ГӀумар Хулуси Апанди Дагъистанли

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ГІумар Хулуси Апанди Дагъистанли» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
ГІумар Хулуси Апанди Дагъистанли
тур. Ömer Hulusi Efendi Dağıstanlı
Байрахъ
Байрахъ
Вакъпабазул ишазул министр
Байрахъ
Байрахъ
март 1920 сон — апрель 1920 сон
Цеве вукІарав: МухІаммад ХІамди Язир
Хадув вачІарав: МустІапа ХІилми Паша
Байрахъ
Байрахъ
ГІусманияб империялъул шайхулислам
Байрахъ
Байрахъ
14 октябрь 1918 сон — 8 ноябрь 1918 сон
Байрахъ
Байрахъ
ГІусманияб империялъул Кассациялъулаб судалъул шаргIалда рекъон ишал тIуралеб комитеталъул нухмалъулев
1917 сон — ?
Байрахъ
Байрахъ
ГІусманияб империялъул Диниял ишазул цІех-рех гьабулеб комиссиялъул бетІер
? 1912 сон — ?
 
Дин: Ислам
Гьави: 1857
Гьидалъ жамагІаталъул росабазул цоялда, Дагъистан
Эмен: МухІамад-ГІали
Миллат: МагІарулав
ГІелмияб даража: шайхулислам
Хъулухъ: Сиясатчи, исламалъул гІалимчи

ГІумар Хулуси Апанди Дагъистанли (тур. Ömer Hulusi Efendi Dağıstanlı) (1857 Дагъистан - ? Истамбул) - ГІусманияб империялъул сиясатчи, гІалимчи, шайхулислам.

Биография[хисизабизе | код хисизабизе]

Дагъистан халкъазул гIараб мацIалда букIараб адабияталъул гIелмияб цIех-рех гьабурав, гьелъие тIадегIанаб къимат кьурав академик И.Ю. Крачковскиясул руго гьадинал рагIаби:

«ТIолабго бусурман дунялалъул вакилзабазе киназго къабул гьарурал авторитеталлъун рукIунаан дагъистаниял жидерго ватIан тун къватIирехунги».

Гьел рагIаби ритIухъ гьарулел мисалал магIарул тарихалдаса рачине бегьула гIемерал. Масала, Къудукьа Мусаласул, Гьидалъа Ибрагьим-хІажиясул, Хунзахъа Дибир-къадил, ГІаймакиса Абубакарил, имам Шамилил, Миякьоса ГIумар-хIажи Зиявудинил, ХӀоцоса Нажмудинилги гьесул вац ГIабдулатIипилги ва гьел гурел гIемерал цогидазулги гIумру ва гIелмияб хIаракат абадиялъ лъугьана миллияб ва исламияб тарихалде жанибе.

Амма руго жеги нилъеда лъаларел, рагIичIел, ватIаналда кIочон тарал цIаралги, чияр ракьалда жал загьирлъарал, батIиял пачалихъазул тарихалда жидеца гвангъараб лъалкI тарал. Гьединазул цоявлъун ккола ГIумар Хулуси-апанди Дагъистанли, жиндир хIакъалъулъ цIакъ мукъсанал гурони баянал гьечIев магIарулав.

ГIумар Хулуси-апанди гьавуна 1857 соналда Дагъистаналда, Гьидалъ жамагІаталъул росабазул цоялда МухIамад-ГIали абурав гIалимчиясул хъизамалда. ГIараб гIелмуялъул байбихьияб лъай гьесие щвана ватIаналда.

ХIХ гIасруялъул 70-абилел соназда ГIумар гочана Турциялде, амма гьечIо баянал живгойищ гьев гьениве арав, ялъуни гIагарлъи-хъизангун цадахъищали.

Турциялда ГIумарица камил гьабуна жиндирго лъай-гIелму, хасаго гьес цIалана фикъгьи. Гьениб гьесие щвана ижазаги. Гьелдаго цадахъ Бурса шагьаралда ГIумарица лъугIизабуна педагогикияб училищаги. Хадуб гьев цIалана Судиябазул школалдаги. Гьедин гьес цадахъ бачана мугIалимасулги судиясулги хIалтIи.


