӀиса рачӀарал рагӀабазулӀ. /ʑ/ рагӀула алфеолопалаталаб аффрикат [d͡ʑ] гӀадин Синцзянгалъул (Чин) ва Узбекистаналъулги хъазах диалектазда. Гьаркьал [q]-ги [ʁ]-ги рукӀине бегьула анализарун /k/ ва/ɡ/ гьаркьазул аллофонал гӀадин нахъисел рагьарал ругел рагӀабазулӀ, гьоркьоса бахъи данчӀвала цогидал мацӀаздаса рачӀарал рагӀабазулӀ.

Хъазах рагьукъал фонемаби[10]
Лабиал Алвеолар (Алвеоло-)
палатал
Велар Увулар
Назал m ⟨м/m⟩ n ⟨н/n⟩ ŋ ⟨ң/ñ⟩
Плозив voiceless p ⟨п/p⟩ t ⟨т/t⟩ k ⟨к/k⟩ q ⟨қ/q⟩
voiced b ⟨б/b⟩ d ⟨д/d⟩ ɡ ⟨г/g⟩
Фрикатив гъугъаб s ⟨с/s⟩ ɕ ⟨ш/ş⟩ (χ) ⟨х/h⟩
зирараб z ⟨з/z⟩ ʑ ⟨ж/j⟩ (ʁ) ⟨ғ/ğ⟩
Аппроксимант l ⟨л/l⟩ j ⟨й/i⟩ w ⟨у/u⟩
Тэп ɾ ⟨р/r⟩
  • Зирарал обструентал силлаб-финалалда гъугълъун лӀугьуна.[7]

Хъазахалъул буго 12 фонемикияб рагьаралъул система, эзула 3 ккола дифтонг. Гургинлъул контраст ва /æ/ аслияб куцалъ баккула фонема гӀадин рагӀул тӀоцӀебесеб силлабалда, амма букӀине бегьула хадубги аллофоникалго; ралагье гьармониялъул бутӀада гъоркьегӀан цӀикӀкӀун информациялъе. Амма,/æ/ гьаракь гъорлӀе бачӀун буго гӀараб, парс ва хадуб татар мацӀазул асар сабаблъун Исламияб периодалда.[11] Эб батизе бегьула цо-цо гӀодосанго хъазах рагӀабазулӀги, кин букӀаниги.

  1. ^ Хъазах at Ethnologue (27th ed., 2024) Closed access icon
  2. ^ "Статья 4. Правовое положение языков | ГАРАНТ".
  3. ^ "Произношение букв – kazaktili.kz" (in русский). kazaktili.kz. Щвей 12 декембер 2022.
  4. ^ "Kazakh (Қазақ тілі / Qazaq tili / قازاق ٴتىلى) – Omniglot" (in английский). Щвей 12 декембер 2022.
  5. ^ "Central Asia: Kazakhstan". The 2017 World Factbook. Central Intelligence Agency. 26 октобер 2017. Щвей 31 октобер 2017.
  6. ^ "TITUS Didactica: Language Map: Turkic languages: Map frame". titus.fkidg1.uni-frankfurt.de. Щвей 3 август 2023.
  7. ^ a b "Произношение букв | kaz-tili.kz". kaz-tili.kz. Щвей 3 август 2023.
  8. ^ Цо-цо вариантал данчӀвала хъазахалда кӀалъалел батӀи-батӀиял регионазда, Хъазахстан тун хъватӀибги; м. б. ж / ج (гьанжесеб уйгъур алфабеталда релъарал гӀараб хъвай хӀалтӀизабулелъуб) цӀалулеб куц буго [ʑ] iстандарталда, амма [d͡ʑ] цогидал бакӀазда.
  9. ^ Öner, Özçelik. Kazakh phonology (PDF) (Thesis). Cambridge University.
  10. ^ Vajda, Edward (1994), "Kazakh phonology", Гъоркь: Kaplan, E.; Whisenhunt, D. (редл.), Essays presented in honor of Henry Schwarz, Washington: Western Washington, гьл. 603–650
  11. ^ Wagner, John Doyle; Dotton, Zura. A Grammar of Kazakh (PDF). Архивация оригинал (PDF) (26 март 2023).

ТӀадеги цӀалуе

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • Kara, Dävid Somfai (2002), Kazak, Lincom Europa, ISBN 9783895864704
  • Mark Kirchner: "Kazakh and Karakalpak". In: The Turkic languages. Ed. by Lars Johanson and É. Á. Csató. London [u.a.] : Routledge, 1998. (Routledge language family descriptions). S.318–332.
  • Халип:Cite JIPA

КъватӀисел линкал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Халип:Wikivoyage