Халип:Портал:Аваристан/ТӀасбищараб макъала

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ТIАСБИЩАРАБ МАКЪАЛА


Авар мацӀ (aw.ˈar mat͡sʼː) яги магӀарул мацӀ (ma.ˈʕa.rul mat͡sʼː) — ккола Бакъбаккул Кавказалда (тарихияб Аваристаналда) жиб бугеб Нахгун-Дагъистаналъул хъизаналъул, Авар-гIандисезул-цІунтІасезул гIаркьелалъул Авар-гIандисезул къокъаялъул мацIлъун.

Авар мацІ тІибитІун буго аслияб къагІидаялъ Дагъистаналда ва ЦІоралда, буго гьединго Чачаналъда, бакъбаккул Хъизихъалда, ва Туркиялда ругел авар мужагьирзабазда гьоркьоб. Ккола Дагъистаналъул расмиял мацІазул цояблъун, гьединго Дагъистаналъул бакътІерхьуда, ай тарихияб Аваристаналда бугеб лингва франкалъун (БолмацI). Авар адабияталъулаб мацІалъул кьучІалда буго гьебго БолмацI — магӀарухъ гӀумру гьабун ругел гьитӀинал тухумазул ва тайпабазул жидедаго гьоркьоб бо (аскар) бакӀарараб мехалъ бицунеб букІараб мацӀ, жибги авар мацIалъул шималияб тІадкаламалде гъорлъе кколеб. КІалъалезул къадар бахуна цо миллионалде.

Авар мацІалъул фонетикияб гІуцІиялда буго гІатІидаб рагьукъал гьаркьазул (консонантазул) система, жиндида жаниб къвакІаралги (геминатал) лабиалиял рагьукъалги ругел. Рагьараб гьаракь адбияталъулаб авар мацІалда буго щуго, гьел руго гІадатал, кирго абула кӀудияб хиси ккечӀого, ай аллофонлъи гьечӀого, амма адабияталъулаб мацІалде бищун гІагараб кколеб хундерил мацІалъул сверелалъул гаргаразда дандчӀвала халатал рагьарал гьаркьалги. (жеги цIализе...)