Хъулухъал[хисизабизе | код хисизабизе]

ЛъикIаб лъайги бажариги бугев ГIумар Хулуси 1912 соналда тIамуна ГІусманияб империялъул Диниял ишазул цIех-рех гьабулеб комиссиялъул бетIерлъун. Гьелдаса хадуб гьев вищана Анатолиялъул ТIадегIанаб рагъулаб судалъул членлъун.

1917 соналда ГIумар Хулуси-апанди тIамуна ГІусманияб империялъул Кассациялъулаб судалъул шаргIалда рекъон судалъулал ишал тIуралеб комитеталъул нухмалъулевлъун.

Гьеб букIана турказул пачалихъалъе цIакъ захIматаб заман. Улкаялъе нухмалъи гьабулеб букIараб гIолохъантурказул «ИттихIад ва тIаракъи» абураб партиялъ ГIусманияб империя жигараб куцалда цIан букIана ТIоцебесеб дунялалъул рагъулъе. Турказул пачалихъ Алманиягун ва Италиягун цадахъ багъулеб букIана Антантаялъул къуватазде данде. Империялъул ахIвал-хIал букIана цIакъ захIматаб бакIалде ккун: чIунтараб экономика, хIалтIи гьечIого хутIарав аза-азар чи, биххун инеб пачалихъ, къойилго гIадин хисулел хIукуматал ва гь. ц.

Гьедин, цIи гIуцIараб иргадулаб АхІмад Иззет-пашал кабинеталде улкаялъул шайхулисламасул хъулухъ тIубазе ахIана ГIумар Хулуси-апандиги. Гьеб хъулухъалда гьев цIакъ дагьаб болжалалъ гурони хутIичIо – 1918 соналъул 14 октябралдаса 1918 соналъул 8 ноябралде щвезегIан.

Хадусеб, Карзег СалихІ-пашал хIукуматалда ГIумар Хулуси-апанди тIамуна вакъпабазул ишазул министрлъун. Гьенивги гьев халат хутIичIо, щай гурелъул гьев дандечIарав вукIана доб мехалъ турказул ракьалда рукIарал Антантаялъул къуватаз Ататюркил нухмалъиялда гъоркь миллиябгун эркенлъиялъул хIаракаталде данде рагъ гьабиялда. Гьеб сабаблъун ГIумар Хулуси-апанди кабинеталъул бетIер Карзег СалихI-пашагун цадахъ хIукуматалдаса нахъе ана.

ВатIан тун рикIкIад вугониги, ГIумарилъ букIана магIарул яхI-намусги, гIаданлъиги, жиндирго чагIазе, магIарулазе кумек гьабизе гъираги. Гьале гьеб пикру тасдикъ гьабулеб цо мисал. 1918 соналда Турциялде васал цIализе лъезе арав шагIир ЧІохъа Абакар-хIажияв дандчIвала гьеб заманаялъ шайхулисламлъун вукIарав ГIумар Хулусигун. Гьидалъисес квербакъула Абакар-хIажиясе гьесул васал цIализе лъезе. Гьеб хIужа шагIирас загьир гьабула «Турциялда хутIарал васазде» абураб жиндирго кочIолъ:

Дунял къварилъана, нухал къотIана, Нахъе дун вуссине рес къотIун ккана, Ункъо-щуго моцIалъ гьенив хутIана. Лъимал цIалде къезе бакI шоларого, Бищун кIудаб ургъел гьезул букIана. Ахир дова чIарав Гьидалъа ГIумар, Шайхулислам ватун – сабаблъун ккана.


Пайда босизе адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

  • H. Adnan Önelçin «Nutukun İçinden». İstanbul, 1981;
  • Sefer E. Berzeg «Türkiye Kurtuluş Savaşında Çerkes Göçmenler». İstanbul, 1990.

ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]